(Байбихьи 24-аб. номералда)

Дагъистаналъул гӏадал рорхатал мугӏрул щвечӏониги, щобаздегӏан къараб, санагӏатаб бакӏ бищун буго яшав гьабизе Турциялде гочарал нилъер миллатцояз. Гьенире щолаго цо нилъерго Казбек районалде, Буртунаялде рачӏунеб гӏадаб хӏисаб букӏуна. Цебесеб нухалъ, ай 2004 соналъ щведалго рекӏелъе бортун букӏана Гуней росдал тӏабигӏат, сверухълъи. Гьелдаса нахъе ккараб берцинлъиялъул гьечӏоан Шигьабудин гӏураб Эседия росуги.

Шигьабудин Озден -жамгӏияв хӏаракатчи, хъвадарухъан, «Дагъистан» журналалъул редактор. Къокъго абуни – сахав магӏарулав, халкъалъе хӏажатав, Турциялда гӏолел магӏарул наслабазул метериселъул пикру гьабун пайдаяб иш гьабулев лъикӏав инсан. Аваразул интеллигенциялъул гьев лъаларев чи гӏемер ватиларо. Дагъистаналдаса рачӏунелги дораго ругелги магӏарулазе годекӏанлъун лъугьараб, Шигьабудинил азбаралъур рещтӏана нижер къокъаги. Нижее салам кьезе рачӏарал бакӏалъулал магӏарулазул саламатаб горсвери лъугьана. Кванил нигӏматал хисун столалде рачӏана магӏарулазул цӏваби гӏадал цӏарал хъварал, нилъерго мацӏ, тарих цӏуниялъе риччалел басмаби. Гьанир рукӏун нилъеца цӏалуларел, цӏиял рахъарал ва цересел тӏахьал ругоан Шигьабудинихъ. Гьезда тӏаде цо чанго дицаги жубана (халкъияй шагӏир Залму Батировалъ саламгун гьесие сайгъаталъе ритӏаралги рукӏана тӏахьал). Данделъараз лъай-хъвай гьабуна Шамил районалъул жакъасеб гӏумру рагьулеб «ЦОЛЪИ» казияталъулгунцин.

Гьенисаги щвана Гунеялде, рихьана чӏороголъарал чӏахӏиял минаби, тира-сверана, жамагӏат гъункараб мехалъ чӏухӏун къачӏарал къватӏахъ, лъалхъана Дагъистан ракӏалде щвезабулел суратазгун алатаз къачӏараб ашбазалда. Гьениб бицана, жеги балугълъилалде эменгун цадахъ сапаралъ унаго Турциялде ккарав, Гунеялда вукъарав дир кӏудияв инсул вацасул хӏакъалъулъ. Гьидалъа Мухӏамадин абулеб букӏун буго Гунеялда гьесда. Лъана гьев махщел камилав маххул къебед, гӏертӏал гьарулев устар вукӏараблъи, баянлъана гьесул наслуялъул лъалкӏал. Алжанул гӏаркьел гӏадаб гьайбатаб росулъ цӏикӏкӏун руго чӏунтулел минаби, лъугӏулел руго магӏарул мацӏ бицунел, кӏудияб кӏвар гьечӏо гьеб цӏуниялъулги.

Тӏубан сапаралъул ва гьенир дандчӏварал анцӏ-анцӏ магӏарулазул хӏакъалъулъ бицани, хабар цӏакъго халалъила. Гьел гара-чӏварияздаса рекӏелъ хутӏарал цо-цо пикраби рагьила.

Гуней росдал годекӏанир

Дагъистаналда бизнес гьабизе хӏалбихьарав Кӏаратӏаса наслуялъул Карим: «Даран-базаралда гьоркьоб ритӏухълъи гьечӏо Дагъистаналда. Хӏалбихьун букӏана, амма цӏакъ рекӏекълъана. Гьобол-гьудулъиялъе лъикӏал руго Дагъистаналъул магӏарулал, цоги иш цадахъ гьабизе бегьулареблъи бичӏчӏана».

Шигьабудин Озден: « Дие бокьиларо дагъистаниял жидеда божизе бегьуларел гӏадамал ругин абулеб рагӏизе. Нижелъ эбел-инсуца куцана магӏарул чи лебалав, ритӏухъав вукӏине кколин. Киналго гьединал гьечӏеб къагӏидаха».

