56 сонил ригьалде яхине ункъо къо хутӏидал, Аллагьасул къадаралде щвана Цӏобокь-Миякьоб росдал больницаялъул бетӏерай тохтур Расият Мухӏамадова (Хасинова).
Нилъер республикаялда коронавирусалъ хвалилаб къвал жемарал тӏоцересел тохтурзабазул цояй ккола гьей.
Ахираб 30 соналда жаниб жиндир эбелалъул цониги къо букӏун батиларин унтаралгун дандчӏвачӏебилан ракӏалде щвезабулеб буго гьелъул вас Мухӏамадица. Гьевги ккола Цӏобокь-Миякьоб росдал участкаялъулаб больницаялъул терапиялъул отделениялъул заведующий.
Эбел къадаралде щун хадуб гьесда тӏадкъана больницаялъул бетӏерав тохтурасул ишалги.
Эбелалъул хӏакъалъулъ бицун ва доб заманалда букӏараб ахӏвал-хӏалалъул сурат цебе чӏезабун, Мухӏамадилгун гара-чӏвари гьабуна нижеца.
Мухӏамад, унтун гӏемер мех банищ эбелалъ?
— 6 апрелалда цинтӏаго квеш лъугьана гьей (цӏа-кан бахун, гӏетӏ бан, гъаргъар щун). Гьеб букӏана коронавирусалъ унтарал чагӏи Дагъистаналда гьанжего-гьанже тӏатине байбихьараб мех. Амма эбелалде коронавирус бахун батилин абураб пикру ракӏалдего кколеб букӏинчӏо нижеда.
Гьелдаса нахъе тӏокӏалъ хӏалтӏизеги инчӏого, рокъой чӏана. Къватӏие яхъине кӏолеб хӏалги букӏинчӏо гьелъул.
Амма щиб дару-сабаб гьабуниги, мадар лъугьунеб букӏинчӏо эбелалъе. Цинги гьуърузул сурат бахъизе ячана. Расги лъикӏаб хӏал батичӏо. Гьединлъидал, хехлъи гьабун Гъизилюрт шагьаралъул больницаялде ячана. Ячаниги щиб, тӏадеялдаса тӏаде квеш лъугьана ва анкьидасан хвана …
— Гьанже хӏалтӏизарулел дараби доб мехалда рукӏинчӏолъийищ яги гьезул кинал сабаблъилелали лъангутӏийищ гьелъие гӏилла ккараб?
— Долдаса нахъе вирусалдаса сах гьарулел къагӏидаби хисана. Амма гьадаб мехалда лъалел рукӏанщинал дарабазул киналго гьарунин абизе бегьула гьелъие. Гьелда цадахъго Гъизилюрталъул тохтурзабазги хӏалбихьана лъалареб жо гьикъизе Москваялде щвезегӏан кӏалъазеги, малъа-хъваязда хадув Махӏачхъалаялде дунгоги щвана лъай камилал тохтурзабахъе. Аллагьасул къадар гьединаб букӏун бугоха…
Гьанже гурони гьанже мадар лъугьинин эбелалъеян абураб хьул киданиги къотӏулароан. Дун тӏаде щванщинахъе гьелъги абулаан мадар лъугьунеб бугилан.
Гьелъ дун гӏодове виччазавулев вукӏаниги, тохтур хӏисабалда, дида бичӏчӏана гьей йорчӏизехъин гьечӏеблъи. Рокъове аниги минут- минуталдасан рахӏатхун лъугьунаан, гьанже гуреб гьанже лъалинха рокьукъаб хабарилан вукӏунаан.
Сардилъ зама-заманалдасан ворчӏун, хъата-масан телефоналъухъ балагьизе лъугьунаан, ахӏарав-тарав чи вугищали.
Нахъисеб къоялъ щвана больницаялде. Цӏакъго рагӏалде якӏарун ятана эбел.
Гьабизе жоги лъаларого, хадув цӏидасан рокъове тӏад вуссана.
Чанго сордо-къоялъги макьу тун букӏиндал, цо сагӏаталъниги бер данде бачинилан ккун букӏана. Битӏун цо сагӏаталдасан ворчӏана – эбелги гьададин больницаялда тун, кьижизе кин дуда кӏолебилан дунго дидего вагъизеги лъугьана. Байбихьана дидаго лъикӏилан кканщинал тохтурзабахъе кӏалъазе. Киназго цого жо бицунеб букӏана.
