2020 соналъул микьабилеб июналда къабул гьабураб № 172 федералияб законалда рекъон, хиса-басиял гьаруна Россиялъул Федерациялъул Магъалоялъул къануналъул кӏиабилеб бутӏаялда.
Законалда, масала, чӏезабун буго:
— коронавирусалъукьа цӏуниялъеги, гьеб тӏибитӏунгутӏиялъеги, гьединго гьеб унти чӏезабиялъегун гьелдаса сахгьариялъе хӏалтӏизарулел алатал пуланав чияс яги идараялъ чӏобого кьолел ругони, гьел росулаго, эркен гьарула тӏаде лъураб багьаялдаса магъало бахъиялдаса (НДСалдаса), гьелдаго цадахъ цебеккун магъало хӏисабалда тӏаса бахъизе бихьизабун букӏараб гӏарцул къадар магъалоялъул гӏадлу гьабулеб идараялде тӏадбуссинабизеги ккеларо;
— цебехун рехсарал ва чӏобого хӏалтӏизаризе кьурал алатал ричун росулаго кьураб мухь харж гьабураблъун рикӏкӏине рес щвей;
— хӏалтӏи гьечӏого хутӏарал гӏадамазе хӏалтӏул бакӏал гьариялъул мурадалда босун букӏараб кредитги хӏалтӏизабун щвараб хайралдаса бахъулеб букӏараб магъалоялдаса ва гьеб бецӏун бажарунгутӏиялда бан гьелде тӏаде лъурал процентаздасаги эркенлъи;
— COVID-19 тӏибитӏараб заманалда, хӏалкъарал шартӏалгун захӏматалъул хӏалуцин букӏаго хӏалтӏарал гӏадамазе кьураб харжалъул гъирабазабиялъул бутӏаялдаса ва гьединго 2019 соналда махщеллъиялъул хайралдаса бахъараб магъалодул роценалде рекъонкколеб магъало субсидия (грант) хӏисабалда щвараб хайралдаса бахъунгутӏизе, ай гьелдаса эркен гьари;
— ОПСалде (пенсиялъул чарагьечӏеб страхование) 2020 соналда кьурал страхованиялъул взносал дагьлъизаризе, ай 20 318 гъурщиде ккезаризе, гьединго 2020 соналъул апрель-июналда гӏадамазухъа рахъизе рихьизарун рукӏарал страховиял взносазул тарифазул процент тӏаса бахъизе, ай ноль проценталде бачине;
— цебеккун рехсараб заманалда зарал ккарал экономикиял предприятиязухъа цо-цо тайпаялъул магъалоги (масала, пуланаб хӏалтӏи гьабиялъухъ гьеб гьабилалдего кьураб мухьалъухъ) страхованиялъул взносалги рахъунгутӏизе.
Магъалоялъул къануналда гьарурал хиса-басиял къуваталлъун, ай хӏалтӏулеллъун рикӏкӏине руго 2020 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе. Амма кӏиабилеб статьяялда рехсараб низам хӏалтӏизе буго 2020 соналъул тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе.