Жакъа миллиял мацӏал цӏуниялда сверухъ гӏемераб хабар бицунеб буго. Гьалделел руго пикраби. Гьел хӏалуцун, цоцалъ речӏчӏун, гьалаглъараб гӏоралда цебе бугеб цо сангар тӏезабун бажаруларого ругел гӏадин руго. Гьеб тӏезабичӏого, гӏорги цолъиялъул ралъдахъе щолеб гьечӏо. Гьеб къеркьеялъул цебесеб кьердаги руго магӏарул мацӏалъул мугӏалимзаби, хъвадарухъаби, шагӏирзаби, мухбирзаби. Цо-цояз абизе бегьула гьезухъа чед бахъулеб бугилан. Гуро. Гьезухъа бахъулеб буго гьез ургъун тӏаса бищараб рухӏияб бечелъи, гӏумруялъул магӏна. Гьезда бичӏчӏулеб буго мацӏалъул бугеб кӏвар. Гьеб лъугӏани миллат лъугӏулеблъи. Аралда таманча речӏчӏун хутӏичӏого, букӏинеселда гӏарадаги речӏчӏулеблъи.

Амма гьеб хӏалуцараб, ритӏухъаб къеркьеялде данде чӏарал къуватал, рагьун гӏемераб жоги бицинчӏого, жанисан къеркьолел руго. Мацӏал лъугӏизариялъе гьез пайда босулеб буго жалго тӏалъиялъул хъулухъазда рукӏиналдаса, гӏадамазул жагьиллъиялдаса, дагь-дагьккун миллиял мацӏал рагӏулел бакӏал къаялдаса ва загӏип гьариялдаса. Магӏарул мацӏалъул мукъулукъида, гьеб гъанкъизе, квер лъун буго гьез.

Гьединаб ахӏвал-хӏалги букӏаго, дида бичӏчӏулеб гьечӏо цо-цо кӏалъаязда рагӏулел пикрабазул магӏна. Цолъеян ахӏи банилан, мацӏал цӏунеян ахӏдонилан, гӏадамал цолъуларо, мацӏалги цӏунулароян рахъуна цо-цоял. Рази вуго. Цохӏо ахӏиги бан руцӏцӏун чӏолел ругони ва щибго гьабулеб гьечӏони, хӏасил кколаро. «Школазда миллиял мацӏал малъичӏони щиб? Гьениб грамматика малъиялъищ нилъер цересел шагӏирзабазда кучӏдул хъвазе лъалел рукӏарал? Гӏухьбилъун рукӏаразги гьаруна кучӏдул, школаздаго цӏаличӏезги гьаруна!» -ян чӏола цогиял. «Аслияб жо, эбел-эмен рокъор рахьдал мацӏалда гаргади буго, школалъ малъун мацӏ лъида лъалеб?» -ан абула лъабабилез. Киналго ритӏарал руго. Амма гьел киналго пикрабазул мукъсанлъи буго, гьел цонигияз ратӏаго росун, халкъалъулго мацӏ цӏунуларо.

Цӏунула, пачалихъазул бутӏрузда ва депутатазда рагӏулеб хӏалалъ ахӏиги бани, эбел-инсуца ва жалго магӏарулаз рес бугебщинаб бакӏалда жидерго мацӏги бицани, школаздаги мацӏ малъулел мугӏалимзабаз жакъа къоялъул тӏалабазе жаваб кьоледухъ дарсалги кьуни. Гьезие дарсал лъикӏ кьезе лъай кьеялъул идарабаз, тӏадчагӏаз квалквалги гьабичӏони. Школазда магӏарул мацӏ кьеялъе нухалги рагьани. Байбихьул классазда киналго предметалги магӏарул мацӏалда кьуни ва школа лъугӏизегӏан рахьдал мацӏалъул ва адабияталъул дарсалги кьун, гьез магӏарул мацӏалда тӏахьалги казият-журналалги цӏалулеб хӏалги гьабуни. Магӏарул прессаялъ, казият-журналаз, радио-телевидениялъ магӏарул мацӏалда хъвараб жоялъул даража бокьулеблъунги гьабуни. Интернеталдасанги миллиял мацӏазда хъвалеб жо гӏемерлъиялде кӏвар кьуни. Миллияб театралъги хӏалтӏи лъикӏлъизабуни, гьелде рачӏунел магӏарулал гӏемерлъуледухъ хӏалтӏиги бачани. Магӏарул мацӏалда тӏад хӏалтӏулел гӏалимзабиги гӏемерлъани, гьелъ мацӏ гъваридго халкъалда лъаялъе квербакъиги гьабуни. Цӏунула, гьебги гьеб гуреб азарго тӏадеги, цадахъ киназго гьабуни ва рес бугевщинас магӏарул мацӏ цӏуниялъулъ жидерго бутӏаги лъуни.

