Кьилимагӏарде гьабураб сапаралъул ялъуни, кьурул сирталги квегъун, магӏарде лъим бачараб куцалъул хӏакъалъулъ репортаж.
Жакъа бицине буго бацӏцӏадаб магӏарухълъи гъорлъ бессараб сапаралъул хӏакъалъулъ. Коронавирусалъул цо рагӏи гъорлъ букӏине гьечӏо гьаб макъалаялда. Гӏела, чӏалгӏана, бадиса баккана «коронаги, пандемияги, карантинги», авалги-ахирги биларал гӏорхъичӏваял лъазабурал къоялги. Тӏокӏаб бицине жойищ нилъер гьечӏеб? Кигӏан бокьаниги буго. Доб лъималазул кочӏолъ гӏадин: «Бакъ щун, щоб ккун, щобда гӏачи гӏергӏедун, гӏодор бачал мимидун» буго росабалъ гӏумру. Кьилимегӏералъул аххалъуда буго дир Гьонода росу. Гьеб бихьула росдал бокьараб авалалде рилълъун хал гьабуниги. Я свак, я макьу лъаларев залимав нартав гӏадин буго гьеб гӏасрабаз эхетун. Щай дица хас гьабун гьеб мегӏералъул бицунеб бугеб? Гьенибе сапар бухьун букӏана гьал къоязда. Цадахъ вукӏана анцӏила щугониги чиги. Гьонода росдал бегавул Гӏамирханил Мухӏамадил (Хӏажиев Мухӏамад) бетӏерлъиялда гъоркь рахъун рукӏана ниж къватӏире.
Кьилимагӏардаса гӏодобе чвахулеб иццул лъим, жамагӏаталъул боцӏуца гьекъезе, магӏарде бачине хӏукму ккана гьесул.
Кьилимагӏарде рахунеб
сухъмахънухлул балъголъаби
Рогьалил как ахӏарабго къватӏире рахъана ниж. Мугӏрул карандаса эхеде, гъуждузда баччун шлангазул гуригун ххаризе, узухъда, бигьаго букӏинчӏо. Амма гьеб букӏана захӏматаб нухлул байбихьиялъул гӏицӏго цо бутӏа.
Кьилимагӏарде щвезе ккани, цин бахине ккола гьелда гъоркьа бугеб гъваридаб кӏкӏалахъан унеб сухъмахънух. Щибаб соналъ гьениса уна риидалил мучӏдузде гӏи-боцӏи. Боцӏи гебегун ине бегьулел гӏадал хӏинкъарал бакӏалги рукӏун, гъоркьиса жамагӏаталъул чанго чиги ун, кӏварабгӏан гӏатӏид гьабун букӏана гьеб нух. Кӏкӏаламухъ цӏун буго Кьилимагӏардаса гирун бачӏараб гьецӏо-гъегъалъул. Бащдаб нухги тун, кӏкӏалал гъварилъуде щварабго, рагӏизе бегьула ганчӏазда гъоркьан чвахулеб лъарал хъуди. Абула гьеб лъар Кьилимегӏералъул тӏогьиса чвахулеб лъедасан лъугьараб бугилан.
Гъоба гъоркьа бихьула Шамил районалъул Гъогъолъ росу. Кӏкӏалахъан ххарун, гъоркьа тӏаде рачӏунаго, батула гӏисинрохьалъ бахчараб мугӏрул габурлъи гӏадаб бакӏ. Цӏакъ берцинал махигъутӏбуз берцин гьабун буго залимаб кьурул хӏатӏааххалъи. Рохьил расалъудасан унаго батула цӏакъ цӏорораб ицц. Гьелдаса цӏорораб мугӏрул иццул лъим дица жеги гьекъечӏо. Чанго нухалда хӏухьбахъиги гьабун, ахирги ниж рахана Ражихотӏа абун цӏар бугеб майданалъул рагӏалде. Гьениб къайиги чӏван, щибаб соналъ бугъбузе вехьлъи гьабун рукӏуна, тӏадехун бицен гьабураб Гъогъолъ росулъа гӏолохъаби.
Кьижун букӏараб ицц борчӏизабуна
Ражихотӏе ниж щвараб мехалъги чӏегӏерал накӏкӏал рукӏана тӏад роржанхъулел. Квана-гъанан хадуб нахъойги нухда рахъана. Кьилимегӏералъул залимал парсал рихьулел рукӏана, квер гӏунтӏани, аскӏоре щолилан ккараб манзилалда гӏагарлъухъ. Амма гьенире рахине ккани, жеги микьабилебги гӏетӏ тӏезе ккола, хасго тӏоцебе гьенибе гьабулеб сапар бугони.
Нухда нижеда ратулел рукӏана тӏела-тӏелал гьарун кваналел, Ражихотӏа рукӏарал бугъби. Рииялда жаниб чанго нух бала гьез Кьилимегӏералъул парсахъе, гьениб гьарзаго бижараб херги, бакъ багӏаридал регизе гьогьомал нохъалги руго. Ражихотӏе ритӏарал бугъби лъикӏго кьаралъун рачӏунин, разиго рукӏуна гьезул бетӏергьаби, амма рагъулаго кьурулъа гъоркье рехун гьел хварал хӏужабиги камуларо.
