Тӏоцебесеб июлалдаса байбихьун, нилъер республикаялда ток бикьулеб идаралъун букӏине буго ПАО «Россети Северный Кавказ» абураб гӏуцӏи.

Гьедин бицана 30 июналда журналистазулгун букӏараб дандчӏваялда гьеб идараялъул генералияв директор Виталий Ивановас.

Махӏачхъалаялъул Ирчи Хъазахъил къотӏноб бугеб «Жак» абураб бизнес-отелалде ракӏарун рукӏана республикаялъулгун федералиял информагентствабазул ва телеканалазул вакилзаби.

Гьанжелъизегӏан гьеб масъала тӏубазабулел рукӏарал «Дагестанская энергосбытовая компания» ва «Дагестанская сетевая компания» абурал гӏуцӏабиги журазарун, цо идара гьабун буго.

«Россети Северного Кавказа» «Дагэнерго» гӏуцӏиялъул филиалалде гъорлъе бачун буго.

Цо росода нахъа кӏиго

богогьан рекъоларо

Гӏезегӏан гӏадатго кӏалъалев чи вугоан Виталий Иванов.

Гьоркьо-гьоркьоб махсаро-хочӏги речӏчӏизабун, бицунеб букӏана гьес тӏадехун рехсарал, ток бикьа- къотӏулел гӏуцӏабазул цохӏо идараги гьабун, «Россети» гӏуцӏиялъул филиаллъун гьеб гьабиялъе ккараб гӏиллаялъул.

«Цоцада гьоркьоб конкуренцияги бугеб кӏудияб кӏиго идара бугони, кида—къадги гьезда гьоркьоб дандеккунгутӏи загьирлъичӏого рес букӏунаро. Гьединал дандеккунгутӏиял загьирлъана «Дагестанская энергосбытовая» ва «Дагестанская сетевая» компаниязда гьоркьорги.

Нужеда лъалеб батила, ток бикьа—къотӏиялда жанир ккарал гӏунгутӏаби сабаблъун гӏемерал бадирчӏваял щун рукӏана гьезие. Хӏатта, гьезул цо—цо жавабиял хӏалтӏухъабазда тӏад уголовниял делаби рагьарал хӏужабиги ккана. Гьезул хал гьаби жеги—харги халат бахъунеб буго. Гьединлъидал хӏукму ккана гӏунгутӏабиги дагьлъизаризе, гӏадамазул гӏарзалги гьоркьор къотӏизаризе, кӏиязулго хъулухъ лъугӏараблъунги лъазабун, гьезул бакӏалда цо саламатаб гӏуцӏи гьабизе. Гьеб ккола нужер республикаялъул хӏукуматалъул даражаялда къотӏараб хӏукму», — ян абуна Виталий Ивановас.

Амма гьес журналистазе баян гьабуна идарабиги цоцалъ журазарун, цо гӏуцӏи гьабуниги, гьезул хӏалтӏухъаби къварид гьаризе гьечӏилан.

«Щивниги хӏалтӏудаса нахъе витӏун, ялъуни харжалдаса махӏрум гьавун, гьев рекӏекълъизавизе къотӏараб хӏукму гуро гьеб. Киналго ругелъурго тезе руго. Харжалги цӏикӏкӏинаризе руго. Къваридго нижеда аскӏоса щивниги инев ватиларо», — ян абуна цӏияб идараялъул нухмалъулес.

Хиса-басиязул гьогьен ва анищал

2019 соналда гьединалго хиса- басияз Чачан Республикаялда кьураб лъикӏаб хӏасилалъул мисалалги рехсана гьес. Мисалалъе, бухӏараб токалъухъ гӏарац бакӏариялъул, ЖКХялъул суалал мухъде рачӏинаризе ва цогидалги масъалаби роцӏцӏинаризе кӏвеялъул.

«Дида ракӏалде ккола гьединалго лъикӏал хӏасилал нужер республикаялдаги рукӏинин кватӏичӏого, — ян ракӏчӏун абуна гьес журналистазда. — Гьелъие ресал ругищилан гьикъани, руго».

Цӏияб гӏуцӏиялъул бищун церечӏарал масъалабазул цояб ккола бухӏараб токалъухъ ккараб налъи дагь гьаби. Виталий Ивановас бицухъе, гӏемерал соназ данде бакӏарун, гьеб налъул кӏудияб къадар гӏун буго.

Журналистаз кьураб тӏоцебесеб суалги гьел налъулазда хурхараб букӏана. Мисалалъе, 2019 соналъул июналде халкъалъул 90 проценталде гӏагарун чияс токалъухъ гӏарац кьун букӏараблъи бихьизабулеб буго статистикаялъ. Гьединлъидал исана гьеб къадар кигӏан бугебин гьикъана Ивановасда.

