Дир кӏодоэбел Ингердахъа Патӏиматил гӏадамаздехун букӏараб рокьиги рекӏел бухӏиги киданиги ракӏалдаса унаро. Гьей гӏадатияй мугӏрул ясалда гьитӏинаб къоялдаса бихьанщинаб къоялъул цо макъалаялдаса бицун хӏалкӏвеларо. Цониги цӏакъав бахӏарчиясда гьелда гӏадин къварилъи бихьун букӏарабани, гӏаданлъиялъул хасият цӏунизе кӏвелеб букӏанадай абун ракӏалде ккола.

Халатаб гӏумруялда жаниб гӏемераб гӏакъубаги гӏадамазул хиянатлъиги бихьана нижер бахӏарчияй кӏодода. Квешал ва жахӏдаял гӏадамал сабаблъун лъимерлъиги ракӏ бакъваялда ана гьелъул. Гӏаданлъиги яхӏ-намусги рекӏелъ цӏунизе ккани, рекӏелъе жахӏдаги рокьукълъиги биччазе бегьуларин малъулаан гьелъ нижеда. Рокьиги рокьукълъиги — гьел кӏиялго гӏумруялъго цадахъ рукӏунин абулаан нижеда кӏодоца. Квешлъиялъ рекӏелъ кверщел гьабизе гьукъизе кколин, рекӏелъе лъугьизе гьеб тани, тӏокӏаб нахъ буссунарин абулаан гьелъ.

Нижер кӏодоэбелалъул эмен ва кӏудада рукӏана Ингердахъ росулъго бечедал гӏадамал. Эбел-инсул недегьаб бербалагьиялда гъоркь йикӏарай гьитӏинай Патӏиматида бичӏчӏулароан сверухъ лъугьунеб бугеб хиса-баси ва хӏуригат бахъаралдаса нахъе жидер хъизаналъе кӏудияб хӏинкъи букӏин. Хасалил бецӏаб сардилъ бечедав чиян, «халкъалъул тушманин» абун эмен вачине НКВДялъул гӏадамал рачӏиндал бичӏчӏана гьелда кинабго. Гьеб бецӏаб сордо гӏумруялъго «рогьинчӏо» Патӏиматие. Гьелъул инсул рахъалдаса мацӏ гьабурал росуцояздеги, гьезул хъизанги щущахъ бан, къадал ва чӏабар хутӏизегӏан рокъоса къайи бахъараздехунги рокьукълъи бихьизабичӏо гьелъ, гӏумруялъго гьел къватӏирги чӏвазаричӏо. Кинабго хӏакъикъат Тӏадегӏанав Аллагьасда бихьулеб бугин абун тана гьелъ. Гьелъул гӏакъилал, херлъиялъ жанире рортарал беразухъ кидаго кунчӏулеб букӏунаан лъикӏлъиги лъималаздехун бугеб рокьиги. Гьединай йикӏана дир кӏодоэбел.

Рагъдаса бачӏараб чӏегӏераб хабар

Дир кӏодоэбел Патӏимат 14 сон барай гӏадан росасе кьуна. Лъицагӏаги гьикъичӏо гьелда дуе гьев чи вокьулищан, гьикъулеб гӏадатги букӏинчӏелъул. Гьелдаги лъалароан рокьи щибжояли. Эмен кулаклъун гьавун заман балелде гьелде регӏунги йикӏинчӏо гьей. Дир кӏудада Умалат вукӏана цӏакъ ракӏ лъикӏав чи. Кӏодоэбелалъеги гьев гӏумруялъулго гьудуллъун, бищунго къиматав ва вокьулев чилъун лъугьана.

Хъизан гьабун дагьабго заманалдаса Умалат армиялде ана. Кватӏичӏого байбихьана Финляндиягун рагъ, хадуб фашисталгунги. Гӏолохъанай лъадиян абуни гьес жиндирго бесдалэбелгун ва яцалгун тун йикӏана. Умалатил эбел гьев кинида вугеб мехалдаго хвана. Гьанжего гьанже балугълъиялде яхуней Патӏимат цогидал росуцоялгун цадахъ колхозалда хӏалтӏизе ккана. Цогидал чӏахӏияздаго гӏадин, хӏукуматалъул магъалоги тӏад лъуна гьелда. Рагъул фронталдаса гьелъухъе пашманаб хабар бачӏана Умалат бахӏарчиго хванин абун.

