2017 соналдаса нахъе Россиялда тӏибитӏана къайимлъиялде ккарал гӏадамал жидехъего рачун, заманалда хьихьи яги гьединазда цадахъ гӏумру гьаби.

Цадахъаб гӏумру гьабизелъун рачуна гӏагарлъиялъ (масала, лъималаз) херазул пансионаталде щвезарурал ва психикияб унти загьирлъизе байбихьарал, яги захӏматго унтарал херал, сакъатал, ригь арал гӏадамал, бесдал ва къайимлъиялъе чи гьечӏого хутӏарал лъимал.

2020 соналъул 30 маялда Россиялъул хӏукуматалъ къабул гьабураб № 797 хӏукмуялдалъун тасдикъ гьабуна цадахъаб яги заманалда гӏумру гьабиялъул мурадалда къайимлъиялъе чи гьечӏого хутӏарал хералгун бесдал лъимал хьихьизе рачарал гӏадамазе кьолеб гӏарцул къадарги гьеб социалияб мухь кьеялъул низамги. 2020 соналъул тӏоцебесеб апрелалдаса 30-абилеб июналде щвезегӏан щибаб моцӏалъ гьединал къайимчагӏазе кьезе буго 12 130 гъурущ. Чӏезарун руго гьеб щолел гӏадамазул тайпабиги:

социалиял хъулухъал гьарулел стационараздасаги социалиял хъулухъал гьарулел, амма стационараллъун кколарел идарабазда гӏуцӏарал стационариял отделенияздасаги, бесдал лъималазул интернатаздасагун лъималазул рокъоса сакъаталги, хералги, бесдал лъималги ва къайимчи гьечӏого хутӏарал лъималги цадахъ гӏумру гьабизе яги заманалда хьихьизе рачарал пачалихъиялги пачалихъиял гурелги идарабазул хӏалтӏухъабазе; социалиял хъулухъазул идарабаздаса заманалда хьихьизелъун (гьелдаго гьоркьор – заманалда къайимлъи гьабиялъул мурадалда) сакъаталги, хералги, бесдал лъималги ва къайимчи гьечӏого хутӏарал лъималги волонтеразе ва Россиялъул Федерациялъул цогидал гражданазеги.

Гьеб гӏарац щвеялъул мурадалда 2020 соналъул тӏоцебесеб октябралде щвезегӏан хитӏаб гьабизе ккола РФялъул Пенсиялъул фондалъул территориалияб отделениялде яги МФЦялде. Хитӏабалда цадахъ рукӏине ккола паспорталъул копия ва вакиласул ихтиярал баян гьарулеб документ (гьединаб батани). Гьеб хитӏабалъул халгьабизе ккола щуго къоялъул болжалалда. Гӏарац кьезе кколин абураб хӏукму гьабун хадуб, лъабго хӏалтӏул къоялда жаниб хитӏабалда бихьизабураб счеталде рехизе ккола гӏарац. Социалияб выплата кьезе инкар гьабуни, Пенсиялъул фондалъ гьелъул хӏакъалъулъ лъазабизе ккола цо къоялда жаниб, хӏукму гьабун хадусеб къоялъго. Гьенибго бихьизабизе ккола инкар гьабиялъе гӏиллаги.

РФялъул хӏукуматалъул рехсараб хӏукму къуватаблъун рикӏкӏуна 2020 соналъул ичӏабилеб июналдаса нахъе.