Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна адвокат Шейхмухӏамад Гъазимухӏамадовас:

«Дир росасул буго цее йикӏарай лъадуца гьабураб лъимер. Гьес гьелъие алименталги кьола. Нижерги буго цадахъаб лъимер. Гьединаб ахӏвал-хӏалалда рекъон, алиментазул къадар кин дагь гьабизе бегьулеб?»

— Алиментазул роцен хисизаби бараб букӏуна кӏиябго рахъалъул материалиябгун хъизамазул бугеб хӏалалда. РФялъул Хъизамалъулаб кодексалъул № 101 статьяялъул 2-абилеб пункталда рекъон, алиментазул роценалъул суал тӏубазе бегьула кӏиябго рахъ рекъон гьабураб къотӏи-къаялдалъун. Гьединаб куцалда масъала тӏубалеб гьечӏони, судалде хитӏаб гьабизе ккола.

РФялъул Хъизамалъулаб кодексалъул № 119 статьяялда рекъон, алиментазул роценалъул хӏакъалъулъ гьабураб къотӏи-къай гьечӏони, судалъ гьелъул роцен чӏезабун хадубги, кӏиябго рахъалъул материалиябгун хъизамазул бугеб хӏал хисун бугони, алиментазул чӏезабураб роцен, нужеца кьураб гӏарзаялда рекъон, судалъ дагь гьабизе бегьула. Амма санаде бахинчӏеб лъимадуе кьолел алиментазул роцен дагь гьабизе ккани, чара гьечӏого чӏезабизе ккола алиментал кьолесул рес гьечӏолъи.

«Кӏиабилеб группаялъул инвалидасул ихтияр букӏунищ хӏалтӏизе?»

— 1995 соналъул 24 ноябралда къабул гьабураб N181-ФЗ «О социальной защите инвалидов в Российской Федерации» абулеб Федералияб законалъул 23-абилеб статьяялда рекъон, хасаб программаялда бихьизабун буго, «хӏукуматалъул ва жалго бетӏергьанал чагӏазул идарабазда инвалидазе чӏезабула гьезухъа бажарулеб хӏалтӏи гьабиялъе данде кколел шартӏал» абун. Законалъ гьукъула, харжалъул, хӏалтӏул низамалъул, хӏухьбахъиялъул, гьединго щибаб соналъ букӏунеб харж цӏунулеб ва тӏаде кьолеб отпускабазул рахъалъ хӏалтӏул коллективазда яги гьезулгун гьарурал хӏалтӏулал къотӏи- къаязда, цогидал хӏалтӏухъабазда дандеккун, инвалидал батӏа гьаризе. Тӏубараб харжги цӏунун, I-себ ва II-леб группаялъул инвалидазе хӏалтӏул заман къокъ гьабураб, ай анкьида жаниб 34 сагӏаталдаса халат бахъинчӏеб букӏине ккола. Чӏезабуралдаса цӏикӏкӏараб заманаялъ яги гӏодоркъояз, гьединго къаси заманаялъ гьарулел хӏалтӏабазде гьезул разилъиги цӏехечӏого, инвалидал рачине бегьуларо. Инвалидазе букӏине ккола, 30 календарияб къоялдаса дагь гьечӏеб, харж цӏунараб щибаб сонилаб отпуск.

2001 соналъул 30 декабралда къабул гьабураб РФялъул Захӏматалъулаб кодексалъул N197-ФЗялда 224-абилеб статьяялда абулеб буго, хӏалтӏи кьолесда тӏадаблъун гьабулила сакъатал чагӏи заралиял ва гӏумруялъе хӏинкъи бугел хӏалтӏаби тӏуразаризе тӏамизе бегьуларин. Хӏалтӏул заманалдасан гьезие чӏезабизе ккола хӏухьбахъиялъе перерыв, гьединго гьезул сахлъиялда данде кколел хӏалтӏул шартӏал. Хӏасил-калам, РФялъул Захӏматалъулаб законалда рекъон, гӏажизав чиясул ихтияр букӏуна данде кколеб хӏалтӏи гьабизе.

«Гӏарац щванин абулеб расписка кин битӏун гӏуцӏизе-хъвазе кколеб, гьеб документалдехун кинал тӏалабал рукӏунел?»

— Гӏарац босулес гьеб босиялъул хӏакъалъулъ жиндирго квералъ расписка хъвала. Гьеб документалда букӏине ккола «Расписка» абун цӏар, гьелда бихьизабула гьеб хъвараб бакӏ ва къо-моцӏ, гьединго гӏарац кьурав ва босарав чиясул паспорталъулал баянал, гӏарцул къадар ва гьеб тӏад буссинабизе чӏезабураб заман.