Умалат хванин чӏегӏераб хабар бачӏаралдаса гӏемераб заман инелде гьелда росасул бесдалэбелалъ абуна: «Умалатги фронталда чӏвана, гьев тӏад вуссунаро. Дурго инсул рокъое тӏад юсса», — ян. Дир гъаримай кӏодоэбелалъул ракӏ лъукъана, амма щибго рагӏи абичӏого, инсул гъасде тӏад юссана. Гьениса нахъе унелъулги гьелъ рос чӏван вугин абурал къваридал пикраби жиндирго ботӏролъа рачахъулел рукӏана. Гьев лъидагӏаги хун вихьун гьечӏелъулин абун хинал хьулаз хьихьун йикӏана.

Патӏимат гӏемер хӏалтӏана, данде рехун гӏарац гӏезабун жиндиего мина босана гьелъ. Эбелги жиндаго аскӏое ячана гӏумру гьабизе. Эмен кулак гьавун вачун аралдаса нахъе Патӏиматил эбелги унтун бусаде ккун йикӏана. Гьелъие хӏажат букӏана ясалъул хъулухъги рокьиги.

Анкьго соналъ хваравлъун рикӏкӏарав кӏодоэмен

Цо нухалда кӏодоэбел росдал советалде ахӏана. Халат бахъичӏого налог кьезе кколин лъазабуна гьелда. Гьелъул рокъоб букӏинчӏо гьеб налог кьезегӏанасеб яги бичизе бегьулебгӏанасеб жо. Кин букӏаниги, гьелъ рагӏи кьуна базаркъоялъ райцентралдеги ун гӏарац балагьилин абун. Рокъое щварабго гьабилебги лъаларого, чараги къосун гьей гӏек-гӏекиялда гӏодана. Патӏимат тӏубараб къоялъ колхозалъул хурий хӏалтӏулаан жиндирго къваридаб къисматалдеги хьандолаго. Къаси рукӏкӏунеб заманаялъ гурони рокъоеги щолароан. Цо нухалда колхозалъул хурийги хӏалтӏун рокъое щварай гьалда рукъалъул рагъида цо ворхатав чи эхетун вихьана. Гьелда ракӏалде ккана Жанбег вачӏун ватилин налогал ракӏаризеян. «Колхозалъул хурий нужее гӏарац бищулей йигин дунан ккунищ вачӏарав», — абун ракӏалдеги ккун, ццинги къулчӏулаго, цеехун йилълъана Патӏимат. Баччун букӏараб харил къайиги гӏодоб лъун тун гьей рагьде лъугьана.

— Щиб, цӏакъгойищ свакарай, Патӏимат? – ан рагӏана гьелда гьелъие гӏагараб гьаракь.

— Умалат! – абун гьаракьги биччан, тӏун рехараб тӏегь кинигин лъавудаса йортун ана гьей. Хадусеб къоялъ росдацаго кӏодо гьабуна Умалат вачӏин. Рохалил гӏорхъиго гьечӏин ракӏалде кколеб букӏана Патӏиматидаги.

Гӏумру гьабизе бигьалъана. Нижер кӏудадаеги кӏодоеги гьаруна ункъо ясги кӏиго васги. Гьанже гьезулги руго жидерго лъималги, гьезулги лъималги.

Хадуб чанго соналдаса кӏудадаца бицун буго кӏодода, фронталдаса тӏад вуссунелъул хьулго букӏинчӏин мун дихъ ялагьун чӏун ятилин. Ругънал сахлъизегӏан гьес госпиталазда гӏемераб заман бана. Живго унтун вукӏин рокъосезда лъазабизе ресги щвечӏо гьесие.

