«Мун унтизе ресго гьечӏин, парахат рокъой чӏа», — янги абун, март моцӏ бащалъуде щвараб заманалда, самоизоляциялде йитӏана дун нижер бетӏерав редакторас. Гьалеха, лъабабилеб моцӏ гирулеб буго, тӏегь-хералдеги юссун, Гьидалъ яхчун йигелдаса. Гӏаламалдего рокъор чӏаян ахӏи балеб гьаб заманалда, щибаб цӏияб номералде хъвазе цӏиял-лъикӏал харбалги кирха ратилел. Архивалда хъирщардулаго, тӏаде ккана 2015 соналъ Турциялде гьабураб сапаралдаса цо-цо хъвай-хъвагӏаязде, суратазде. Редколлегиялъул изнуялдалъун, дирго гьеб сапар нужееги рагьизе хӏукму ккана, хириял цӏалдолел. Халатккун цо-цо сапаралъ яхъинчӏого чӏезе кӏолареб хасият буго дир. Турциялде щун йикӏана дагьал церегӏан соназ цее. Даран-базаралъ гуро, гьадинго, тира-сверизе. Гӏарац базе бакӏ лъугӏун ятилинги ккоге, хъвадарулеб къавмалъул цӏикӏкӏараб гӏарац киданиги букӏунаро. Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул гӏадат буго нилъер миллат цӏакъго бокьулел гӏадамазе сайгъатал кьечӏого толареб. Щаялиго дунги халлъула гьезда мех-мехалъ. Гӏарцуца хӏалтӏи малъулелъул, дирги хиял ккана, автономиялъ конверталда жаниб лъун кьураб «баркалаялъухъ», жиндие лагълъи гьабизе кколеб къайи- цӏа босичӏого, пикрабазе цӏилъи кьолеб цо сапар гьабизе. Щай Турциялде? Щайгурелъул, дораги гӏемерал магӏарулал рукӏин рекӏелъа унарого букӏун. 2004 соналъ тӏоцебе Турциялде бухьараб сапаралдаса дирго хъвай- хъвагӏаязул хал гьабидал, цӏакъ мукъсанал жал ратана. Дагьаб гӏатӏидго рагьизе бокьана, батӏияб улкаялда ругел магӏарулазул гӏумруялде нуцӏа. Гьелъие гьанже жамгӏиял гьиназулги бергьун кӏудияб кумек буго, чияр ракьалде къисматалъ рачарал магӏарулазул наслуялъулгун гьудуллъи щулалъун гуребги, дирго гӏагарлъи балагьизе квербакъана гьенир ругел гьудулзабаз. Сундулха бицинеб берцинаб Турциялдаса юссарай дица? Къокъго баян кьела – гьенир рукӏарал данчӏваязул, гӏасраби хиса- ниги умумузул ракьалде хинлъи цӏунарал наслабазул, гьеб киналъго гьабураб асаралъул.
Стамбул
Щунусгоялде гӏагарун километр нухлулги нахъа тун, Анкараялдаса рахъун дида дандчӏвазе Стамбулалъул аэропорталде щун ратана дир гьудулзаби Яшаргун Асият.
Яшар – Анкараялда бугеб магӏарулазул жамгӏияб гӏуцӏиялъул цевехъан, Турциялда ругелщинал дагъистаниязул бухьен щула гьабиялъе хӏаракат бахъулев, Ингишосагун Гӏандиса умумузул вас. Асият – гьесул лъади, Бакуялъул университеталда филологияб лъайги щун, гьенибго гӏелмияб хӏалтӏи цӏунарай Къабакъчолиса магӏарулай. Нилъер гӏемерисезда гьей лъала мацӏазул гӏалимчӏужу Асият Тӏинаева хӏисабалда.
Стамбулалда сордо базе рещтӏана гӏолохъанал рос-лъади Вулкан ва Делтахъ.
Вулкан – Яшарил яцалъул вас, магӏарул мацӏ лъаларев вацӏцӏадав магӏарулав, ралъдал транспорталъул инженер. Делта – туркай, турк мацӏалъул мугӏалим. Битӏахъе хӏайранлъана гьел гӏолилаз чӏахӏиязул гьабулеб адаб, гьезул берцинаб яшав бихьун. Гьездаса разилъи загьир гьабулаго, ункъо-щуго магӏарул рагӏи малъана дицаги радалиде Вулканидагун Делтада.
Ялова
Стамбулалде щварав магӏарул чи Яловаялде ваккичӏого чӏей мекъи буго, гьенисаги ун аскӏорго ругел магӏарул росабалъ гьоболлъи бачӏони, гьебги такъсир букӏинарищха. Яшарил машинагун цадахъ, ралъдал кӏудияб гамица щвезаруна, кӏикъоялда анцӏго километралъул манзилалъ гурони Стамбулалдаса батӏа тӏечӏеб, Мармарул ралъдал рагӏаллъуде щун тӏибитӏараб, щобазул каранда пара- халъараб, гьайбатаб некӏсияб шагьаралде.
Машааллагь, анцӏила цо соналъ цебего дир лъай-хъвай ккарай, Турциялда машгьурав, Дагъистаналда лъалев хъвадарухъан, шагӏир, таржамачи Жахӏбар Барласил, нусиде яхарай эбел ячӏана кавудахъ дандчӏвазе. Жинцаго хьухьарал хинал щватабиги кьуна нижее сайгъаталъе. Къосинчӏеб чӏикӏасезул мацӏ бугоан гьез бицунебги.