«Дун лъагӏелалъ вичарухъанлъун тукада хӏалтӏулев вукӏана. Хӏалтӏуде вачӏинчӏогоян, анкьалъ цеве дун хӏалтӏудаса рехана. Дие рес букӏинчӏо, щайгурелъул сапаралъ ун вукӏана, гьениб дир телефонги билана. Директорасул лъазабиги дихъе щвечӏо, график хисун букӏинги дида лъачӏо. Дида бугеб гӏайиб щиб?»

— РФялъул Захӏматалъул кодексалъул 81-абилеб статьяялъул тӏоцебесеб бутӏаялъул анлъабилеб «а» пункталда рекъон, хӏалтӏудаса рехизе бегьула мун тӏубараб хӏалтӏул къоялъ яги тӏатӏалаго ункъо сагӏаталъ хӏалтӏулеб бакӏалда камун вугони.

Амма, хӏалтӏул график хисун букӏин дуда лъан батичӏони, ай кколеб къагӏидаялда гьеб дуда лъазабун батичӏони, хӏалтӏуда мун ками, прогуллъун рикӏкӏине бегьуларо. Гъоркь дур букӏараб хъулухъалде тӏад вуссун тӏамеян судалде гӏарза хъвалеб бугони, дуца хӏужабаздалъун чӏезабизе ккола дур телефон билун букӏинги, кӏвар бугеб гӏилла ккун сапаралде ине ккейги, директорасул дургун бухьен букӏинчӏолъиги. Хӏалтӏул низамалъул график бихьизабун букӏуна захӏматалъул къотӏи-къаялда, хӏалтӏуда дудаса тӏалаб гьарулел низамазулгун лъай-хъвай гьабиялъул хӏужа ккола къотӏи-къаялда гъоркь гьабураб дур гъулбас.

«Къого сон унеб буго гӏумру гьабун дун Германиялда йигелдаса. Россиялда руго дир вацги яцги. Германияда дица гьитӏинабго квартира босана. Бокьун буго гьеб гьезие ирсалъе тезе. Гӏакълу кье, гьезие ирсалъе квартира кьолеб бугилан васиятищ хъвалеб яги цоги лъикӏаб къагӏидайищ букӏунеб?»

— Гьайгьай, дур ихтияр буго бокьарав чиясе ирсалъе квартира кьезе. Гьелъул хъвай-хъвагӏай бокьани Германиялда, бокьани Россиялда гьабизе бегьула, документ законияблъун рикӏкӏуна. Амма васият хъваялъул низам букӏине ккола ФРГялъул законалда данде кколеб: дуца гьеб хъвазе бегьула кагътида квералъ яги нотариусалде хитӏаб гьабун. Лъикӏаб букӏина кӏиабилеб къагӏида тӏаса бищани, щайгурелъул нотариусалъ хъвараб васияталъул хъвай-хъвагӏай гьабула васиятазул Бетӏераб (Централияб) регистралда. Гьедин хъвай-хъвагӏай гьабураб васият ккола дур вацги яцги жалго бетӏергьанал чагӏазул тӏехьалде росиялъе гӏураб кьучӏ. Улка бахъун къватӏиб ирс кьеялъе квералъ хъвараб васият бугони, судалде хитӏабги гьабун, дур гӏагарал чагӏаз гӏуцӏизе ккола жидер ирсалъулаб ихтияр бугин абураб свидетельство. Россиялда васият хъвалеб бугони, нотариусалда тасдикъ гьабула дуца гӏуцӏараб документ.

«Эбелалъ васасе квартира сайгъат гьабулеб буго. Дагӏба букӏунареб хӏалалъ, кин гьелъул хъвай- хъвагӏай гьабизе кколеб? Гьелда хъвазе бегьулищ эбелалъ гьелдаса пайда босизе бегьулин абулеб шартӏ?»

— Эбелалдаги васасдаги гьоркьоб гьабизе ккола квартира сайгъат гьабиялъул хӏакъалъулъ къотӏи-къай. Гьеб чара гьечӏого нотариусалда тасдикъ гьабизе кколаро. РФялъул Гражданлъиялъулаб кодексалъул 572 статьяялъул тӏоцебесеб пункталда рекъон, сайгъат гьабулаго, гьеб кьолев чиясухъа кинабгӏаги шартӏ тӏалаб гьабизе бегьуларо, гьелда «безвозмездная сделка» абула. Гьединлъидал, сайгъат гьабураб къотӏи- къаялда «Эбелалъ гьелдаса пайда босизе бегьула» абулеб шартӏ хъвазе бегьуларо.