Гьениб хасаб кӏвар буго школалъул нухмалъулезул, районазул бутӏрузул, лъай кьеялъул киналго хӏалтӏухъабазул ва умумузул.

Хъвадарухъабазул союз гьелда тӏад хӏалтӏулеб буго. Шагӏирзабаз тӏахьал хъвалел руго. Абизе ккола лъикӏал поэталги хъвадарухъабиги нилъер ругилан. Жакъасезде гӏей гьабуларезе, гьезул асарал цӏализе бокьичӏезе, гьезул даража гӏодобегӏанаблъун бихьулезе, дунялалъулго даражаялда хъвадарарал магӏарул шагӏирзабиги хъвадарухъабиги нилъер руго. Цӏали буго мурад.

Гӏумруялъул чвахиялъулъ къоялъе цо бащадаб сагӏат бате, магӏарул тӏахьал, казиятал ва журналал цӏализе. Щибаб номер цӏалани, гӏакълуги цӏикӏкӏунеб, мацӏги бечелъулеб Хъвадарухъабазул союзалъ биччалеб «Гьудуллъи» журналги буго. Руччабазе -«Магӏарулай», лъималазе «Лачен» журналалги руго. Магӏарул мацӏалда рахъулел республикаялъул ва районазул, цо-цо росабазулцин казияталги руго. Магӏарул мацӏ гуребги, адабги Аллагьасде гӏагарлъизе нухги малъулел «Ас-салам», «Нурул-ислам», «Мугӏалим» исламиял казияталги руго. Нилъее кинабго дагь буго. Мацӏ лъазе бокьаразе гуребха.

Гьелде тӏадеги, щибаб моцӏалъ цо нухалдаса дагь гьечӏого, дун ккола Хъвадарухъабазул союзалъ гӏуцӏаралги, гьезда гӏей гьабичӏого, жидецаго шагӏирзабаз гӏуцӏаралги тӏахьазул церелъеязде, «Поэзиялъул театралда» рукӏунел шагӏирзабазул ва хъвадарухъабазул церерахъиназде.

Масала, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб библиотекаялда букӏана гьединаб данделъи. Цебелъеялъе босун букӏана Дагъистаналъул Халкъияй шагӏир Баху-Меседу Расуловалъ 15 шагӏирасул кучӏдуздасан данде гьабураб «Сариназул си» абураб тӏехь. Гьенир кӏалъазе рахъараз тӏадчӏей гьабуна цо-цо жидее цӏикӏкӏун рекӏее гӏурал авторазда, рихьизаруна гӏунгутӏаби, гьаруна малъа-хъваял. Гӏемерисез борхана магӏарул мацӏ цӏунизе ккеялъул суалги.

Магӏарул мацӏ цӏуниялъе кӏвар бугеб цоги лъикӏаб иш ккана гьенибго. Гьенире рачӏаразе рикьана Мухӏамаднаби Ибрагьимовас хъвараб «Магӏарул Лиза» абураб тӏехь. «Сариназул си» цӏалун бахъарабго, дирги йикӏанин гӏурус учительница, гьелъулго гӏадаб гӏумру букӏун батилин гьалъулгиян дица байбихьана «Магӏарул Лиза» цӏализе. Тӏехь хъван буго бацӏцӏадаб, рекӏелъе бортулеб мацӏалда. Дица, цӏалун бахъинчӏого, гьеб гӏодоб лъечӏо. Дие дарсал кьурай гӏурус учительница Чуева Александра Ивановналъулги гьей «Магӏарул Лизалги» гӏумруялъул гӏаммал бакӏалги гӏемер ругоан. Дие цӏакъ асар гьабуна, Хьаргаби букӏараб зоналияб данделъиялда гьелъ магӏарул мацӏалда Махӏмудил кечӏги рикӏкӏун, гьел рагӏаби жинда батӏияб мацӏалда ричӏчӏизе рес букӏинчӏилан абиялъ. Гьаб тӏехьги ккана магӏарул мацӏ цӏуниялъул къеркьеялъулъ бакӏ кколеб, кӏвар бугеб ишлъун.

Гьадинал ишаз магӏарул мацӏ цӏуниялъе щивас бахъулеб хӏаракаталъ жиндирго бутӏа лъела. Амма хӏажат буго цере чӏарал масъалаби мухӏканго лъалев Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовасда сверухъги гъункун, магӏарул мацӏ цӏуниялъул киналго масъалаби ва ишал цо рахънире руссинаризе ва хӏасил кколедухъ иш гӏуцӏизе. Хӏажат буго «ликбезал» рагьунги, мацӏ малъулел хасал школал, курсал рагьунги хӏалтӏи гӏуцӏизе.