Микьабилеб июналда кӏодо гьабуна Социалияб хъулухъалъул хӏалтӏухъанасул къо. Гьелда бан, Махӏачхъала шагьаралъул администрациялъ шапакъатал кьуна рехсараб хъулухъалъул бищунго лъикӏал хӏалтӏухъабазе. Кьуна шапакъаталгун сайгъатал гурхӏел-рахӏмуялъулал фондазеги.
Республикаялда коронавирусалъул инфекция тӏибитӏулеб заманалда халкъалъе кумекалъе эхетана «Инсан» фондалъул хӏаракатчагӏи. Гьез щвезаруна ресукъал хъизамазе кванил нигӏматалги дарабиги. Фондалъул нухмалъулев Мухӏамадрасул Ахӏмадовасе кьуна «Борч ва намус» («Долг и честь») абураб медаль – социалияб жигарчилъиялъухъ ва инсан вокьи куцаялъухъ.
Шапакъат кьолаго, Махӏачхъала шагьаралъул Херазул советалъул председатель, Ветераназул советалъул президиумалъул член Гӏабдулмутӏалиб Хӏамзатовас гьадин абуна: «Инсан» фонд буго Северияб Кавказалдаго бищун кӏудияб социалияб рахъалде гьетӏи бугеб жамгӏияб гӏуцӏи. Гьелъул жигарчагӏаз кумек гьабула Россиялъул батӏи-батӏиял субъектазда гӏумру гьабулел ресукъал хъизамазе. Дагъистанияз кӏудияб баркала кьолеб буго Мухӏамадрасул Ахӏмадовасеги гьесул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏулел гӏолилазеги – республикаялъе захӏматаб заманалда кумекалъул квер бегьаралъухъ, жамгӏияталъул социалиял масъалабазде кӏваркьеялъухъ, нужер махщелчилъиялъухъ», -ан.
«Баркала. Ниж цӏакъ рохана «Инсаналъул» хӏаракаталъухъ медаль кьеялдаса. Гьайгьай, гьеб нижеца къабул гьабула дагъистаниязул божилъи хӏисабалда ва, Дагъистаналъеги дагъистаниязеги лъикӏлъи гьабиялъул мурадалда, жеги лъикӏ хӏалтӏизе хӏаракат бахъила», -ян абуна Мухӏамадрасул Ахӏмадовас.