Бигьародул гъотӏол сариналъухъ

Хӏалтӏудаса хадуй шагьаралъул паркалде арай дие роол хӏикматаб асар гьабуна хӏанчӏазул панаял бакъназги, гьел бакъназухъ гӏенеккун машгъуллъун ругел гӏолилазги, гӏолилазухъ хӏасратго балагьун бугеб рокьиялъги. Ццидалаб унтуца жанире къотӏун рукӏарал гӏадамазул цӏун букӏана парк. Киса-кибего – сунтӏун хӏалхьолареб талихӏалъул махӏ. Паркалда скамейкаялда гӏодой чӏарай диде аскӏоре рачӏана цӏикӏкӏараб ригьалъул рос-лъади ва гӏодор чӏана. Цоцазул квералги ккун рачӏунел гьезда щаялиго бахиллъизеги бачӏана. Гьез цоцазе бицунеб букӏараб тамашаго хӏеренаб мацӏги. Цоцазе цӏакъ берцинго гьимулелги рукӏана гьел. Лъадул ботӏродаса хъущтӏун араб кӏазги битӏа-бишизабуна росас, гьелъул хъахӏлъараб бетӏералда квералги рахъана гьес. Цоцаздехун гьезул бугеб недегьлъиялъухъ ялагьидал, рухӏдаллъизе бачӏунеб букӏана. Гӏунсбиги релълъарал ругоан гьезул. Гьелъие мороженое босизеги ана гьев. Гьелъухъа цо-цо гордеялде чвахулеб гьебги бацӏцӏунеб букӏана гьес. Гьесул хӏеренлъиялдасаги тӏалабалдасаги дагьайго нечолейги йикӏана гьей.

Дие тӏаде яхъинецин бокьун букӏинчӏо. Тӏехь цӏалулеб ххвелги гьабун, балъго гьезул накъиталъухъ гӏенеккун чӏана дун. Унго-унгоги, гьеб дандчӏваялъ дие гьабун тараб асар!

Бигьародул гъотӏол «гӏазуги» квераз кколеб букӏана гьес. Гьейги цӏакъ йохулей йикӏана гьеб гӏазу- хъупалдаса. Цинги гьез ракӏалде щвезабуна жидерго тӏоцебесеб лъай-хъвай. Гьале гьаб гъотӏокь тӏирщун буго гьезул тӏоцебесеб рокьи. Ва санайил, бигьародул гъотӏол хъупалъ хӏасратал саринал рачине лъугьунеб заманалда, гьел щолел руго гьеб гъотӏохъе. Ва гьелъ цӏидасанги гӏолохъанлъиялъул халича тӏибитӏулеб буго гьезул къисматалда гъоркь. Цинги гьалъиеги гьасиеги цӏидасан гьимулеб буго доб талихӏаб лахӏзат.

Цо заманалдасан гьазде аскӏое ячӏана гьанжего гьанже ботӏрол расазда саву кколеб бугей, гӏолохъанлъиялъул нур берцинаб гьурмадаса жеги свине ракӏалдаго гьечӏей чӏужугӏадан. Гьелда цадахъ гьитӏинай ясги йикӏана.

Дахӏабаба, дахӏадаянги ахӏдолаго, яс гьезда хурхун чӏана. Дой чӏужугӏаданалъ гьезие рачӏана цӏурачадалги. Гьезул цо-кӏиго мочӏу диеги щвана. Гьей гӏаданалъ херазул гьабулеб адаб бихьун, дица тана гьей гьезул яс ятилилан. Амма гьей йикӏун йиго гьезул нус.

Гьезул рукӏун руго цо васги цо ясги. Васасул машинаялда рекӏун унел рукӏарал гьел, авариялдеги ккун, хун руго. Гьездаго цадахъ хун вуго дурцги. Ясалъул цо вас хутӏун вуго нахъе. Васасулги цо яс йикӏун йиго. Васги ясги хун, жалго ялгъузго хутӏарал гьел аскӏоре рачун руго нусалъ.

Долдаса нахъе ун буго чанго сон. Нусалъ хъулухъги гьабун ругел гьезие бигьалъана къисматалъул бакӏаб гьир баччизе. Цо дагьаб мехалъги паркалдаги тира-сверун, талихӏаб хъизан, рухӏияб берцинлъиялъул расеналги дир рекӏелъ расун, рокъоре ана… Гьел гӏедегӏун унел рукӏана нусалъ талихӏалъул цӏа свинеб течӏеб гъасде.

Инсул дарсал

Заманалдасан дун яхъана тӏаде. Амма бухӏун щвараб бакъалъги бакъудаса гӏорцӏуларого бугеб тӏабигӏаталъги цодагьалъги лъал- хъейилан щурулеб букӏана. Диегоги цо гьедигӏанго бокьун букӏинчӏо рокъое лъутизе. Рагӏдукье ккараб скамейкаги балагьун, гьений гӏодой чӏана. Ва цӏалулеб букӏараб тӏехь лъугӏизабизе жуяна. Дун тӏуркӏизаюна релъа-рохун рачӏунел гӏолохъанал рос-лъадул гьаркьаз. Гьанжего гьанже гьабураб гӏадаб лъимерги букӏана коляскаялда. Дандбитӏун бугеб скамейкаялда гӏодор чӏана гьел. Дол хераз гьабураб берцинаб асар жеги лъугӏичӏей дие бокьана гьел талихӏал гӏолилазухъ гӏенеккизеги.

