1958-1959 цӏалул соналда дун ана Начада росдал школалда цӏализе. Гӏемер ракӏалде щола, байбихьул классалде вачӏиндал букварьги кьун, цӏализе ва хъвазе малъарай гӏурус учительница Таня (фамилия кӏочана). Гьелда цадахъ рикӏкӏадаб Россиялдаса нижехъе ячӏун йикӏана жеги лъабго учительница. Кӏочон толаро, дун захӏматго унтараб мехалда, нижехъе рокъоеги ячӏун, Нина абурай учительницаялъ, жиндирго ботӏродасаги бахъун шал дир горбода жемараб ва, ахӏиги бахъинабун, дун больницаялде хехго щвезавураб къо.
Пионераллъун рахъараб мехалда нижер дружина бикьана отрядазде ва звенобазде. Гьенир тӏоритӏулаан батӏи-батӏиял конкурсалги хӏаялги. «Будь готов!» – «Всегда готов!» абурал жалги малъана гьез. Комсомолалъул гӏумруялде щведал, тӏадчӏун лъазабизе кколаан Устав ва цӏалулъги гӏадлуялъулъги хӏаракаталлъун рукӏинеги школалъул жамгӏияб гӏумруялда гӏахьаллъизеги кколаан.
Бицина дирго гӏумруялда ккараб цоги лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъги. Росдал школалда хӏалтӏулаго, дица цадахъго гьабулаан комсомолалъул гӏуцӏиялъул хӏалтӏиги. Гьединаб дир хӏаракатчилъиги бихьун, комсомолалъул райкомалъ дие кьун букӏана Россиялъул церегосел ва берцинал шагьаразде сапаралъ ине рес кьолеб «По золотому кольцу» абураб путевка. Гьедин сапар бухьана дица Ярославль областалъул Ростов Великий шагьаралде. Путевка букӏана «Спутник» абураб Халкъазда гьоркьосеб гӏолилазул централъул гӏуцӏиялъул рахъалдаса кьураб. Ярославлялда ниж лъикӏ къабул гьаруна. Гьенире щун ратана тӏолабго Совет Союзалдаса гӏолилал (комсомолал).
Доб мехалда бихьаралъул бицун хӏал кӏвеларо, хӏалтӏи гӏуцӏун букӏун буго кутакалда берцинго. Рачунаан аскӏор ругел шагьаразде ва музеязде. Ракӏалда хутӏана Петр I-сесул, Иван Грозныясул музеял, машгьурав хъвадарухъан Алексей Некрасовасул рукъ, Волга гӏурул рагӏалда аскӏоса гӏебеде ругел гӏемерал шагьарал ва цогидалги берцинал бакӏал.
Нижер туристазулаб къокъа бикьун букӏана кӏиго секторалде: культмассовиябги спортивиябги. Анкьго къо Ярославлялдаги бан, нижер цо къокъа ана Москваялде, кӏиабилеб – Ленинградалде. Москваялда «Турист» гостиницаялда бана анкьго къо. Щвана Багӏараб майданалде, Мавзолеялде. Кӏиго сагӏаталъ иргаялдаги чӏун, вихьана Ленин, Кремлялъул къадал, «Царь Пушка» ва цогидал бакӏал. Гьенир сураталги рахъун, ниж тӏад руссана. Гьединго ниж рачана Москваялъул тарихияб кӏвар бугел ва берцинал бакӏал рихьизе.
1990 соналда дун восун вукӏана КПССалъул членлъиялде. Партбилет дихъе кьолаго, партиялъул райкомалъул секретарас абуна: «Партиялъе бищунго захӏматаб заманалъ вачӏунев вуго мун нижер кьеразулъе, кьеги дуе икъбал ва сахлъи», — ян. Амма гьесул гьари къабуллъичӏо.
Биххана СССРги, нахъе ккана дирго сахлъиги. Гьанже гӏемер пикраби гьарула добги гьабги заманалъулги, арабги жакъасебги гӏумруялъулги ва пашманлъизе бачӏуна. Кин букӏаниги, лъикӏаб букӏана советияб заман.