…Хӏайдар жанив рехидал

Хайбаралъул къавмалда,

Къварилъи бихьанадай гьанже гӏадаб кӏудияб.

Гӏураби гьаргьадулеб Дагъистаналъул боцӏи,

Дажалил къавмалъ квине

комсомолаз бикьана.

Кагӏбаялде инилан данделъараб магӏишат,

Гарцӏил боял тӏаде гъун тӏагӏине гьабун тана.

Гӏалимзабаз гьекъолел

фикъгьиялъул тӏахьазда,

Тӏад хӏур бетанин абун ахӏаби рачӏун руго.

Ибнухӏажар гьекъолел Хӏабибасул варисал,

Расмуялъул гьабзаца гьумер бетӏулеб буго.

Гьанже гӏоде, гӏадамал,

течӏин гӏакълу бугев чи,

Чанги гӏалим туранин тушбабазул турмабахъ.

Гьал рагӏабазул автор ккола Гӏасаса Дибирасул Мухӏаммад (Ягӏсуб). Гьал руго гьес мацӏихъабаз мацӏги гьабун туснахъалъув тӏамидал, туснахърукъалъул гьитӏинабго гордухъан бачӏараб загӏипабго канлъухъе хъвараб «Туснахъалдаса кагъат».

Дагьал гьечӏо Шамил районалда зияратал ва щибаб зияраталъул буго жиндирго тарих. Дун щвана Къахӏиб росулъеги. Щвана 1937 соналъ 85 сонил гӏумруялда вугев, тӏарикъаталъул агьлуялъе жив аслуго бацӏцӏадав жавгьарлъун вукӏарав мубарак Хӏасан-афандияс (къ. с.) рехун тараб минаялъуве. Жеги устарасул кверазул хинлъи цӏунун бугин ккана доб 1937 соналъул сардилъ гьес ахирисеб нухалъ ккураб нуцӏил кверкъелалда.

Сихӏкъотӏи буго устарасул рукъалъул азбаралда. Гьес нус-нус муридзаби, жиндиего бугеб хӏинкъиялъухъ балагьичӏого, балъго къабул гьарураб хӏужраялъул нуцӏа къан буго. «Дир рукьби кир рукӏаниги, дун гьанив вуго, дир рухӏги гьаниб буго», — ян ахӏулеб гӏадин хӏужраялъуре лъугьунеб нуцӏида тӏад буго художникас махщалида бахъараб Хӏасан- афандиясул сурат… гьанир нилъгун кӏалъала щибаб гамачӏ, рокъоб бугеб щибаб тӏагӏел…

Гьале къехӏдерил хобал. Гьанибги сихӏкъотӏи буго. Гьеб сихӏкъотӏиялда щибаб заниялъ нилъеда бицуна жиндирго тарих, жинда цебе бугеб ракьул гохӏалда гъоркь, ракьул чохьонив щив кьижун вугевали, гьаниб ракьалда тӏад гьес кинаб лъалкӏ нахъе тарабали.

Гьале доб, халкъул гӏаламалъего къиматав къутӏбу Хӏасан Хӏилмияс (къ.с.) жиндиего хоб бухъизеян тӏаса бищун букӏараб ракьул кесек. Гьениб устарасул цӏарги тӏад бикӏараб берцинаб ганчӏил заниги чӏван буго.

Чан гьел рукӏарал? Жидер гӏакъиллъиялъеги, цӏодорлъиялъеги, гӏелмуялъеги гӏоло кьучӏ гьечӏелщинал гьерсалги кьолон туснахъалъур тӏамурал жавгьарал.

…Гьан махӏцани, цӏам щвала, цӏар кӏудияб Дагъистан,

Цӏамги махӏцанин гьанже, гьабе, Аллагь, цо сабаб…

Гьел рагӏабиги руго Мухӏаммад Ягӏсубиясул «Туснахъалдаса кагъаталдаса» росарал.

Лъицаха Дагъистаналда цӏамгицин махӏцинабураб? Коммунистаз, комсомолаз, гьерсихъабаз, мацӏихъабаз… гьелда къокълъаниги бегьила. Гьел киназго квербакъана, квербакъунцин течӏого кумекги гьабуна. Киназго кинабго гӏайиб рехула заманалде, амма заманалъул хӏубаллъун ругел жалго кӏочон тола. Цо-цоязул кӏалдир ругьунал рагӏаби руго как-кӏалалъе доб коммунистазул заманалдаги квалквал гьабулеб букӏинчӏилан.

Тезин гьедин букӏанин. Гьале къадирияб тӏарикъаталъул устар Хӏайбуллагь-хӏажиясул (къ.с.) зани. Гьесул хабада тӏад бан букӏараб рукъ дол соназго комсомолаз биххана. Гьелъие нугӏзаллъун руго къед биххун гьенир хутӏарал ганчӏал, Хӏайбуллагь- хӏажиясул (къ.с.) хабада бугеб зани, живго гьев ва гьесда сверухъ бугебщинаб хобалазул агьлу.

Гьале некӏсияб Гьоор росу. Бечедаб буго гьелъул тарих. Гьелъие нугӏзаллъун хутӏун руго чӏвадназде сверараб басрияб росдал къадал, росдаего берцинлъи кьурал, росуцоязул бахӏарчилъиялъеги, къохӏехьеялъеги чӏагоял нугӏзаллъун ругел рорхатал ганчӏил сиял.

