Санал ран цӏикӏкӏанагӏан, цӏакъго бокьулеб буго умумуз нилъее тараб кӏалзулаб хазинаялъухъ гӏенеккизе. Гьанже гурони, гьезул магӏнаги тӏубанго бичӏчӏулеб гьечӏо. Рагӏараб гӏакъилаб каламги къалмиде босизе бокьулеб буго. Руго нилъеда гьоркьорги гьединал гӏадамал. Гьезул цоявлъунги ккола дир росуцояв, Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик, дунялалдаго машгьурав гӏалимчи Шамил Гӏалиевги. Щвана гьесухъе цӏалдохъаби рачунги, щола дунгоги.
Махӏачхъала шагьар. Ленинил майдан.
Гьениб эхетараб чӏухӏараб мина.
Анлъабилеб тӏала – гьале кабинет,
Къаси нахъалъагӏан бакараб чирахъ.
Машгьурав гӏалимчи хӏалтӏулев вуго,
Хӏалкӏолев Бетӏергьан, цӏуне гьев нижей.
Гӏелмуялъул ралъад гьелчолеб буго,
Гьелъул карачелал гучлъулел руго.
Гьасухъе гӏадамал гӏедегӏун руго,
Жакъаги кабинет кьабгӏун цӏун буго.
Гьасул гӏумруялъул дарсахъ гӏенеккун,
Гӏисинал-чӏахӏиял паналъун руго.
Пикрабалъ цӏидасан Тӏанусив вуго,
Инсул минаялъухъ хӏасратлъун вуго,
Хуриса Гӏалица гьаниб бицараб
Къисматалъул къиса къалъулеб буго.
Дурго гӏадатлъиялъ тӏадегӏанлъарав,
Тӏадегӏанлъаниги, гӏадатлъарав мун.
Мун – гӏагараб росдал къиматаб жавгьар,
Мун – инсул цӏаралъул хӏикматаб цо чӏва.
Зодоб цӏваялдацин цӏар лъурав Шамил,
Цӏвалъун хутӏила мун росуцоязе.
Росдал адаб ккурав, гӏадат цӏунарав,
Тӏанусиса Шамил – мун нижер чӏухӏи.
Цо нухалда росдал цӏалдохъабиги рачун щвана гьесухъе. Цӏакъго лъикӏ къабул гьаруна гьес ниж. Гьабураб гӏаданлъи рагӏалде бахъинабизе гӏадин, гьес ниж кваназе кафеялдеги рачана. Ниж гӏорцӏараб гӏадаб мехалъ, гьимулаго, гьес нижеда гьикъана Тӏануси росулъ рижулел хурдуздаги тӏугьудуздаги цӏарал магӏарул мацӏалда лъида лъалелилан. Рагӏа-ракьанде щун, жеги гьел цӏарал лъазарун рахъинчӏо дир. Амма кӏудияв гӏалимчиясул заман гӏун буго гьединал гӏиси- бикъинал жалазде кӏвар буссинабизеги. Бокьула гьесул гӏагараб росдахъ урхъараб хабаралъухъ гӏенеккизеги. Гьанир гъоркьехун кьолел руго дица кицаби-абиязда релълъарал гӏалимчиясул гӏакълаби. Гьал къоязда гьес тӏубала 77 сон. Бокьун буго, гьавураб къоги баркулаго, машгьурав гӏалимчиясе гьаризе гӏелмуялъул дагьалги чӏахӏиял рорхалъаби мутӏигӏ гьаризе жан-жигар.
Гӏумруялъул дарсал
1) Дие бокьун буго щивав чиясда бичӏчӏизе ва лъазе жиндие щай къваригӏун бугеб жинцаго гьабулеб ишали. Бокьун буго нужедаги бичӏчӏизе, гьеб кинабго бичӏчӏун хадуб, рекӏелъ рещтӏунеб рохалил асар —дуцаго дуего кьолел суалал ва гьезие дудаго ратулел жавабал.
2) Дуда цо щиб бугониги лъалеб ва дуца гьелъул хӏакъалъулъ цогидазеги бицунеб бугони, гьезда гьебги бичӏчӏулеб бугони, гьелъул магӏна ккола гьеб дудаги бичӏчӏулеб бугин абураб.
3) Гӏурус рагӏабазул лъабго «в»—вера, воля, выбор. Гьел ккола нилъер рухӏияб хӏаракатчилъиялъул аслулъун.
4) Ракьалда гӏемерал санал ранагӏан, дие рокьулел руго лъималги херал чагӏиги. Гьанже цӏикӏкӏун хараби рокьула.
5) Инсан киданиги вукӏунаро жиндиего бокьараб хӏалалда талихӏавлъунги жинцаго рикӏкӏунев гӏадав талихӏкъаравлъунги.
6) Кибго, кидаго, бокьараб заманалда кинабго гьабизе лъазе ва бажаризе ккола.
7) Гӏелмуялъул тарихалда бищунго кӏвар бугеблъун ккола пикраби церетӏеялъул тарих. Пикрабазул гӏелги заманги букӏунаро.
8) Студентазда, аспирантазда, ай гӏелмуялда тӏадчӏаразда киданиги ракӏалде ккезе бегьуларо кигӏан кӏудияб машгьурлъиялъул гӏалимчиги жидедаса тӏадегӏанав вугилан.
9) Щиб жо кколеб талихӏ? Талихӏ ккола киналдего нилъ хӏадурго рукӏин.
10) Цӏалдохъабигун, студенталгун дандчӏвазе унелъул, дун рахӏатхун лъугьуна. Сундасан байбихьилебали лъаларого хутӏула. Ракӏчӏун нилъеда лъаларел суалазе кинал жавабалха ратилел. Хасго бичӏчӏулебги гьечӏони, щиб нилъее къваригӏун бугебали.
Амма цӏакъго кӏудияб асар гьабун букӏана дие цо нухалда росуцоязде цеве вахъунелъул, гьес абурал рагӏабаз:
— Дунялалъул чанги пачалихъалъул трибунабаздасан кӏалъана дун. Кӏалъазе кӏолеб букӏана эркенго.
Чан нухалда росуцоязда цеве вахъунев вугониги, щибаб нухалда цо рахӏатхун лъугьуна дун, черхалда гӏетӏги бала, жавабчилъиги цӏикӏкӏуна. Щибаб рагӏул жаваб.
Гьеб батизе буго гӏалимчиясул гьитӏинаб ватӏаналде бугеб кӏудияб рокьул къатӏрабазул квацӏи.