К о р о н а в и р у с г у н къеркьолаго, къадаралде щварал тохтурзаби ракӏалде щвеялъе монумент рагьани, лъикӏаб букӏинин абураб пикру загьир гьабуна гьал къоязда республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министерствоялда цебе бугеб Жамгӏияб Советалъ.

Гьединаб гьаригун республикаялъул ва тахшагьаралъул нухмалъулезул цӏаралда рагьараб кагъат хъван буго гьез. Монумент эхетизе лъикӏаблъун бихьизабун буго Махӏачхъалаялда Медицинаялъул Академиялда сверухъ бугеб ахикь.

Амма гьеб Жамгӏияб Советалъул вакил, гӏемерал соназ республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул заместительлъун хӏалтӏарав Гӏабдула Хӏажиев тӏуванго рази гьечӏо гьеб пикруялда. Хъата-масан памятник базе гӏедегӏичӏого, гьелда цере гьаризе кколел чанги кӏвар бугел ишал ругин бицана гьес «Хӏакъикъаталъе».

«Гьеб памятник баялда данде чӏарав чи дун гуро, — ян абуна Хӏажиевас. — Гьезул бахӏарчилъиялъулги къо- хӏехьеялъулги мисаллъун букӏина гьеб гӏун бачӏунеб гӏелалъе. Амма цин лъикӏ букӏина хварал тохтурзабазул къадар мухӏкан гьабуни.

Гьеб цо.

Кӏиабизе бугони, гьел хварал тохтурзабазул гӏагарлъиялда зигараги базе рекъараб букӏина.

Гьединго хваразул нахъе хутӏарал бесдалал щал ругел, гьезие кинаб квачӏакълъи бугеб абун, материалияб рахъалъ батаниги, гӏаданлъиялъул рахъалдаса батаниги, кумек гьабуниги лъикӏ. Гьединаб тартиб букӏине ккола гьарулел тадбиразул, бищун цебе гьабизе кколеб иш гьеб буго, памятниказул бицине рортичӏого.

Тохтур хӏисабалдаги гӏадан хӏисабалдаги гьединаб пикру буго дир. Гӏурусазул кици буго, чода цебе гьоко балеб гӏадат гьечӏилан. Гьелда релълъунеб буго памятник баялъул ишги».

Жамгӏияб Советалъул вакиллъун кканиги, гьеб суал Хӏажиевасда данд бан гьечӏоан Советалъул цогидал вакилзабаз.

Карантин лъазабуралдаса, цере гӏадин, данделъизе санагӏат гьечӏелъул гьанже.

Коронавирусалъул инфекциягун къеркьолаго, республикаялда кинавниги 40 тохтур гӏумруялдаса ватӏалъанилан бицана 17 маялда ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовас политолог Руслан Къурбановасул инстаграмалдасан гьабураб чӏагояб эфиралдасан.

Жакъа къоялде щвезегӏан гьеб сияхӏ чан чиясдалъун цӏилъарабали мухӏканлъизабулеб буго.