Гӏумруялъулъ, захӏматалъулаб хӏаракатчилъиялъулъ щивав чиясе щолел бергьенлъаби, жамагӏаталда гьоркьоб гьесул букӏунеб къадру-къимат бараб букӏуна хъизамалъулаб тарбиялда.

Дир эбел-инсуца гӏумру гьабулеб букӏана магӏарухъ. Инсуца гӏахьаллъи гьабуна япониялъулазулгун букӏараб рагъдаги. Гьес жиндирго лъимал ругьун гьаруна намус бацӏцӏадго хӏалтӏизе ва цогидазул адаб гьабизе.

Гӏолохъанаб заманалда нухмалъулевлъун, политикияв цевехъанлъун вахъине дица дидаго цебе масъала лъун букӏинчӏо. Араб гӏасруялъул лъеберабилел соназда дун учительлъун хӏалтӏулев вукӏана Харахьи, Гӏоротӏа росабазул школазда. Лъикӏал гӏадамазул сверуде ккана дун. Цо нухалда дир дарсиде вачӏана партиялъул Хунзахъ райкомалъул хӏалтӏухъан, гьев вукӏана гӏурусав. Гьелдаса хадуб гьесул гьариялда рекъон, дун районалъул лъай кьеялъул отделалде методистлъун хӏалтӏизе вачана. Гьел соназда гьеб идараялда культураялъулгун лъай кьеялъул рахъалъ инспекторлъун хӏалтӏулев вукӏана Цӏадаса Хӏамзат, райОНОялъул нухмалъулевлъун – Мухӏамад Къебедов. Гьез кӏудияб асар гьабуна дие политикияб болъодухъа тӏаде вахине, кумек гьабуна лъай босизе. Цеве иналъе дие кумек гьабуна хӏалтӏуде бугеб рокьиялъ, кӏвахӏ тӏун, намус бацӏцӏадго гьеб тӏубазабиялъ.

Советияб заманалда, араб гӏасруялъул 70-абилел соназде щвезегӏан нижеда лъалароан, гӏарац кьун хъулухъазде тӏамизе кадраби тӏаса рищизе бегьулеблъи, тӏадегӏанал цӏалул заведениязде гӏарцухъ лъимал цӏализе рорчӏизаризе кколеблъи. Ришват боси кидаго заралияб ишлъун рикӏкӏунаан. Низам гьечӏолъи, коррупция, ришватал роси ва кьей рикӏкӏунаан къабихӏал ишаллъун.

Ункъо районалда КПССалъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏана дун, амма доб мехалда гьединал суалал гьоркьор лъезе, гьезие къимат кьезе кколароан. Дида божизе кӏолеб гьечӏо ВУЗалъул ректорас, преподавателас, тарбиячияс лъималазухъа гӏарац босулин абураб харбида. Вахӏшияб рагъги гьабизе ккола гьединазде данде. Ихтиярал цӏунулел органаз ришватчагӏазде данде къеркьеялъул моцӏал (месячникал), конкурсал лъазаризе бегьилаан, гьединал хӏиллачагӏи тӏатинарурал хӏалтӏухъабазе шапакъаталги кьезе ккела.

Советиял соназда гӏадамал хӏалтӏулаан, гьезул захӏматалъухъ лъикӏаб мухьги кьолаан. Гьанже иш гьедин гьечӏо. Нужецаго хал гьабе, кигӏан гӏемерал хӏалтӏун бажарулел гӏолохъаби «инвалидаллъун» лъугьун ругелали, гьезие гьелъухъ пачалихъалъ гӏарацги кьолеб буго. Хӏамил гӏадин гарбалги ккун, чан магӏарулав вугев шагьаразда сверулев, херал эбел-инсул пенсияги кванан кепалда. Гӏадамаз рилизе тун руго гӏаданлъиялъул принципал, гражданлъиялъулаб борч. Лъимал къадарго цӏалулел руго, гӏумруялъулъ цӏалиялъ жидее щибго кьоларин абураб пикруги гьезулъ щулалъун буго. Школазда, тӏадегӏанал цӏалул заведениязда тӏоритӏулел дандчӏваязда дица гӏолилал ахӏула цӏализе, батӏи-батӏиял гӏелмабазул кьучӏал лъазаризе.

Кидаго цӏикӏкӏараб гӏелалъул гӏадамазде гӏайиб гьабулаан гьезда цӏиял, лъикӏал хиса-басиял рихьулел гьечӏин, квешаб кӏодо гьабун, тӏаде жубан бицунилан. Амма дие бокьун буго гӏолохъанаб гӏел лъикӏаб букӏине.

Ахираб заманалда чӏороголъулел руго росаби, гочунел руго гӏадамал умумузул ракьаздаса, рекьулел гьечӏо хурзал, чӏунтулел руго ахал. Хъарцинлъулеб буго гӏолилазул рухӏияб рахъ. ДРялъул Халкъияб собраниялъул данделъабазда кӏалъазе рахъаразе суал кьезе лъаларел чагӏи рищулел руго парламенталъул депутаталлъун ва нилъеца гьединазе гьаркьалги кьолел руго. Гьел ва цогидал суалаз дир рахӏат хвезабулеб буго.