Нилъеца къо лъикӏ гьабуна, баракат-рахӏматалъул моцӏилан жинда цӏар лъураб, хирияб Шагьру Рамазаналъулгун.
Аллагьас, нилъеца ккурал кӏалалги, бахъараб сахӏги, гьабураб гӏибадат-гӏамалги къабул гьабеги ва нилъ киналго кӏиябго рукъалъул талихӏ кьуразул мухъилъги ратаги.
Нилъ пашманго руго гьеб баракатаб моцӏ лъугӏиялдаса. Кинха пашманлъиларел, жужахӏалъул кавабиги къараб Алжаналъул кавабиги рагьараб моцӏалъулгун къо-лъикӏ гьабулеб мехалъ.
Нилъ рохунги руго гьеб моцӏалдаса, щайгурелъул, Тӏадегӏанав Аллагьасе гӏибадат гьабиялъги, таравихӏазул какал раялъги, кӏал кквеялъги, бусурбабазда гурхӏел-рахӏму гьабиялъги, нилъер чурхдулги рухӏалги мунагьаздаса рацӏцӏалъана, рухӏияб рахъалъ нилъ бечелъана. Гьеб моцӏалда жаниб нилъер ракӏал Тӏадегӏанав Аллагьасде цебеялде дандеккун цӏикӏкӏун гӏагарлъана ва гьелъ нилъее хадусеб гӏумруялъеги цӏияб къуват ва диналде рокьиги цӏикӏкӏинабуна.
Хадубккунги камилго гӏибадат гьабизе, къварилъиялда ругезе кумекалъулаб квер бегьизе, цоцада гьоркьор гьуинго рукӏине, ни- лъер рухӏиял церехъабазул малъа-хъваяздаса битӏун пайда босизе, Бетӏергьан Аллагьас ва Бичасул Расулас бихьизабухъе хьвадизе тавпикъ кьеги нилъее киназего! Амин!
Ассаламу гӏалайкум,
Диналъул вацал-яцал,
Дуниялгун ахират
Аллагь разияб кьеял.
Хириял бусурбаби,
Исламалъул жамагӏат,
Халкъ бижарасул цӏобалъ
Цӏунун даим хутӏаял.
Гӏидалъул баркатаб къо
Баркула киназдаго,
Бичасул хӏукму батун,
Хӏакълъун нилъее щвараб.
Байрамазда жанибги
Бищунго аслияблъун,
Инсаният бохизе
Халикъас нилъей тараб.
Нилъеца ккурал кӏалал
Азариде рахаги,
Хирияв Къудратияс
Къабулаллъун гьареги.
Рарал таравихӏалги
Витру-ратибаталги,
Рорхатал зобалазда
Хассал нураллъун чӏаги.
Рахъаралщинал сахӏал
Садакъа, сайгъат-салам,
Къапмагӏарде бахараб
Кирилъун хъван батаги.
Сардал рорчӏун гьабураб
Лъикӏаб гӏамал, гӏибадат,
Алжаналъул рагьаби
Рагьулеблъун лъугьаги.
Шагьру Рамазаналъул
Щибаб лахӏзат нилъее,
Нахъ буссун гьеб щвезегӏан,
Бакъул хинлъилъун чӏаги.
Рахӏматал гьарзаяб моцӏ
Цӏидасан бачӏинегӏан,
Чӏагояб рекӏел канлъи
Киназего гӏамлъаги.
Аралъуб, сапаразда
Нилъер мурад тӏубаги,
Нух битӏун, ракӏал рохун,
Рокъоре тӏад руссаги.
Хъизан-лъимал, гӏагарлъи
Лъикӏалда данде чӏваги,
Анищабщинабги щун,
Щукрудай камиллъаги.
***
Квешалщинал хабарал
Халкъалдаса росаги,
Рагъ-кьал, жахӏда-хӏусуд ссун,
Сабруялъ байрахъ чӏваги.
Бетӏергьанас Дагъистан,
Дунял урхъараб хӏалалъ,
Хӏалалаб гӏумруялда
Гӏасрабаца хьихьаги.
Гьаб коронавирусги
Кватӏичӏого тӏагӏаги,
Тӏадегӏанав Аллагьги
Киназдаго гурхӏаги.