Нужеда лъалищ Совет Союзалдаги Социалистияб Кубаялдаги гьоркьор цо заманалда хун рукӏарал дипломатиял бухьенал цӏидасанги лъикӏлъиялъе ккараб аслияб гӏилла?
Хваниги хадур гъезе гьечӏо, дицаго бицинчӏони.
«Бахьикъосалъул» халкъазда гьоркьосеб отделалъул хасав мухбир Хӏамза аль Гъамсукь ибн Хӏабибил донесениялда рекъон, кӏикъого соналъ цеве, ай 1980 соналъул масковски Олимпиадаялде вачӏарав Кубаялъул Команданте Пидель Кастро Рус дандчӏван вуго Дагъистаналъул Игит, инсанияталъулго руччабазул ва тӏолабго дунялалъул хӏакимзабазул хӏасратав гьудул Абу — Хӏасан аль Чӏарадагун.
Цӏар рагӏарав политик жанив чӏараб чӏухӏараб гостиницаялде чӏового инищха гьалбал хирияв аль Чӏарадаги, цадахъ ячун йиго цӏумур гӏадай мулатка Майсарат Гонсалес душ Сантос.
Кубаялъул цевехъанасе нилъерго гьаниса Игитас раччун арал цоги сайгъатазул (сушонни бакьаздаса байбихьун, щуго цӏва бугеб Кизляр — коньякалде щвезегӏан) бицинего бицинаро.
Анкь Москваялда базе къасдгун нилъехъе къокъун вукӏарав цӏа гӏадав революционерас, гьеб кинабго нигӏмат бихьигун ва хӏалбихьигун, категорически инкар ккун буго Олимпиада лъугӏичӏого гӏагараб Кубаялде тӏад вуссине. «Игитасда аскӏоса дица кибниги гали бахъизе гьечӏо»,- ян чӏун вуго Эркенаб Чӏинкӏиллъиялъул чӏагояб Легенда! Дагьаб хутӏун буго международный гъалмагъир багъаризе, ай хабар тӏибитӏун буго Кубаялъул лидерас Совет Союзалда убежище гьарун бугилан…
Абу-Хӏасаница гьеб моцӏида жаний чан Майсарат мистер Кастро Русил чӏухӏарал апартаментазухъе ккезаюраяли ва чан шишил бетӏер чӏинтӏизабурабали чӏванкъотӏун лъалев ва бицине кӏолев чи кӏиго вукӏун вуго — живго аль Чӏарадаги гостиницаялъул чӏегӏеркӏкӏубай горничная Элизабет Тейлорги.
Гьедизе, гьайгьай, кӏоларо, амма бицен букӏана гьеб дандчӏваялдаса хадур нахъеги чӏаголъанила Совет Союзалъулги Кубаялъулги дипломатиял гьоркьорлъаби ва кутакалда эхеде, высши уровеналде раханила гьел.
Гьединав вас вуго, нижер божарав гьудул ва дунялалъулго руччабазул любимчик, Абу- Хӏасан аль Чӏарада ибн Мухӏаммад.