Турциялда дандеккун Дагъистан кин бихьулеб социалияб цебетӏеялъул ва исламияб рахъалъин абураб дир суалалъе, Шигьабудиница гьадин жаваб кьуна: «Турция Европаялдаса нахъе ккун буго кӏикъогониги соналъ, гьедигӏанабгосеб заманалъ Турциялдаса нахъе ккун бугин абизе бегьула Дагъистанги. Россиялъул хӏукуматалъ халкъалъул гӏумру лъикӏлъиялъе биччалеб гӏарац, гьелъул кверщел кодобе щвараз бикъулеб букӏиналъулъ буго гӏиллаги. Бикъа-хъами кибго батила, амма доба цӏикӏкӏун бугин ккола. Исламалъул бицани, гьаниб щибаб росдал, шагьаралъул имамлъун вуго тӏадегӏанаб лъай щварав, халкъалъул щибаб суалалъе жаваб кьун бажарулев чи. Хӏукуматалъ харжги кьун тарал чи руго гьел. Мекъаб, хӏукуматалъул политикаялде данде кколареб рагӏи гьезул букӏунаро. Бокьарав чиясе эркенго дин гьабизе рес буго, хӏал гьабулев яги гьукъулев чиги гьечӏо».

Турциялда ругел нилъер миллатцоял гӏажаиблъулел руго мажгитаздеги хьвадун гӏаракъи гьекъолел дагъистаниязда. Чанги батӏияб тепси гӏуцӏараб бакӏалда гӏодой чӏана дун гьел къоязда, амма чаялдаса къвакӏараб гьекъолеб жо рикӏкӏадасан балагьунгицин бихьичӏо. Нилъер гьаниб гьобол вачӏингун гьабулеб «хӏурмат» гьезда лъикӏ лъалеб бугоан.

Яшарил гьакида Бурса къотӏун Анкараялде

Роцӏцӏараб зоб, камилго цӏураб моцӏ, кваранихъе гӏаздалал тӏогьазул мугӏрул, рохьаз сверун ккураб, ахазулъ щинкӏараб некӏсияб Бурса. Гӏажаибаб асар хутӏана гьеб шагьар къотӏун унаго рекӏелъ. Чан биги, магӏуги, рекӏкӏги, пахрулъигиха бихьараб гьеб чӏухӏараб, Анатолиялъул ракьалда тӏибитӏараб, гӏусманиязул тӏоцебесеб тахшагьаралда. Бурсаялда гӏумру гьабун ругел Кавказалъул наслаби цолъизарулеб гӏуцӏиялъул нухмалъулевги ватана нижее салам кьезе нухде вахъун. Гьесул гьариялда рекъон Дагъистаналдаса росарал хунжрулги щвезаруна Анатолиялъул кавказиязе рикьизе.

Нус-нус километралъул нух нахулъа рас цӏалебгӏанги лъачӏого тана нахъе. Рогьалил гӏужде гӏагарлъун батана заман Анкараялде щолаго. Асиятица бицунеб букӏана жийго гӏураб ватӏан Закаталаялъул. Гьениб яшав гьабулел аваразул гӏумруялъул бицунаго, баянлъана миллияб рухӏияб хазина, умумузул ирс цӏуниялъе гьениб нилъеразе кьоларел ресал, гьечӏеб ихтияр. Гьеб кинабго бихьизе, бичӏчӏизе Дагъистаналдаса гьоболлъухъ рачӏунелги нагагь рукӏунин абуна Асиятица.

Яшарилгун Асиятил гъанситухъ магӏарулай Мелигьагун

Битӏахъе бахиллъана сверухълъиялъухъ балагьун, тӏоцересел бакъул чӏораз Асиятил рагъиде ахӏарай дун.

Унго-унгояб цӏа бакулеб гъансито бугоан ункъабилеб тӏалаялъул рагъида. Цӏакъ ургъун, берцинлъигун санагӏат рекъезабун ралел руго турказ гӏемертӏалаял минабиги.

Гьалбал рачӏине кколин гӏемераб рагъа-рашари бугоан нахъисеб къоялъ хважаинзабазул. Бугеб-гьечӏеб нигӏмат хӏадуризе журана гьел. Вабабай, дунги гьобол, цоги щалдай рачӏинаян ургъел чӏвана, чӏваниги цоги бакӏалде гьезги йиччачӏо. Дагъистаналдаса ячӏарай журналисталъулгун лъай-хъвай гьабизелъун рикӏкӏадаб Кахраман-Мараш шагьаралдаса ячӏуней Асиятил росасул гӏагарай гӏаданалда дандчӏвазе ана ниж шагьаралде. Анцӏгогӏан сагӏатги нухда бан, анлънусгогӏан километр нухлулги нахъа тун, автобусалдаса рещтӏуней, Европаялъул къагӏидаялъ ретӏа-къарай гӏаданалъул гьурмада свакалъул асарго гуреб, цо парангалъул гӏадаб гьими бугоан.

