Мокъокъ росдадаса кӏиго километралъул манзилалда, бакътӏерхьул рахъалда, Микьуда гӏурул рагӏалда буго ицц. Гьениса лъим гьекъолеб мехалда цо дагьабго чӏабтӏил махӏ чӏвала. Гьеб буго кванирукъалъе цӏакъ пайдаяб лъим. Гьелда халкъалъ лъун буго «Бодохская минеральная вода» абураб цӏар (БМВ).

Мокъокъ

Магӏарухъ хӏалтӏулев цо тохтурасул квералда байбихьун букӏана экзема. Чанго батӏияб дару хӏалтӏизабуна тохтурас, амма хӏасил ккечӏо. Гьесие кумек гьабуна БМВялъ. Дица гьеб битӏун букӏана шагьаралда ругел цо-цо профессоразеги. Риидал авлахъалда хӏалтӏулб мехалда хӏатӏазда гӏетӏ балаан, гьездаса бахъунаан рокьукъаб махӏ. Лъабго-ункъо нухалда гьебго лъелъ лъуна дица хӏатӏал – гьелдаса нахъе я гӏетӏ баларо, я махӏцунаро.

БМВ битӏун букӏана Пятигорскиялъул лабораториялде. Лъикӏаб, жиндилъ гӏемерал пайдаял жал ругеб лъим бугин абун хъвараб кагъат кьуна гьениса. Лъел чвахи гьитӏинаб букӏин рекӏее гӏун гьечӏоан гьезие. Гьабсагӏаталда БМВялъул ицц ккун буго, нух балаго, гъегъги бан лъугьараб хӏоринибе. Хьул буго заманалдасан гьеб цӏидасан къватӏибе баккиялде.

Бежтӏасан Гуржиялъе унеб Аваро-Кӏахети нухда хьолбохъан чвахулеб Симбирисхеви гӏурул рагӏалда буго бухӏараб лъел ицц. Советияб заманалда гьениб хӏухьбахъизе рачӏунаан гуржиял, азербайжанал, мадугьалихъ районаздаса магӏарулал ва цогидалги гьалбал. Гьезул гӏемерлъиялъ бакӏалъул халкъалъе рес щолароан бухӏараб иццул лъедаса пайда босизе. 7-10 къоялъ гьабураб хӏамамалъ кумек гьабулаан ревматизм, хондроз ва цогидал рукьбузул гӏузраби ругел унтаразе. Цӏигьабун гӏуцӏиялда цересел соназда бицунеб букӏана гьениб санаторий базе бугиланги, амма гьеб букӏун буго кьучӏ гьечӏеб хабар. Хадубккун «Хунзахъводстрой» абураб идараялъ, Аваро-Кӏахети нух бахъулаго гъегъги бан, бацизабун букӏана бухӏараб лъел ицц. Ицц «тӏад буссинабизе» рагӏиги кьун букӏана рехсараб идараялъул нухмалъулез, амма гьеб чамалиго соналъ гьединго хутӏана ва халкъ махӏрум гьабуна даруяб лъедаса щолеб букӏараб пайдаялдаса. Гьоркьоб заман индал, ицц къачӏана бежтӏадерил гӏолохъабаз. Амма гьанжеги гьенире ине рес щоларо: гӏорхъи цӏунулезул заставаялдаса гьукъула хьвадизе. Гьеб бакӏалдаса хурдул ракӏаризе риччаларого рукӏана ДФИЦалъул «Горный ботанический сад» абураб институталъул гӏалимзабазецин. Ахирги Кьадал росдал советалъ кьураб справкагун, гӏалимзабазе рес кьуна цӏех-рехалъулаб хӏалтӏи гьабизе.

Инхокъвари

Цӏумада районалъул Инхокъвари росдада аскӏоб бугеб даруяб ицц лъаларев чи ватиларо магӏарухълъиялда. Араб гӏасруялъул лъабкъоабилел соназда Цӏумада районалъулгун гӏорхъода бугеб Цӏунтӏа районалъул Сагьада росулъ хӏалтӏулаго, гьеб иццул лъим гӏемер хӏалтӏизабулаан дица. Дица мухьдахъ ккураб рукъалъул бетӏергьанчӏужуялъ, кванилъ балеб содаги гьечӏого, гьеб лъеда буцараб гӏатӏал гьарулаан татуял хинкӏалги цогидаб квенги. Тӏиндиса хъвадарухъан, Россиялъул ва Дагъистаналъул мустахӏикъав мугӏалим Гъазиев Расулица абулаан, Инхокъвариялдаса лъим гьекъон, жиндир кванирукъалъул ганчӏалцин ххенолеб хӏал лъугьанилан абун.

Росдада дандбитӏун, накӏкӏил рохьаз тӏерхьинабураб гӏор бахун добехун бугеб иццалдаса 50 метралъул борхалъуда букӏана унго-унгояб санаторий. Ункъ-ункъ ва щу-щу чиясе бакӏ бугеб 4-5 рукъги, даруяб лъим кин гьекъелебали малъулев 2-3 тохтурги вукӏана. Анкьидаса яги 10 къоялдаса сахлъун рокъоре тӏад руссунаан гьенире рачӏарал унтаралги. Щибаб къойил камулароан лъеда хадур рачӏарал гӏадамалги. Дагьал соназ цебе иццде дандбитӏун бана гӏадамал хьвадизе санагӏатаб кьо.

Щай нилъер ракьцоял хьвадизе кколел батӏиял регионазул санаториязде? Нилъер бугеб тӏабигӏияб бечелъиялдаса пайда щай нилъеца босулареб? Гьелдаса пайда босиялъе санагӏатал шартӏал гӏуцӏани, бакӏалъул бюджеталъеги хайир букӏинаан.