Ункъабилеб парсида тӏаса буго залимаб цоги кьурул гӏус. Дидаги абулеб батараб цоги цӏар буго гьелда Тӏасарокьбия абун. Тӏасарокьбиятӏе тӏаде ине ккани, мун ххаризе ккола битӏахъе кьурул карандаса эхеде, болъо-къоно гӏадин лъугьараб, хӏинкъараб сухъмахънухалъ. Хӏинкъарабилан кканиги, гьедин цӏакъго захӏматаб нух гьечӏин гьенибейилан абула гьенире рахараз. Гьениб тӏаса буго Шамил имамас бан букӏараб гьитӏинабго мажгиталъул хутӏелги.
Гъугъдулъан бецӏцӏулеб
гьацӏул гахӏ бугеб
Буцрал лъим гьекъезе
къечоларищ нуж?
Тӏасарокьбиялда цебе буго нижеца лъим бачараб иццги. Гьелда абула Буцрал иццилан. Жаниб хӏариги ккун гьитӏинлъун батана нижеда гьеб. Жаниса бацӏцӏадги гьабун, тӏокӏкӏараб гьелъул лъеда хӏохьбайдал, цаби цӏунцӏудизе гьаруна цӏороялъ.
«Гьадин гӏадада кьурулъе бецӏцӏулеб букӏинегӏан, мун, мацӏ лъалареб боцӏул къеч хьезабулеб гъоба гъоркьа лъикӏ», -илан тамахго кӏалги гьикъун, шлангалъул кӏал иццул хӏоринибе ккезабуна Гӏамирханил Мухӏамадица. Кьурул квенчӏелидаса гъоркьеги бачун, шлангазул гури ана парсихъа гъоркье биччан.
Лъабабилеб парсихъан добехун гьеб цӏазе хӏадурго чӏун рукӏана гӏолохъабазул цоги къокъа. Халатаб манзилалъ цӏазе ккана гьел росдал магӏарде тӏаде ралагьараб бакӏалде щвезегӏан. Кьурул карандеги рахун лъим бачунел нижеда тӏад тӏавап гьабулел рукӏана цӏумал. Гъоркьа гӏисинал тӏанкӏазде сверун рихьулаан гӏалахалда кваналеб гӏи-боцӏи. Будунас ахӏулеб какил гьаракь гӏажаибго роцӏцӏун рагӏулеб букӏана мугӏрул тӏогьибе.
Къаде кваназе гӏодор чӏараб мехалъ чӏей букӏинчӏо бегавуласухъе кӏалъан рачӏунел чагӏазул. Тӏоцеве кӏалъан вачӏана гьесул инсулго вукӏарав, цӏакъ гьесие къиматав гьобол, Гъогъолъ гӏумру гьабун вугев Гӏабдалилмухӏамадил Ахӏмад. Гьесул умумул ккола Кӏуядаса. Сверухъ ругел росабалъ, хасго нижер Гьонодаги, кӏудияб къимат буго гьесул. «Кьилимагӏардеги вахун, лъим гъоркье бачарав чи цохӏо мун гурони ккечӏо», -ян велъулев рагӏулаан гьев, видеобухьеналдасан кӏалъалелъул.
Амма гьесул каламалда жаниб разилъиги бихьулеб букӏана. Гьесдасаги цӏакъ разиго вукӏана дун гьеб сапаралдаса. Дида киданиги ракӏалде ккелароан ралъдал гьумералдаса 2425 метралъ борхалъуда бугеб кьурулъеги вахун, шлангаз гьениса гъоркье лъим бахъулеб гвавулъе ккелилан. 1500 метралъул манзилалда кьурулъа гӏодобеги бачун, гӏансигӏан цӏорораб иццул лъим боцӏи кваналел мучӏдузде чвахизабуна росдал бегавул Гӏамирханил Мухӏамадил хӏаракаталдалъун.
Исана кӏиябго сон буго гьев росдае нухмалъи гьабизе ккаралдаса. Гьеб кӏиябго лъагӏалида жаниб чанги пайдаяб хӏалтӏиги гьабуна жамагӏаталъе. Росулъ машина хьвадулел шагьранухазде бетон тӏеялдаса байбихьана гьес жиндирго хӏаракатчилъи. Къокъабго заманалда жаниб лъабго миллионалъул багьаяб бульдозерги бакӏарана росулъе. Турун рукӏарал токалъул хӏубалги хисана, цӏияб токалъул трансформаторги лъуна чанго авалалде ток бикьулеб бакӏалда. Гьанже росдал лъел мухъ кьучӏдасанго хисизе хӏадурлъи гьабулевги вуго. Гьединго шагьранухдаса росулъе щвезегӏан бугеб 5 километралъул манзилалда хъил тӏезе ресал ралагьулевги вуго. Гьеб кинабго хӏалтӏи буго 25-ялдасаги цӏикӏкӏун соналъ хъулухъалда рукӏаниги, гьесда цере рукӏаразухъа гьабун бажаричӏеб, кӏиго лъагӏалида жаниб гьес гьабураб жигарчилъи. Гьев гурев батӏияв чи Кьилимагӏарде лъеда хадув вахине вукӏиналдаги кӏудияб щаклъи буго дир. Амма гьев вахана.
Жамагӏаталъул газа кьурда рекӏунилан цӏакъ щулияб кици буго умумузул. Гьеб ритӏухъ гьабуна Мухӏамадицаги Кьилимегӏералъул тӏогьивеги вахун.