Улкаялда хӏурият ккун хадуб гьабураб халкъалъул хъвай-хъвагӏаялда рекъон, Цӏунтӏа районалда гӏумру гьабулеб букӏана 80 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чияс. Гьабсагӏаталда вуго 25-30 азарго цӏунтӏасев. Гьелъие гӏиллалъунги дида бихьула жакъасел хъизамазда дагьал лъимал гьари.
Советияб заманалда районалда йикӏана лъимал гӏемерай, ай бахӏарчияйлъун рикӏкӏарай 300 эбел. Гьезул цояй ккола Лъерулъ росулъа Гӏайшат Мухӏамадова. Гьабсагӏаталда Гъизляр районалъул Красный Восход абураб росулъ гӏумру гьабун йиго гьей. Гьелъги гьелъул рос Ахӏмадицаги гӏезабуна 10 лъимер.
Ахӏмад Мухӏамадов (Цӏакилав) ккола 1938 соналда гьавурав чи. 1944 соналда, Цӏунтӏа районалъул росабазул жамагӏатал Чачаналде гочинарураб заманалда, гьес бан букӏана анлъго сон. 1957 соналда умумузул ракьалде тӏад руссана цезал. Амма росабазул бакӏалда гьезда гьенир ратана чӏваднал. Цӏидасан разе ккана росаби.
Ахӏмад ана Махӏачхъалаялъул зооветеринарияб техникумалда цӏализе. Гьебги лъугӏизабун, комсомолалъул путевкаялда рекъон, хӏалтӏана Свердлов областалда, Башкириялда ветеринарияв тохтурлъун. Гӏагараб ватӏаналде тӏад вуссиндал, хӏалтӏана районалъул ветеринариял хъулухъазда, рохьил магӏишаталъул отделениялда, росдал советалъул депутатлъун. 1984 соналда гочана Гъизляр районалъул Красный Восход росулъе. 1985-1990 соназда вукӏана Гъизляралъул ветстанциялъул ветеринарлъун. 1993-2013 соназда – токалъул контролерлъун.
Ахӏмадилги Гӏайшатилги буго 10 лъимер: анлъго васги ункъо ясги. Гьабсагӏаталда гьел руго Цӏунтӏа ва Гъизляр районазда батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏулел. Масала, гьезул вас
Шамил ккола Цӏунтӏа районалъул бетӏер. Гьес гьарулел ишаздаса рази руго ракьцоял. 2019 соналда Вицӏиялъги Элбокъги росабалъ рана ФАПазе минаби. Районалъул школазда рана цӏиял хӏажатханаби. Кӏилъартӏа, Сагьада, Кидеро ва Шаури росабазул школазе росана автобусал. Бан бахъинабуна Ицирахъ-Акди росабалъе 78 километралъул халалъи бугеб шагьранух. Гьабсагӏаталда балеб буго Шаури-Эчеда-Кидеро шагьранухги. Хӏисабалде босун буго Гениялъ, Мокъокъ ва Сагьада росабазул школазе цӏиял минаби разеги. Гьелдаго цадахъ Шамил Мухӏамадовасул нухмалъиялда гъоркь хӏадурлъулел руго Цӏунтӏа районалъул 90 сонилаб байрам кӏодо гьабизеги.