Махӏачхъалаялъул больницаялда хӏалтӏулев тохтур, 60 сонил ригьалде вахарав Гӏалиев Макъсуд, чияца гьумер-кӏалги бухун рокъове вачӏиндал, гӏажаиблъун рукӏана киналго. Кӏалдиб лъуниги килищ хӏанчӏуларев, къварилъиялде ккарав чиясе кидаго кумекалъе гӏедерав Макъсудие ккараб цӏехон гьесухъе щведал, гьес бицана гьадигӏан цӏакъ нилъер, ай дагъистаниязул иш хун батилин киданиги ракӏалде ккун букӏинчӏилан.

«Махӏачхъалаялъул, Мухӏамад Хӏажиевасул къотӏносан вачӏунаго, шагьаралъул ахикье сверулеб сверулъ гӏодой ккун йигоан гӏолохъанчӏужу. Гьелде тӏаде ралагьун цоял, гьелъие кумек гьабизе бажарараб гьабулел цогидалги ругоан. Дун тохтурлъидалха, дида бичӏчӏана гьелде кӏотен бачӏун букӏин ва, «хехаб кумекги» ахӏун, хӏалбихьана тӏоцебесеб кумек гьабизе.

Лъавудаса арай гӏолохъанчӏужуялъул керен—бетӏер цебе рехун букӏана. Гьеб бихьарал цо—цо гӏоркьилаз, гӏолилай гӏад—хочӏги гьаюлаго, жидерго телефоналде яхъулей йикӏана.

«Хехаб кумек» тӏаде щведал, гьез гьей больницаялде ячун ана, дунин абуни гьел гӏолилазе бадибчӏвай гьабизе лъугьана. Дица гьезда берцинго бичӏчӏизабулеб букӏана инсанасул къварилъиялда тӏад релъизе бегьуларин, нилъер эбел—яц камурав чиги вукӏунарелъулин. Дица цо абун, гӏоркьилаз кӏиго абун, нижер хабар хӏалуцана ва иш рагъде ккана. Лъабго—ункъоясде данде дир хӏал гӏелищха, къокъабго заманалда жаниб, гӏиссинлъималаз тӏадеги руссун, гьаб жо гьабунаха диеги», — ян бицана Макъсудица хъахӏиллъарал беразда кверги бахъулаго.

Бищунго гӏажаибаб жойилан тӏадеги жубана гьес, аскӏосан унел рукӏаразул цонигияс хӏалбихьичӏила жал ратӏа гьаризе, цо чӏужугӏадан чӏичӏидун, ахӏдон лъугьиндал, талихӏалъ, тӏурун анила гӏоркьилал.

Пятигорскиялде сапаралъ унаго, ингушазул Барсуки росдал рагӏалда кӏиго машинаги дандречӏчӏун, цӏакъ вахӏшияб авария ккун батана. Цояб машинаялда рекӏун букӏана цӏа. Амма сундухъго балагьичӏого, тӏаде рачӏа-рачӏараз хӏаракат бахъулеб букӏана авариялде ккарал машинаялъуса къватӏире рахъизе, цо чангоялин абуни лъугьана талихӏкъосараб гьеб лъугьа-бахъин телефоназде бахъизе. Гьединал хӏужаби, хасго ахираб заманалда, цӏакъго гӏемерлъулел рукӏин бихьула интернеталде балагьидал. Жидерго телефоназде рахъарал гьел жал социалиял гьиназде рехулел ругелъулха кепалъего гӏадин. Щибха гьелъул магӏна? Лъавукълъийищ, инжитлъийищ яги хӏалихьалъийищ? Балагьги къварилъиги гьикъун бачӏунарелъул. Аллагьас цӏунаги, амма жидерго эбел-эмен, яцал, ясал гьединаб къварилъиялде ккани, гьезул суратал цогидаз рахъизеги, гьел интернеталдеги рехун гӏаламалдаго рихьизе лъезеги бокьиладай цогидазул къварилъиялда тӏад релъулезе?