-Асият, дуца таржамачилъи гьабеха нижее, -ян шурана дица гьалмагъалъул гӏинде, интеллигент гӏадай Мелигьа йихьидал.

-Щибжоя? Чӏая мун гьай кӏалъазегӏан, -ян елъулаго балагьана Асият дида аскӏое гӏагарлъулей Мелигьахъ.

-Вай, Патӏимат, лъикӏ щварай! Кигӏан лъикӏ ячӏарай! Дунги ячӏана мун йихьизе.

Дун гьакӏкӏан хутӏана гьей, Шамилил заманалъго Турциялде гочарал умумузул наслуялъул ясалъухъ балагьун. Жеги магӏаруллъи бихьичӏей, турк гурони мацӏалъ цӏаличӏей, 30 соналъ Стамбулалъул чӏахӏиял музеязда хӏалтӏарай гӏадан дида кӏалъана бацӏцӏадаб магӏарул мацӏалъ.

Мелигьаца бицана Марашалда гьабулеб, Турциялда бищунго лъикӏаблъун рикӏкӏунеб дондурмаялъул (мороженное) шагьаралда гӏагарлъухъ бугеб жидерго Ортотепе росулъ санайил тӏобитӏулеб оцбаялъул хӏакъалъулъ. Ракӏалде щвезабуна лъимерлъи, харабазул биценал:

-Мун нижер росулъе ячӏине ккола, гьенир гӏемерал магӏарулал руго. Херал чагӏаз цӏакъ берцинго бицуна нилъерго мацӏ, гъозда гӏемерал кици-биценалги лъала. Дун гӏумруялъ Истамбулалдаги йикӏун лъалебги кӏочана. Дун гьанже хӏалхьиялда йиго, гӏемер щола росулъе. Исана оцбай дица гьабуна росулъ. Оцал щвечӏо хурир разе, чуялъ бекьана. Лъикӏаб байрам букӏуна, гӏемер чи вачӏуна, садакъа бикьула, батӏи-батӏиял къецал тӏоритӏула. Аскӏоб бугеб росулъаги ахӏула гӏадамал. Гьенирги магӏарулал ругелъул. Гьедин, цоцахъе хьвадула ниж байрамкъояз…

Цониги магӏарул кечӏ лъалищин абидал Мелигьаца, кочӏол рагӏабазе баянги кьолаго, цо чанго мухъ цӏалана рекӏехъе:

-Нижер гӏагарай гӏадан йикӏана Шугӏайнат абун. Гьелъухъ рокьи ккун букӏун буго Гӏалиасхӏаб абурав васасул. Гьасиеги кьечӏого, цогидазеги инчӏого йигей гӏолилалъул бицун гӏолилас абун буго:

Ингишдерил рагъиде

Щун бихьула багӏарбакъ,

Кодобеги щоларо,

Щобдасаги унаро, -ян. Ахир кьун йиго Шугӏайнат Гӏалиасхӏабие, амма гъов аскаралде арав нахъ вуссун гьечӏо.

Цоги, церегӏанго соназ цо яс йикӏун йиго нижерго росулъа васасухъ рокьи ккун, амма гъосие гъой къабуллъун гьечӏо. Гӏолилал данделъараб, цо гвай бугеб бакӏалда гьелъ, васасе квешезего, ахӏун буго:

Щвайги, гьудул, щвайги,

дуй чӏужу щвайги,

Катан бацӏцӏунарей,

гъал битӏуларей.

Щвайги, гьудул,

щвайги, дуй чӏужу щвайги,

Гордил квенчӏелалде

рахъу бахъуней,

Къвалазул рагӏалалъ

къалал рацӏцӏуней.

Гьевго васасухъ балъго рокьи ккарай цогидай ясалъ гьенибго ахӏун буго:

Щвайги, гьудул, щвайги,

дуй чӏужу щвайги,

Гъанситу цӏвакарай,

цӏилицӏ гургинай.

Щвайги, гьудул, щвайги,

дуй чӏужу щвайги,

Катан гъизуларей, гъал бетуларей, -абун. Гъов васасги кӏиабилеб кечӏ ахӏарай яс ячун йиго чӏужулъун.

Мелигьалгун дир накъитги гьоркьоб къотӏизабун бугӏун рукъ цӏуна тӏаде рачӏарал гьалбадерил салам-каламалъ. Цӏидасанги дун рещтӏаралъуб данделъана, жеги гӏемераб лъай-хъваял ккараб, магӏарул годекӏан.