Росу рагӏалда руго Шамил имамасул рагъда шагьидлъарал гъазизаби ракӏалде щвеялъе рарал занал. Жакъа гьениб буго 21 зани, росуцояз бицана гьел лъебергогӏанасел рукӏанилан ва комсомолаз щущазарунин. Гьел заназул цонигиялда тӏад хъварал цӏарал цӏализе лъаледухъ гьечӏо. Комсомолаз квартӏица хвезарун руго заназда хъварал гъазизабазул цӏарал. У ле, комсомолаз хӏаракат бахъун буго тарихалдаса гьезул цӏарал нахъе хъвагӏазе. Росуцоязул рекӏелъа гьел лъицаха хъвагӏалел? Лъида кӏочон телел гьезул бахӏарчиял гьунарал? Замана хиса-сверулеб жо буго. Цебе букӏун батани коммунистазул гӏасру, гьанже буго Исламалъулаб гӏасру. Некӏсияб Гьоор бан бугоан борхатаб кьурул рагӏалда бацӏцӏадаб ганчӏил тӏалуялда тӏад. Гьенир кьурул рагӏаллъиялда руго шайих Рамазанилги, Аллагьасул вали Ахӏмадилги зияратал. Битӏахъего чуязда ва хӏамузда баччун, гьезул зиярат бугеб «Зулирагӏал» абулеб бакӏалдаса кьурса гӏодоре ралел рукӏун руго Къуръаналги гӏелмуялъул тӏахьалги.

Росуцояз бицунеб буго парторганизациялъул секретарасги росдал советалъул председателасги гӏалимзабаздеги гӏелмуялдеги данде рагъ балеб мехалъ гьезул рахъ кколелги гӏемерал рукӏанилан. Чӏагояздасани киса гурин гьел хӏинкъуларел, хӏатта хвараздасацин хӏинкъулел рукӏиналъе нугӏлъи гьабулеб гьечӏищ гъазизабазул лъукъарал заназ.

Рукӏун руго росулъ «тӏагъур бахъизеян ритӏараб мехалъ горбодаса къотӏун бетӏер босун рачӏунелги». Гьединал нахъе къачӏо росулъ рукӏарал гӏалимзабазул занал гъуризецин. Будун-хӏажияв вукӏана лъелго ун хӏеж борхарав лъикӏав гӏалимчи. Ирга щвана гьесул зани бекизеги. Гьецӏокъги кьабун «бахӏарзаз» гьесул заниялъул лъабго кесек гьабуна. Гьелдаги къокълъизе букӏинчӏо «гӏащтӏичагӏазул» гьунар гьение Будун- хӏажиясул яс Патӏимат щвечӏейани.

— Дир жаназаялда тӏасан гали бан хадуб гурони нужеца дир инсул заниялда квер хъваларо, — янги абун, хӏинкъи тӏаде ккараб мехалъ гъалбацӏалъ жиндирго тӏанчӏи цӏунулеб гӏадин, жиндирго инсул заниялда цее, квералги ригъун, эхетана магӏарулай. Жакъа доб вахӏшияб заманалъул вахӏшиял гӏадамазул вахӏшиял ишазе нугӏлъун буго Будун-хӏажиясул лъабго кесекалде бекараб зани.

Щибиланха гьелда абилеб? Гьеб гурищ доб вахӏшилъи?! Цӏакъго цебе заманалда букӏараб лъугьа-бахъин гуро гьеб. Гьединал, гьелдасаги цӏикӏкӏун гӏорхъолъа рорчӏарал зулмаби хӏехьана умумуз. Гӏемерал чӏагоял нугӏзал руго гьезие. Букӏинчӏищха коммунистазул зулму, хасго диниял суалазда сверухъ!? Чан щибго гӏайиб гьечӏел бусурбаби тӏагӏинарурал «цӏаларал чагӏийилан» мугьруги чӏван араб рахъ-мухъ лъаларедухъ?! Лъицаха рикӏкӏунел рукӏарал мажгиталги къан балъго цо пуланаб бакӏалда мавлидалда данделъарал бусурбабазул калошал? Лъица мажгитал рагӏи-хер лъолел гьоразде, клубазде, библиотекабазде руссинарурал? Щал росулъе рачӏараб мехалъ къулгӏабахъе бецун мичӏчӏ балеб букӏараб жанир какал ралел гьечӏилан ккезе? Лъица абилеб школазда учительзабаз кӏал кколаредухъ лъималазда лъим гьекъезабулеб букӏинчӏилан? Суалал, суалал… Гьезие ахирго букӏинаро.

Аллагьасе рецц буго, Жиндир хӏалкӏвеялдалъун доб зулмуяб заманги тӏаса ун, дин-исламалъе эркенлъи кьурав. Жакъаги дагьал гьечӏо исламалде данде къеркьолел атеистал. Абула гӏоралъ хъамун унев сумагӏучӏалдецин хапдолилан. Гьелъухъего, коммунистазул гӏасруги тӏаса ун, Исламалъул гӏасру бачӏараб мехалъ гьезги щибха гьабилеб? Гьеб буго гьезул хвалда цебесеб хапдей.

Кире кӏанцӏилел хӏакъикъаталдаса? Бихьугеги нилъеда тӏокӏаб додинаб вахӏшияб заман! Амин!