Гьез лъимадуе бицунеб букӏараб берцинаб мацӏги, беэдулеб букӏараб куцги! Ирга щоларого рукӏана гьел, лъимер кодобе бачинеги, зобалазде гьелб цӏабуцӏинабизеги, гьелъул гьимиялъ куркьбал гъолел рукӏана эбел-инсул талихӏалда. Гьеб гьимараб мехалда, биччан гьаракьгун релъулелги рукӏана гьел. Лъимер гӏодизе лъугьарабго, рихха-хочиги лъугьунеб букӏана.

Тӏокӏабги берцинабищха ракьалда талихӏ букӏунеб – эбелги эменги ва гьезул талихӏалъул кӏуллъун кколеб гьитӏичги! Эбелалде иргаго щвезе толеб букӏинчӏо инсуца, кечӏгицин ахӏулеб букӏана гьес лъимадуе. Гьеб гьаракьалъ гьеб лахӏзаталъ пана гьабун букӏун батила сверухълъиго. Лъикьаниги нечечӏого, гӏисинккун лъимер кьижизабизе ахӏулеб гьеб кечӏалъулъ букӏана цӏакъго цӏакъ берцинаб ва эбелалъулалдаса батӏияб талихӏ. Инсул талихӏалъул махӏ батӏиябгӏаги букӏунеб батила.

Гьесул кинидахъ кечӏ боржунеб бугин кколеб букӏана зобалалзде, Тӏадегӏанасухъе, жиндир лъимер цӏунейилан гьаризе.

Цо заманалдасан ахӏдана гӏолохъанав инсул телефон. Ва гьес, цо кӏудияб гъираго гьечӏого, жаваб кьуна. Гьесул жавабалдасан бичӏчӏулеб букӏана телефоналдасан кӏалъалев чи гьесул эмен вукӏин. Щаялиго дир пикраби кьерхана. Ракӏги цӏунцӏрахун ана. Бугониги, ракӏалде ккана дагьалъги лъалхъизе. Васас инсуда абуна жал паркалда ругилан. Бокьун букӏана талихӏав инсул талихӏкъарав эмен вихьизеги…

Кватӏичӏого тӏаде щвана магӏарухъа васасде щвезе вачӏунев эмен. Росдал къагӏидаялъ гӏадатго ретӏа-къарав гьев рекӏее гӏечӏо шагьаралдаса чӏухӏухъаналъе. Гьелда бихьулеб букӏараб къоги коляскаялда жаниб кьижун ккараб лъимералъухъ валагьизе вакьад виччаларого.

— Къаси вачӏа вас вихьизеги, ниж гьанже гьоболлъухъ ине руго, къасиги дагьалъ хехго вачӏа, нижер цоги ине кколеб бакӏги буго, мунгоги рукӏкӏиналде хехго тӏадвуссине вукӏине, — ян лъазабуна дагьаб цебегӏангицин жиндирго гьитӏичие талихӏалъул кечӏ ахӏулев вукӏарав гӏолохъанав инсуца жиндирго инсуда.

Лъималазе росарал сайгъатазул цӏураб пакетги кодобго кковухъе, васас цогиги хъачӏаб рагӏи абилалде, эмен цевеса ана. Инсул хъачӏлъиялъухъе кьижараб лъимерги борчӏана. Гьеб гӏодизе лъугьана. Кигӏан эбел-инсуца лъикӏаб бицаниги, гьеб гӏодобе биччазабизе кӏолеб букӏинчӏо. Гьеб хӏинкъун батизе буго инсуца жиндиего кьурал тӏоцересел дарсаздаса.

Цо заманалдасан роцӏун букӏараб зобги чӏегӏерал накӏкӏаз бахчана, бакъги къанщун ана, хӏанчӏазул сариналги къотӏана, зобалазги байбихьана тӏухьигӏан бакӏаб магӏу ракьалде битӏизе. Гьеб цӏадалъ йиччулей йикӏинцин лъалеб букӏинчӏо дида. Инсуда рокъове вилълъайилан абизе бихьинчилъи гӏечӏев, гьев вачӏиналдаса рохелги загьир гьабизе лъачӏев гӏолилас жиндирго лъима- дуе ахӏулеб букӏараб доб хӏайранаб кечӏ сверухълъиялдаго магӏулъун щущанин кколеб букӏана.

Магӏарухъа вачӏарав инсул хадусеб къисмат дида лъаларо. Амма, васас бекизабураб рекӏел кескалги рищулаго арав гьев, гьеб сордоялъ васасухъе анадайилан абурал пикрабаз жакъаги рахӏат толеб гьечӏо дие.