Гьал къоязда нахъеги хабар ккана Гумбет районалдасан унеб Чачан республикаялъулгун гӏорхъода тӏасан.
Абулеб букӏана рачӏун гьенирегун чачаназ жидерго бакӏ бихьизабулел игӏланал чӏван ратанилан. Гьелъ цӏидасан хъуй бахъана интернеталда. Цо-цояз гьеб хабар миллатчилъиялдецин сверизабизехъин букӏана.
Амма Гумбет районалдасан щвараб баяналда рекъон, игӏланал гурел, гьадинго тӏилал чӏван рукӏун руго гьенир. Гьанже нахъе рахъунги руго.
Районалъул бетӏерасул заместитель Малик Маликовас «Хӏакъикъаталъе» бицана интернеталда хъвалеб куцалда хӏалуцунги гьечӏила гьеб суалалда сверухъ ахӏвал-хӏал, гьабсагӏаталда кӏиябго республикаялъул нухмалъулез тӏубазабулебги бугила гьеб.
Бицен гьабулеб гӏурхъи буго мелъелтӏисез гӏи-боцӏи кваназабулеб мегӏер-гӏалахалда.
Гьеб росулъа гӏадамаз газеталъе кьураб баяналда рекъон, гьениб буго 160 гектар. Гьединлъидал, гӏорхъи чӏван хадуб, жал гьел ракьаздаса махӏрумлъилин абураб хӏинкъи буго гӏадамазул.
Умумузул заманалдасанго цин жидеца, цин чачаназ хӏалтӏизарулел ракьал рукӏанин гьелиланги тасдикъ гьабуна мелъелтӏисез. Амма киданиги кӏиябго миллаталда гьоркьоб дагӏбаги ккун букӏинчӏила ракьазда хурхун.
Гьеб суалалда тӏасан 3 июналда инстаграмалда хъвай-хъвагӏай гьабуна ЧРялъул парламенталъул спикер Мухӏамад Давудовас. Жидее чияр ракьал хӏажат гьечӏинги абулаго, гьес бичӏчӏизабулеб буго гьеб ракь жидер букӏиналъе нугӏлъи гьабулел, советияб заманалдаго рахъарал картаби ругиланги.
Мухӏамад Давудовас ДРялъул нухмалъулев Владимир Васильевасде хитӏаб гьабуна, рачӏайин, нилъ гӏорхъабазул суалалде тӏад руссинеянги.