Цӏумада районалъул администрациялъ гьабун букӏараб къотӏи- къаялда рекъон, «БотлихАгропромдомстрой» ОООялъ байбихьана районалъул росабалъе нухал къачӏазе. Гьел къачӏаялъе биччан букӏана 5 миллионгун 464 азарго гъурущ.
«Дир Дагъистан – дир нухал» абураб республикаялъулаб программаялда рекъон, гьал къоязда районалъул Хуштада росулъе бачӏунеб нух къачӏан лъугӏана.
Гьеб нух рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас, гьесул заместитель Мухӏамад Гӏисаевас, «БотлихАгропромдомстрой» ОООялъул вакил Мухӏамадкамил Хӏусеновас ва Хуштада росдал бегавул Асадула Исмагӏиловас.
Гьениб районалъул бетӏерас росдал жамагӏаталда баркана цӏияб нух рагьи ва баркала загьир гьабуна ОООялъул хӏалтӏухъабазеги нух къачӏаялда гӏахьаллъи гьабунщиназеги.
Хадуб А. Вечедовас бицана гьал къоязда байбихьизе бугин Тӏинди ва Кӏочали росабалъе нухалъ къачӏазегиян.
Росдал бегавул А. Исмагӏиловасги баркала кьуна районалъул нухмалъулезе ва ОООялъул хӏалтӏухъабазе.
Хуштадерил жамагӏаталъул рахъалдасан кӏалъазе вахъарав Мухӏамадсагӏид Мусаловасги загьир гьабуна жидерго разилъи.