Цӏумада районалъул Лъондодаса тохтур Гӏабдурашид Сагӏидов миллатцоязда лъала Москваялъул цо клиникаялъул нухмалъулев ва жамгӏияв хӏаракатчи ва публицист хӏисабалда.
Жакъа Гӏабдурашидица ракӏалде щвезавулев вуго жиндирго инсул вацгӏал, «Багӏараб Байрахъ» газеталъул бетӏерав редакторлъун гӏемерал соназ хӏалтӏарав Мухӏамад Шамхалов.
— Гьадинав чи вугилан инсуца бицун гурони, вихьун Мухӏамад дида лъалароан дун 7-8 классалде вахъинегӏан. Гьесул вацасул яс ригьнаде кьолеб мех букӏана гьеб. Мухӏамад Лъондоде вачӏана жиндирго кӏияйго ясгун цадахъ.
Тӏоцебе Мухӏамадица диргун гьабураб хабар букӏана цӏаралда хурхараб. Рагъда тӏагӏарав жиндир вацгӏал Гӏабдурашидил цӏар бугила дуда лъун, гьелъие мустахӏикъавлъун вукӏине ккелин насихӏаталги гьаруна гьес.
Киве унев вугониги, ай хӏухьбахъизе рохьове яги цогидалъуве унелъул, дунги цадахъ вачунаан. Гьесул ясал – Зюмагун Татьяна дир гӏел бащадал рукӏиналъги батилаха. Гьедин гьудуллъи ккана Мухӏамадилгун дир. Санайилго март моцӏалъ Махӏачхъалаялде Олимпиадабазде щведал, гьесухъе ваккичӏогоги дун чӏолароан.
— Нужерго росдал хасаб мацӏги бугеб бакӏалда гӏурав чиясда хадубккун хъвадарухъанлъун, миллияб газеталъул бетӏерав редакторлъун вахъунеб махщалида болмацӏ лъай буго гӏажаибаб жо. Хасго доб мехалда.
— Болмацӏ кутакалда лъалаан гьесда. Росулъ лъондодисезул мацӏ бицаниги, шагьаралде щвараб мехалда дида, щаялиго, болмацӏалда кӏалъалаан гьев. Байбихьуда дида кколаан гӏемер заманалъ шагьаралдаги вукӏун, гьесда багвалазул мацӏ кӏочон батилилан. Дица гьикъана гьесда дуда гӏезегӏан лъикӏ лъалеб бугин росдал мацӏ, амма гӏагарлъигунги росуцоялгунги авар мацӏалда кӏалъаялъул магӏна щибилан.
Гьес жаваб кьуна мацӏ бугила устарасухъ кодоб бугеб алат гӏадаб жо. Щивав устарасул букӏунила жиндирго квер ругьунлъараб алат. Гьединаб алатлъун жиндаги авар мацӏ бихьулила, гьелдалъун бигьалъулила жиндие пикрабиги, гӏумрудул хаслъиги загьир гьабизе.
Болмацӏалде рокьиги пагьмуги лъимерлъудасанго букӏун буго Мухӏамадил. Гьитӏинго Цӏадаса Хӏамзатилгун ккараб дандчӏваялъги кӏудияб асар гьабун буго хадубккун гьесул гӏумруялъе.
Хӏамзатги машгьурав летчик-испытатель Георгий Байдуковги цо соналъ Агъвалире рачӏун рукӏун руго избирателалгун дандчӏвазе. Байдуков СССРалъул Верховный Советалде депутатлъун Дагъистаналдаса вищизе кколев вукӏун вуго. Гьеб дандчӏваялда вукӏун вуго Кӏванада школалъул цӏалдохъан Мухӏамад Шамхаловги. Доваса бахъарав Агъваливе щвезегӏан хӏатӏида гӏицӏго вачӏун вуго гьев.
Гьениб Мухӏамадица Цӏадаса Хӏамзатида абун буго жинда дур киналго кучӏдул рекӏехъе лъалилан. Гьедин батани, «Гӏадатазул жул» цӏалеян абун буго Хӏамзатица. Гьеб параялъго двар-двариялда цӏалун буго Мухӏамадицаги гьеб. Гьелдаса хадуб – цогидабги.
Гьедин лъикӏаб лъай-хъвай ккун буго Хӏамзатилгун Мухӏамадил. Школа лъугӏун цӏализе индал, жеги щулалъунги буго гьеб. Валлагь, Махӏачхъалаялде щвараб къоялдаса нахъе жиндие Хӏамзатица эменлъиги, Хъандулалъ эбеллъиги гьабунин бицунаан гьес.
Цинги Хӏамзатица «Магӏарул большевик» («Багӏараб байрахъ») газеталъул мухбирлъун тӏамизавун вуго.
Москваялде, партиялъул тӏадегӏанаб школалде цӏализе иналде цебе хъизан гьабизе ккеялъул хабарги ккезабун бугоан Хъандулалъ Мухӏамадие, бокьараб бакӏалде квер битӏейин, жидеца ячинин дуе лъадийиланги абун.
Амма Москваялдаса гьев тӏад вуссана цадахъ цӏалулей йикӏарай Фаинагун (Кострома областалдаса комсомолалъул цеехъан).
Гьеб заманалда магӏарул ва цогидал миллатазул мацӏазда риччалел газетал «Дагестанская правдаялъул» дубляжлъун кколаанин бицунаан дос. Мухбирзабиги таржамачилъи гьабулел хутӏун рукӏанила, творчествоялъе бакӏ яги миллаталъул масъалаби рихьизаризе рес букӏинчӏила газеталда.
Гьабизе жо тӏагӏарав Мухӏамадица гьеб суал цебе лъун буго Гӏабдурахӏман Данияловасда. Пикрудуй дагьабниги эркенлъиги кьечӏого гьеб хӏалалда тани, миллиял газетазул иш лъугӏизе бугин абун буго гьес досда. Гьоркьоб заман иналде тӏубан буго Гӏабдурахӏманица гьеб суалги.
Мухӏамадие Цӏадаса Хӏамзатидасан щвараб кумекалъул цойги мисал бачинин. 1930-абилел соназул ахир букӏун буго. Хӏалтӏуде унаго, гьесда ятула цо къотӏной цӏарагӏги тӏахьалги ричулей гӏадан. Росги хун, жинцаго лъимал хьихьулей гӏадан йикӏун йиго гьей. Гьелъухъа Троцкиясул тӏехьги босун, Мухӏамад хӏалтӏуде щвейги КГБялъул чагӏи жанире лъугьинги цадахъ ккун буго. Щиб ячейкаялда гъорлъин мун вугев, Троцкиясул тӏехьалдалъун щиб гьабизе хӏадурулевин вугевилан абун азарго суал кьун, рахӏат хвезабулеб букӏун буго гьесул. Хадуб Цӏадаса Хӏамзат гьеб ишалда гьоркьове лъугьинчӏевани Аллагьасда лъалаан щиб ккезе букӏарабали.
— Партиялъул школаги лъугӏарав, Цӏадаса Хӏамзатилгун Гӏабдурахӏман Данияловасулгун лъай-хъвайги бугев мисалияв редакторасул хадубккунисеб гӏумру гӏезегӏан бигьаяб букӏун батила.
— Валлагь, тӏаде балагьун гьединин кканиги, рукӏун руго Мухӏамадил нухдаги чанги ганчӏал. Масала, 1971 соналда Дагъистаналда ракь багъариялъул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь буго гьесул – «Маргьу гуро гьаб» абураб. Партиялъул обкомалъул данделъиялдаги лъун, пухъ-рахъ гьабун какун буго гьеб Гӏумахановас (доб мехалда республикаялъул бетӏерлъуда вукӏарав Мухӏамадсалам Гӏумаханов – авт.). Партияги хӏукуматги сурун бихьизабулеб тӏехь бугин кӏалъан вуго гьев.
Амма магӏарул мацӏалда къватӏибе бачӏиналдего, Москваялда «Современник» басмаханаялъ биччан буго гьеб. Доб мехалда кутакалда къанагӏатаб жо кколаан миллияб мацӏалда къватӏибе бачӏиналдего гӏурус мацӏалда тӏехь бахъи.
«Антисоветчина» абун бадирчӏваял гьарун, уголовнияб дело гьабизе дагьалъ хутӏун буго «Ватӏаналъул унти» абураб тӏехь къватӏибе бачӏиндалги. Гӏурус мацӏалда къватӏибе биччан букӏарабани, хӏакъикъаталдаги досие тамихӏ гьабизе рес букӏана, щайгурелъул дора аслияв героясул кӏалдир лъун руго улкаялда гӏорхъаби къан рукӏиналдаса, доб заманалъул политикаялдаса разилъи гьечӏолъи бихьизабурал рагӏаби. Гьединал рагӏабазе гӏоло Сахаровасе, Солженицыние тамихӏ гьабулеб заман букӏана доб.
— Гьебго жо жиндиегоги гьабизе бегьулеблъи лъалеб букӏинчӏодай досда?
-Тӏехьалда кьураб хӏакъикъат къватӏибе кьезе бокьун, живго жинцаго кваналев вукӏанилан абулаан Мухӏамадица. Тӏадежоялъе, тӏехьалъул байбихьиги как ахӏиялдасан байбихьулеб бугелъул. Гьелъухъги гӏемерал бадирчӏваял щун руго.
«Гьудуллъи» альманахалда бахъун букӏун буго гьеб асар. Гьединлъидал, подписчиказухъе щваралниги, библиотекабаздасаниги гьел журналал нахъе ракӏарун руго милициялъ, КГБялъ, халкъалда гьоркьоб гьеб пикру тӏибитӏиларедухъ.
Улкаялъул цебесеб гӏуцӏи хисараб мехалда кутакалда ракӏ къварилъун, пашманго вукӏана гьев. Гьесде кьолеб кӏварги букӏинчӏо хӏукуматалъул, пенсияги букӏана мукъсанаб. Дун доб заманалда революциялъул чода рекӏарав чи гӏадин, коммунизмалда данде хӏалтӏулев вукӏана. Гьединлъидал, дица чиясда ругъун лъолеб куцалда, вахӏшиго хъвалеб бугин малъа-хъваял гьарулаан Мухӏамадица дие. Гьес мисалалъе бачана цо машгьурав революционерасул хӏакъалъулъ букӏараб дир макъала. Гӏезегӏан чи доб дунялалде витӏанин дос, ахиралда НКВДялъ хӏама гӏадин живгоги чӏванилан хъвалеб бугила дуца. Гьедин хъвазе бегьуларила, чиги инжит гьавун.
Цинги ахиралда унтун вукӏана дов – дица гьесие Москваялдаса дараби ритӏулаан. Бородинский чедалде хьул лъун бугин абулаан, гьебги битӏулаан Москваялдаса. Цо нухалда абуна чӏахӏахатӏалъ хъвараб Къуръан битӏейила жиндие.
Цӏакъ гьунар бугев чи вукӏана Мухӏамад. Жив гьитӏинаб мехалда хварав инсул суратцин бахъун букӏана гьес къалмица. Гьебги – гьадинав вукӏун ватилилан ракӏалдеги ккун. Жив хьихьарав инсул вац Гӏабдулхӏалим Махӏачхъалаялде вачӏиндал, гьав чи лъалищин гьикъун буго Мухӏамадица гьесда. Вахӏ, гьев дур эмен гурищин абун буго досги.
Дун гӏажаиблъулаан жиндирго къваригӏелазе гӏоло редакциялъул машинаялдаса гьес пайда босулеб букӏинчӏолъиялда.
Шамат къоялъ дун, мединституталъул общежитиялдаса Мухӏамадил рокъовеги ун, босун газа- белгун, рахун № 18 автобусалде тӏадегун, Учхозалда букӏараб гьесул дачаялде унаан. Къоялъ дораги хӏалтӏун, къаси гьадалго алаталгун добго автобусалда нахъги руссунаан. Гьебгиха, цоцада тӏа-тӏала рекӏарал гӏадин, цого хӏатӏида рахъунги чӏун.
Цо нухалда дица гьесда абуна, бугӏун цӏураб гьаб автобусалда рекӏинчӏого, къаси-къасиниги бегьулирищин дуца дурго шофер ахӏизеян. Гьес жаваб кьуна гӏолохъанчиясул пикруялъул мекълъиго щибилан. Дуда щайила бичӏчӏулареб жиндир шоферги гӏадан вукӏин, гьесулги гӏодобкъо букӏин; яги унтарай эбелалда аскӏов ватизе бегьулила гьев, ялъуни хъизангун кино-концерталда ватилила, гьединлъидал, досул заман жинца щайдила чӏвазе кколеб.
Рухӏияб аслу гьединаб букӏана Мухӏамадил — жиндиего гӏоло чиясе квалквал гьабулареб.