Дагъистаниял, кавказиял кидаго рукӏана къварилъи ккаралъуре тӏоцере рортулеллъун, балагьалде ккаразе кумекалъе рахъунеллъун. Гьединал хӏужабазул, ай кавказиязул бахӏарчиял ишазулги нилъеда гӏемер рагӏана. Жиндирго рухӏги кьун гурищ нилъер ракьцояв, гӏумруялъул 24 сон барав Марат Рахӏметовас Москва гӏурулъ гъанкъулел рукӏарал ясал хвасар гьарурал? Астраханалда, пуланаб минаялда рекӏараб цӏадул балагьалъукьа кавказияс гурищ гьитӏинаб лъимер хвасар гьабураб? Москваялда, мехтарал гӏоркьилаз инжит гьавулев вукӏарав херав чи дагъистанияз гурищ нахъе вачарав? Чан нилъеда рагӏарал гьединал хӏужаби? Гьездаги кӏвелаангури, жидерго гӏумруялъе бугеб хӏинкъиялъул пикруги гьабун, нахъегӏанги чӏун лъугьа-бахъунеб телефоналде бахъизе? Амма гьездаги гьединалго цогидал гӏолохъабаздаги бичӏчӏула жал дагъистаниял, кавказиял рукӏин. Кавказалда балагьалде ккаразе кумекалъе рортулеб гӏадат дагьабниги яхӏ-намус бугесул бидулъ бессун букӏин. Чияр къварилъиялда тӏад релъи — Кавказалда инжитлъилъун рикӏкӏунеблъи. Гьедин букӏана гӏасрабаз, гьедин малъулаан умумуз лъималаздаги.

Свалат-салам лъеяв аварагасул хӏадисалда буго: «Гӏадамазда гурхӏуларесда Аллагьги гурхӏуларо», — ян. Цогидаб хӏадисалда буго: «Жидер рекӏелъ гурхӏел бугезда Аллагь гурхӏула, нуж ракьалда ругел гӏадамазда гурхӏа, зобалазда ругел малаикзаби нужедаги гурхӏила», — ян.

Аллагь разилъаяв Гӏумар ибну Гӏабдул-Гӏазизица абуна: «Аллагьасе бищунго бокьулеб лъабго гӏамал буго: рецӏел босизе кӏолеб букӏаго тӏаса лъугьун тей; ццим бахъиналда аскӏоб сабру гьаби; Аллагьасул загӏипал лагъзадерида гурхӏи», — ян.

Цо нухалда аварагас, михӏмаралдеги вахун, ахӏун абуна: «Ле, кӏалалъ бусурбанлъарал, рекӏелъе иман лъугьинчӏел гӏадамал! Нужеца бусурбабазе зарал гьабуге, гьезде рогьоги баге, хадур лъугьун гьезул гӏайибалги ралагьуге. Бусурбанчиясул гӏайибал ралагьулев щив чи вугониги, Тӏадегӏанав Аллагьас гьесул гӏайибалги ралагьула. Аллагьас гӏайибазда хадув лъугьарав чи, дунялалдаги ахираталдаги къватӏивги чӏвала, рокъов вахчун гьев вугониги», — ян.

Кинабха бугеб жакъасеб къоялъул хӏакъикъат? Жакъа нилъ дагьал гӏиссинлъулел руго. Гӏедегӏулел руго гӏодизе ккаралъур релъизе, чияр къварилъиялда тӏасан гали бегьунги гӏарцуе лагълъи гьабизе. Жакъа нилъер щивасухъ кодор ругел телефоналги, планшеталги, ноутбукалги ва цогидабги алат буго нилъее кьураб рахӏмат. Гьездаса битӏун пайда босани, гьел нилъее нигӏматлъун рукӏуна, мекъи хӏалтӏизабуни – жужахӏалъул гӏазаблъунги батула. Щукру гьабичӏеб нигӏмат нахъе босулинги абун бугелъул, щай нилъ заманалъул лагъзаллъун рукӏине кколел? Щай нилъеца заман нилъеего мутӏигӏ гьабулареб?