Республикаялъул Динияб идараялъ баркала загьир гьабуна гӏидалъул къоялъ халкъ къватӏибе бахъинчӏого чӏаралъухъ. Рокъоса къватӏире рахъунгеян гӏадамазда гьарулеб бугелдаса кӏиго моцӏидасаги цӏикӏкӏун заманги бана. Амма гӏемерисез гьеб гьариялъул сан гьабичӏо. Сордо-къо батӏа гьабичӏого добе-гьанибе женжелеб букӏана халкъ. Гьелъул кинаб хӏасил ккарабали гьаниб такрар гьабиларо. Хваразулги захӏматго унтаразулги хӏакъалъулъ баян кьечӏеб номер букӏинчӏо нужеца гьабсагӏат цӏалулеб газеталъулги.

Гьебго ахӏвал-хӏал буго жакъаги. Хасго Каспийскиялдагун Махӏачхъалаялда гьоркьоб бугеб нух рагьаралдаса тӏубанго чӏаголъана шагьаралда гӏумру. РФялъул Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъ, ахӏвал-хӏал лъаледухъ лъикӏаб рахъалде хисанин абуниги, гӏорхъичӏваялъул низам бигьа гьабизе гӏедегӏугеян абуна гьал къоязда. Цо ккураб къагӏидаялъ, малъарабги гьабун, гьикъарабги бицун магӏарухъ ругин абизе бегьула гӏадамал, тадбиралда хадурги рилъун. Магӏирукъалги къана, хабадеги хьвадичӏо, рузманалдеги инчӏо. Хасго гьеб тадбир буголъи загьирлъана кӏалбиччанкъо тӏаде щварабго.

Гьанже щайха ал малъарабги гьабун рокъор чӏарал? «Цӏикӏкӏарални киса гурони раккулел, цониги лъимер бихьичӏо жакъа къватӏиб», -илан бицунеб рагӏулаан руччабаз, кӏалбичанкъоялъул бакъаниде. Гьел божун рукӏинчӏо, гӏакълу гьечӏел лъимал кодор къучӏбигун жидехъе раккиларин абураб харбида. Гьелъ чангиял цереккунго хӏадурун рукӏана гьезие кьезе сайигъат-саламги къачӏан. Амма гӏадада ккана гьезул бакъвараб хӏаракат. Исанасеб кӏалбиччанкъоялъул аслиял «герояллъун» лъимал гурел, рукӏана телефоналгун гаджеталги, ватцапги, инстаграмгун телеграмги. Рогьаралдаса рукӏкӏинегӏан гӏидалъул къо баркун цоцазде кӏалъалел, аза-азар рисалатал ритӏулеб хутӏана гӏалам. «Гьадинабги заман бачӏинилан цо анцӏго соналъ цебе бицун букӏарабани, щивдай божилаан?» Гьеле киназго цоцазда абулеб букӏараб калам.

Сунцаха халкъ кантӏизабураб? Гьеб суалалда тӏасан жидерго пикраби гьадин загьир гьаруна нижер редакциялъе экспертаз.

Кватӏун бачӏараб кантӏи

Халил Халилов, ДРялъул Экономикаялъул министерствоялда цебе бугеб Жамгӏияб советалъул вакил:

«Карантиналъул низамалъул бицунел, Роспотребнадзоралъ рихьизарурал тӏалабазул хӏакъалъулъ документал хӏадур гьаричӏо хӏакимзабаз. Гьеб хурхараб букӏине кколаан, сапараздаса руссунел гӏадамазда аскӏоре къагейин, бертабазде, тагӏзиятазде унгейин ва гьел гурел цогидалги малъа-хъваязда. Гьединал тӏалабал рукӏинчӏин гьезулин абиларо, рукӏана, амма кьварарал тадбирал гьаричӏо. Гьеб куцалда кӏиго-лъабго моцӏида жаниб эпидемия киса-кибего тӏибитӏана ва гьелъул гӏорхъолъа рорчӏарал хӏасилал рихьарабго гурони халкъги кантӏичӏо. Цоцада аскӏоре ине жалго жидецаго гьукъани гурони, гьаб гӏузру тӏагӏунарилан абураб пикру щулалъана гьезул ботӏролъ. Гьелдаса хадуб гӏадамал рокъор чӏана, бертабалъеги инчӏо, гьоболлъухъеги хьвадичӏо, тагӏзияталги къана».

Тохтурзабиги божулел рукӏинчӏо

Гӏабдула Хӏажиев: Республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялда цебе бугеб Жамгӏияб советалъул вакил.

«Кӏиго моцӏалъ, гьанжего гьанже гьаб гӏузру республикаялда тӏибитӏизе байбихьарабго, цо чӏванкъотӏараб, кьучӏаб пикру букӏинчӏо гӏадамазул гьелда тӏасан. Гӏемерисел божулел рукӏинчӏо гьеб унти хӏакъикъаталдаги хӏинкъи цӏикӏкӏараб, цӏодорлъи гьабизе кколеб букӏиналда. Цо-цо тохтурзаби байбихьуда божулел рукӏинчӏо гьелда. Гьарулел тадбиразулги букӏинчӏо цо кьварараб низам. Гьелъги хутӏа-хутӏарабги вас-васалъе ккезабуна халкъ. Сон кӏалъан вачӏана дирго цо гьудул-гьалмагъ. Больницаялда вугин вегунилан бицана. Вахӏ, щибин ккарабилан гьикъидал, бицана кӏиго моцӏалъ рокъоса къватӏире рахъинчӏогоги чӏун, анкьалъ цее гӏадин базаралде арай чӏужу ячӏанила унтиги босун рокъое. Гьеле гьединги кколеб бугоха, кигӏан цӏуна-къай гьабулелилан рукӏаниги дагьаб жо гӏолеб буго унти бахине.

Ахирги бичӏчӏанаха гӏадамазда, жалго жидецаго цӏуничӏони, лъицаниги мун цӏунуларевлъи. Гӏидалъул къоялъ умумузул хабаде зияраталъ инчӏогоги, хирияб къо баркун гьоболлъухъе хьвадичӏого чӏолеб букӏинчӏеб халкъ кантӏана муфтиясул хитӏабалдаса хадуб ва исана гьел рокъор чӏана. Рокъор чӏана гӏемераб жоялъ кантӏизарун. Хӏадисалда буго, хвелги гьеб вагӏза бугин бусурбанчиясейилан. Анцӏ-анцӏккун, къо-къоккун гӏадамал холел ругеблъи бихьараб мехалъ, чи кантӏичӏого вукӏинищ?»