Исана соналъул май моцӏ букӏана цӏакъ захӏматаб, коронавирусалъ Дагъистанго квегъизе байбихьараб, хӏинкъи бугеб заман.
15 маялда букӏараб телемосталъул бухьеналъул кумекалдалъун, республикаялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицун, РФялъул президентасулгун гара-чӏвари гьабуна ДРялъул бетӏер Владимир Васильевас ва муфти, шайих Ахӏмад-хӏажи афандияс.
Владимир Путинида гьез бичӏчӏизабуна Дагъистаналда хӏинкъи бугеб ахӏвал-хӏал букӏин, бицана халкъалда рокъоса къватӏире рахъунгеян, цоцазухъе хьвадугеян лъазабунинги. Россиялъул президентас, гьеб параялъго, улкаялъул оборонаялъул министрасда тӏадкъана Дагъистаналъе хехаб кумек гьабеян. Министр Сергей Шойгуцаги, цебе лъураб масъала, нахъ тӏамичӏого тӏубазабуна.
Гьелъул хӏасилалда Болъихъ ва Буйнакскиялда разе байбихьана рагъулал госпиталал. Гьединго, Дербенталда, Каспийскиялда ва Хасавюрт районалъул Ботаюрт росулъ разе байбихьана гӏемеррахъазулал сахлъи цӏуниялъул центразе минабиги. Гьеб кинабго хӏалтӏиги, цӏараб болжалалдасаги цебеккун, ай 30 къоялда жаниб лъугӏизабуна.
26 июналда ралел бакӏазул хӏалтӏухъабазе баркала кьезе Ботаюрталде рачӏун рукӏана ДРялъул бетӏер В. Васильев, РФялъул оборонаялъул министрасул заместитель Тимур Иванов ва цогидалги.
Гьалбадерида дандчӏвай гьабуна Хасавюрт районалъул бетӏер Жамбулат Салавовас ва райбольницаялъул бетӏерай тохтуралъул ишал тӏуралей, Дагъистаналъул мустахӏикъай тохтур Кавсарат Шугӏайбовалъ.
Гьезда цадахъ гьалбадерица хал гьабуна сахлъи цӏуниялъул централъухъ, щвана щибаб кабинеталде, балагьана гӏолел-гӏоларел рахъазухъ.
Республикаялъул бетӏерас разилъи загьир гьабуна бихьаралдаса ва ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьуна рагъулал ралел бакӏазул командаялъе.
Гьединабго пикру загьир гьабуна 30 июналда президент В. Путинилгун букӏараб телемосталдасан кӏалъалаго К. Шугӏайбовалъги.
«Хӏурматияв Владимир Владимирович! Тӏоцебесеб иргаялда, бокьун буго ракӏ—ракӏалъулаб баркала дуе загьир гьабизе. Дур кьучӏаб рагӏиялъ квербакъана цӏараб болжалалдаса моцӏалъ цебеккун, гӏадамал сах гьаризе хӏажатал алаталги жанир лъун, сах гьариялъул центр Хасавюрт районалъул Ботаюрт росулъ рагьиялъе. Гьелдаго цадахъ, абичӏого гӏоларо, рагьун буго гьанибго 16 унтарасе бакӏ бугеб реанимациялъул отделениеги.
Гӏемеррахъазулаб сах гьариялъул централъул хаслъилъун дица рикӏкӏуна, кибго гьечӏеб гӏадаб ПЦР – лаборатория букӏинги. Гьединаб лабараториялъ рес кьезе буго мухӏканго унтарасул цӏех—рех гьабизе.
Хӏурматияв президент! Цоги нухалда баркала буго дуе, тӏоцебесеб иргаялда дирго, хадуб тӏолабго Хасавюрт райбольницаялъул коллективалъул, Дагъистаналъул халкъазул рахъалдасан.
Хасавюрт районалъул Ботаюрт росулъ бараб ва хӏалтӏизе биччараб центр хӏадурго буго унтарал къабул гьаризе», — ян бицана К. Шугӏайбовалъ.