Амма эбелалъе дару гьабулел рукӏарал тохтурзабаздехун дир кинабгӏаги тӏадкӏалъай гьечӏо. Жидехъа бажарарабщинаб гьабуна гьез.
Доб букӏана кутакалда захӏматаб, кисан кумек щвелебали лъиданиги лъалареб заман. Тӏадежоялъе, больницаялъул хӏалтӏухъаби жалгоги рукӏана унтун. Гьединлъидал, дидацин рукӏана дол гьенив хӏалтӏизе чӏаян. Амма, эбелги унтун, дида чӏун букӏараб хӏалги бихьун, кӏудияб тӏадчӏей гьабизеги кӏолеб букӏинчӏо гьезда.
Махӏачхъалаялде ячинеги бажаричӏо гьей, нухда квеш лъугьинилан хӏинкъун.
— Кисандай эбелалде гьеб унти бахараб? Ахираб заманалда Дагъистан тун къватӏие ун йикӏанищ гьей?
— Хӏалтӏудасан бахун батизе ккола. Амма гьеб мехалда нижер больницаялда официалияб куцалда тасдикъ гьабураб коронавирус букӏинчӏо лъилниги. Щибха лъалеб? Дагьал чагӏийищ рачӏунел тохтурзабахъе? Гьезда гьоркьор рукӏун ратизе рес буго унтарал. Байбихьуда гьел тесталги анализалги лъицаниги кьолелги рукӏинчӏо. Гьединго гьеб букӏана дагъистаниял Москваялдасаги улкаялъул цогидал регионаздасаги нахъ руссун рачӏине лъугьараб мехги. Гьединазги босун бачӏун букӏине рес буго гьеб унти нижер мухъалдеги.
Жий бетӏерай тохтур йигиланги абун, кабинеталда чӏолеб гӏадат букӏинчӏо эбелалъул. Тӏоцересел къоязго абуна эбелалъ гьаб жо ахирги коронавирусгицин гуродайилан. Гьа, гьебгӏаги гьанибе щвезегӏан кин бачӏунеб жойилан гӏагардего къазе биччалеб букӏинчӏо нижецаги.
— Гьелдаса хадур тӏатанищ нужер больницаялда «коронаялъ» унтарал?
— Маялъул байбихьуда гьеб тӏубанго хисизабуна – гӏицӏго ковидги пневмонияги бугел чагӏи гурони сах гьарулареб куцалда. Гьале анкьалъ цебе бахъана гьеб низам. Ниж гьанже гӏадатияб хӏалтӏуде руссун руго. «Коронаялъ» унтарал чагӏиги гьечӏо.
Бетӏерай тохтурлъун тӏамизегӏан участкаялъулаб терапевтлъи гьабуна эбелалъ (хӏалтӏизе байбихьана 1990 соналъул августалда). Гьеле гьеб лъеберго соналда жаниб цониги къо букӏун батиларо, рокъореги рачӏун, нижер эбел унтаразухъе ячун инчӏеб. Радакь гьелда хадур рачӏараб мехги букӏунаан.
— Гьединаб рахӏатхвараб хӏалтӏи эбелалъул букӏинги бихьулаго, дуцаги гьебго махщел тӏаса бищиялда гӏажаиблъизе бачӏунеб буго.
— Бищичӏого щиб гьабилеб, тохтурзабазул тухум бугелъул нижер. Эбелалъул эбел – Гӏайшат — кӏикъогогӏан соналъ терапевтлъун хӏалтӏана. Кӏудияв эмен Раип кколаан цаби- гӏусазул тохтур. Дагъмединституталъул стоматологиялъул факультет гӏуцӏун тӏоцере къватӏире риччалел студентазул цояв вуго гьев. Эбелалъул рахъалдасан дир яцгӏалзабиги тохтурзаби руго.
— Нагагь эбелалъул бакӏалда бетӏерав тохтурлъун тасдикъ гьавуни, гъолъ гӏадин хӏалтӏи нухда бачине захӏмалъизе бугищ дуе?
— Букӏине кколеб куцалда гьабулеб бугони, бокьараб хӏалтӏи захӏмалъула. Амма гъолъ гӏадин гьеб нухда бачине лъиданиги кӏоларо. Щайгурелъул, сундаго хадуб букӏунаан гьелъул тӏалабги берги. Щибго цӏар-реццги къваригӏунароан. Жий цее яхъине гьаюгейила, цохӏо гьале гьаб больницаялъул хӏалтӏи гьабулей тейилан йикӏунаан гьей.