Жив «хваниги», хилиплъичӏей лъадуде кагъат

Госпиталалдаса тӏад вуссун, Хасавюрталде щварав Умалатида къотӏнов дандчӏван вуго росулъа мадугьал. Гьев вихьигун мадугьал хаган хутӏула. Гьев киназго хваравлъун рикӏкӏунев вукӏаралъул. Росулъ бугеб цӏияб хабар цӏехола. Гьес жиндир лъадул цӏарго бахъинчӏин абун, ракӏ хӏинкъадго теркӏезе лъугьана. Цощинаб, Патӏимат росасе ун йикӏин жиндаса балъго гьабулеб батилин гьесин абурал пикрабаз рахӏат толеб букӏинчӏо гьесул. Яхӏ гьабизего кӏвечӏого, жиндир Патӏимат дун хваравинги ккун росасегӏаги ун ятилин абун цӏехола гьес мадугьаласда. Гьел рагӏаби рагӏигун, мадугьал бадирчӏваялгун Умалатиде вагъизе лъугьуна. Дур лъади мун чӏваравлъиялдацин божичӏого духъ ялагьун чӏун йигин бицуна гьес. Умалатил ракӏ рохалица пархезабуна, амма пикрабазулъ щаклъиялъул гьуриги багъулеб букӏана. Гьес рокъой тун йикӏаралъул гьитӏинай, 14 сон барай лъади. Бокьараз ракӏ лъукъизабизе яги махсараде кквезе рес букӏана гьединай гӏаданалъул. Патӏиматицайин абуни бахӏарчиго къо хӏехьана, магӏишатги гьабуна, унтарай жиндирго эбелалъул тӏалабги гьабуна. Гьелъухъ кӏудадаца кӏудияб къиматги гьабулаан нижер кӏодоэбелалъул.

Рагъдаса кӏудадаца нижер кӏодоэбелалъухъе битӏараб кагъатги гьанжелъизегӏанги цӏунун хутӏун буго:

Патӏиматихъе

Битӏизин цо кагъат тӏадмагӏарухъе,

Тӏогьол квацӏиялда кодобе кьеян,

Хъвазинха саламал Дагъистаналде,

Дун кӏочон ватани, ракӏалде щвезе.

Дир багӏараб месед, магӏарухъ тана

Мугӏрул гӏанса гӏадин бакънал рачуней,

Дир чарчураб ритӏучӏ, рагъил ракьанда

Чӏурулидул гьаркьихъ кьижун ятила.

Гьудул, гьаб рагъдаса дун вуссунаро,

Сурмияб тӏе дуца, тӏагъур хъахӏаб ккве.

Тӏамурги, гӏоркьги ккун, цӏадаб лъун бухӏе,

Тӏокӏаб гьеб бачине дир чара гьечӏо.

Дун тӏад вуссинилан, хьул лъоге, гьудул,

Бохдул руго расун цӏалкӏу кинигин,

Гьанивго хваниги, хивалги гьечӏо,

Хвелалдегӏаги мун макьилъ йихьани.

Рехулел бомбаби, балеб гӏарада,

Гӏодосан кьвагьулел автомат-тункӏал,

Вачӏунев гьечӏилан гӏайибги чӏваге,

Гӏасияб рагъ буго гьаб Берлиналда.

Хариде, тӏогьоде гьури пулебдай,

Пулеметалъ дида накъищ хъвалелде,

Форма ретӏун тӏаюс тӏохал сверулей,

Сверун немцазги ккун дунги рохьазда.

Ругъналги унтулги дий хӏалго гьечӏо,

Хӏалай бакӏлъун руго хъахӏилал берал,

Чӏухӏдае хӏурулгӏин цӏаюцӏунаро,

Цӏан риччан гъалалгун гъасда ятила.

Боржун унеб хӏанчӏил хӏатӏида бухьун,

Салам битӏаниги, жаваб бачӏинчӏо,

Букӏайилан абе — кӏвар гьабиларо,

Кӏицӏул хвезегӏаги рижун гьечӏелъул.