Гьес жаваб кьуна гьеб гӏарац исана июнь моцӏалде халкъалъул 62 проценталъ кьун бугилан: «Бичӏчӏулеб буго, пандемиялъул заманалда рокъор чӏезе ккун, киназулго рес рекъон батиларо бухӏараб токалъухъ гӏарац жиндир заманалда кьезе».

Токалъул бичӏчӏицин гьечӏез

щулаго ккун бугеб хъулухъ

Гьединго Виталий Ивановас кӏвар буссинабураб хӏужалъун ккана нилъер республикаялда ток бикьа- къотӏулел идарабазул жавабиял хъулухъазда ругел гӏадамазул махщалил даражаялъул суалги.

«Гӏамм гьабун босани, гьезул 80 проценталъул гьечӏо энергетикаялъул хъулухъалда хӏалтӏулев чиясе хӏажатаб базовияб лъай. Гьезул гӏемерисел руго экономистал ялъуни юристазул махщалие цӏалулел рукӏарал чагӏи. Амма цо лъил бугониги кумекалъулаб кверги чӏван, токазул гӏуцӏиялда жавабияб хъулухъги щун, хӏалтӏулеб ххвел гьабулел руго гьел. Тӏадегӏанаб техникияб университеталъул бицинего бицинарин, гӏадатияб энергетиказул колледж лъугӏарав чиясе щолеб лъайцин гьечӏо гьезул. Гьеб мехалъ суал бачӏунеб буго, сундуе къваригӏун ругел гьел? Бакӏал хинлъизарулелха. Гьединаздаса нижерго идараби рацӏцӏад гьаризеги байбихьизе буго», — ян бицана Ивановас.

Налъул къадар боргьунеб буго

Журналистаз борхана нилъер республикаялъ Северияб Кавказалъул «Россетазе» кьезе кколеб налъул суалги. Гӏаммаб къагӏидаялъ гьеб кколеб буго 42 млрд. гъурущ. Гьезда гьоркьоса анлъго миллиард гъурущ ккола гӏадатиял гӏадамазул налъи, хутӏараб — юридикиял гӏуцӏабазниги магӏишаталъул бутӏабазниги кьезе кколеб къарзалъул гӏарац.

Гьединал гӏарац кьоларел налъулазда хурхун кинал тадбирал нужеца гьаризе ругелин гьикъана дица Виталий Ивановасда. Гӏемерав чиясдаса рагӏизе бегьула щибаб моцӏалъ мискинчияс гӏарац кьолеб букӏаниги, чӏахӏи-чӏахӏиял магӏишаталъул бутӏабаз лъагӏалабаз кьечӏого тараб гӏарац сабаблъун гьезие кколеб ракӏбакъваялъул. Чӏахӏиял налъулал сабаблъун, пакъираб халкъ хутӏула чанги токги гьечӏого.

Гьеб суалаллъе гьадинаб жаваб кьуна «Россеталъул» жавабияс.

«Гьединал чагӏазда хурхун гьарулел тадбирал цӏар-цӏарккун рехсезе рес гьечӏо дир, — илан бицана Виталий Ивановас. — Дица гьелъие жаваб кьела гӏадатияб куцалда.

Бухӏараб токалъухъ гӏарац кьоларев чиясдехун кинал тӏалабал рукӏунел? Нижеца цин гьесда лъазабула дуда хадуб гьадигӏан налъи бугин, хадубги гьес щибниги гӏамал гьабичӏеб мехалъ, дагьаб кьварун лъазабула гӏарац кьечӏони, ток къотӏизабизе бугилан. Гьеб мехалъги гьес сан гьабичӏони, ток къотӏизабула. Цинги налъулас щиб гьабулеб? Гьес тӏаса бищула кӏиго нух: ялъуни гӏарац кьола, яги гъодинго «гӏандал хва, гӏурус хва» абун чӏола.

Гьес нух балагьула къанунги хвезабун, жиндиего ток бачӏунеб къагӏида батизе. Гьединазда хурхун нижер тадбиралги кьварарал рукӏине руго. Нижеда ракӏалда буго щивав чиясул рукъалда хадуб хал ккун бажарулел аппаратал лъезе. Хӏалбихьиялъул мурадалда гьединаб 18 000 аппарат лъун хӏалбихьун букӏана исана. Компьютералда нахъаги рукӏун нижеда кӏола пуланав налъуласул рокъобе ток свинабизе. Къойида жаниб 50 нухалъ ток къотӏидал, гьес пикру гьабизе буго, рачӏа, дица киса балагьунги 100, 200, ялъуни 500 гъурущги балагьун, дирго налъи тӏаса бихьизабилин абун.

Амма гьединал тадбирал гьариги нижее расги хираго чӏезе гьечӏо».