Жахӏбарил рокъоре ниж лъугьун мех балелде, партӏан тӏаде щвана Яловаялъул машгьурал «гӏолохъаби», бакӏалъулал аваразул жамагӏатчагӏи, миллаталъул хӏубал Шигьабудин, Пахрудин ва Жагьид.
(Жагьид араб соналъ Аллагьасул къадаралде щвана. Алжан насиблъун батаги гьесие).
— Нужер бицунеб берцинаб магӏарул мацӏалъ дир ракӏалъе кьолеб бугеб рахӏат, рохел, — ин яхъана Асият гьезие рецц-бакъ гьабизе.
— Вахӏ, ниж магӏарулаллъидалха! — ян аваданго жаваб гьабуна хӏурматияб ригьалде рахунел «гӏолохъабазги». Бахӏсалде сверараб гара-чӏвари ккана Дагъистаналдаги Турциялда- ги магӏарулаз бицунеб гӏурус, турк жубараб мацӏалда тӏасан.
Пахрудин:
— Анцӏго сон баралдаса нахъе магӏарулал ругеб бакӏалдаса вахъун шагьаралда вуго дун, амма нилъерго мацӏ кидаго бицуна. Мисалалъе, гьанжеги нижеца рокъоб турк мацӏ бицунаро…
Шигьабудин:
— Цебе гьедин букӏанин абе, Пахрудин.
Пахрудин:
— Цебеги хадубги батӏалъи гьечӏо бицунев чиясе.
Жагьид:
— Я, вац, те! Нилъер лъималазда, лъималазул лъималазда лъалеб бугищ магӏарул мацӏ бицине?
Пахрудин:
— Буго, дир наслуялда лъала… Валлагь, баркала, битӏахъе паналъана гьезухъ балагьун. Махсаро- хочӏалда чваххун бицунеб магӏарул мацӏ.
Гӏемерал соназ тӏад хӏалтӏун, Дагъистаналъул тарихалъул, магӏарул адабияталъулгун маданияталъул баянал ракӏаризе хӏаракат бахъулеб буго Барласица.
— Дица цӏияб мина бан буго, гьениб букӏине буго дир кӏикъого сонил хӏалтӏи жанибе бачараб, нилъер тарихалъул, магӏарулазул рухӏияб бечелъиялъул хазина данде гьабураб кӏудияб библиотека. Гӏезегӏан харжал гьаруна гьеб бакӏарулаго, гӏуцӏулаго. Гӏарац хӏажатаб жо буго, амма щибаб жо гӏарцуца борцине бегьуларо. Иншааллагь, гьеб нужедаги бихьила. Мурадги буго, Турциялда гӏолел нилъер наслабазда Дагъистан лъай. Гьеб рахъалъ умумуз нижее гьаниб щибго ирс тун батичӏо,- ян бицана гьес.
Шагьар бихьизе ячинчӏого гьез гьобол телищха, тирана «Махӏачхъала» паркалда, лъалхъана гьенир имам Шамил ва Расул Хӏамзатов ракӏалде щвеялъе лъурал бюстазда цере.
Къадекваназе ана, шагьаралъул мэриялда цебе бугеб, магӏарулгун даргиязул би жубарай Гӏабдулмукъсимил яс Патӏиматил ашбазалде. Гьенибги, цо-цоккун рачӏун, саламатаб магӏарул годекӏан лъугьана. Ашбазалъул хважаиналъги лъим гӏадин бицунеб бугоан магӏарулгун дарги мацӏ. (Гьелъги салам битӏана жиндир умумузул ватӏан — Къулецӏма ва Хважалмахьи росабазул жамагӏатазде.)
Бакӏ чияр бугониги, чагӏи нилъерго ратана. Бакӏги чиярин кинха абилеб, сверухълъиялъго Дагъистан ракӏалде щвезабулеб букӏиндал.
Жиндир чӏужу Мадиналгун лъай- хъвай гьабичӏого бегьуларинги абун, Хӏажимурадин абурав, черкесазулгун би жубарав вугониги, живго дагъистаниявлъун рикӏкӏунев, цо къаппарав бихьинчияс хъамуна рокъоре. Мадина ятана, Россиялдаса ячарай, черкесай. Кутакалда йоххана гьей гӏурус мацӏалъ кӏалъазе лъалел ясал (Асиятги дунгиха) рачӏиналдаса. Хӏажимурад вугоан дунялалъул гӏемерал фестивалазда гӏахьаллъарав, Америкаялъулгун Израгӏилалъул ракьалда Кавказалъул бакънал рачарав, искусствоялъул бутӏаялда машгьурав махщелчи. Нижееги рачана аргъаналда, жинцаго гьарурал, пашманал бакънал. Гьел ругоан, Кавказалдаса гочун Турциялъул ракьалде рачӏунел умумул ракӏалде щун хъварал, бадиб магӏу хулизабулел бакънал. Гьеб магӏу данделъаразул цохӏоязниги, бахчичӏого, чваххизе тана.
Гьанже росабалъе щвезе инилан, ниж тӏаде рахъиндал, Хӏажимурадица, угьунги биччан, абуна:
— Валлагьги, нилъер Гуней росу турказул росдаде сверулеб буго, магӏарулал гьенир цӏакъ дагь руго, — ян.
Анцӏго къоялъул сапаралъул ва гьенир дандчӏварал анцӏ- анцӏ магӏарулазул жакъа бицун лъугӏиларо. Бищунго интересаб, Анкарагун Стамбулалда бихьа-рагӏараб жо, гьенир магӏарулаз цӏунарал абиял, кици-биценал хадусел номераздаги кьела, ин ша Аллагь.