Ругъелде щведал, росдал школалъухъги балагьун, Советский райкомпартиялъул тӏоцевесев секретарьлъун вукӏарав Махӏмуд Гьитӏиновас абуна: «Гьаб школалда гьабураб хӏалтӏухъ Мухӏамад Ахкубеговасе кьезе ккола Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи абураб цӏар», — илан. Хӏакъикъаталдаги захӏмат хирияв, сундулъго цевехъанлъи гьабизе гӏедерав чи вукӏана цин учительлъун, хадуб 25 соналъ школалъул директорлъун хӏалтӏарав М. Ахкубегов.

Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьараб заманалда школалъул цӏалдохъанлъун вукӏарав Мухӏамад колхозалъул председателас ахӏула жинхъего ва Къахӏиве пуланаб кагъат босун ине кколин абула. Ретӏине хьитал гьечӏев Мухӏамадица инкар гьабидал, кулакасул василан бадибчӏвай гьабула ва инсудаго хадув витӏилин хӏинкъиги кьола. Гьесул эмен, кулакги гьавун, туснахъалде витӏун вукӏана. Кин бугониги, гӏагарав васасул хьиталги ретӏун, 45 километрги нахъа тун ине ккана Къахӏиве.

Гьениса вачӏиндал, росдал бегавулги секретарьги рагъде ун ратула ва гьев тӏамула секретарьлъун. Кӏиго соналъ гьенивги хӏалтӏун, вачана гӏиял фермаялде хӏисабчилъун. 1948 соналда гьесие рес щвана Буйнакскиялда рагьараб школа- интернаталде цӏализе ине. 1952 соналда цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялъул учительзабазул институталде. Гьеб лъугӏидал витӏана Ругъелда росдал школалде, гӏурус мацӏалъул учительлъун хӏалтӏизе. 1964 соналда тӏамуна директорлъунги. Январь моцӏалда гьес къабул гьабураб школалда букӏинчӏо бухӏизе цӏул. Цӏорораб хасало, цадахъ коллективги бачун, ана рохьове цӏулада хадув. Тӏоцебесеб соналъго байбихьана биологиялъул ва математикаялъул классал разе. Хадур рана тӏадеги кабинетал, лаборатория, учительская, буфет, мастерская, столовая, 200 чиясе санагӏатаб общежитиялъул кӏиго корпус. Гамачӏ хӏадури, цӏул къотӏи — кинабго гьабулаан коллективги бачун, хӏалае рукӏунаан чӏахӏиял классазул лъималги. Колхозалда ракьги кьезабун, росана гӏачи. Приусадебниял участкабазда бекьана картошка, хъапустӏан. Районалдаса гӏарацги тӏалаб гьабун, гьабуна хӏухьлаца хинлъулеб система. Директорасул хӏалтӏи буго магӏишаталда хурхарабилан абулаан гьес. Учитель лъималазе мисаллъун вукӏине кколев ватани, директор мисаллъун вукӏине ккола лъималазеги, учительзабазеги, росдаегиян тӏадеги жубалаан.

Мухӏамад вукӏана росдал советалъул хиси гьечӏев депутатги, колхозалъул правлениялъул членги. Гӏумруялъул 60 сониде вахиндал гьев директорлъиялдаса нахъе ана ва чанго соналъ хӏалтӏана учительлъун.

Мухӏамад вукӏана росдал унго-унгояв патриот. Лъикӏабщиналде тӏоцебе гали лъолев чиги вукӏана гьев. «Цӏалах» авалалда тӏоцебе минаги гьес бана. Гьанже гьенибе гочун буго бащдаб жамагӏат. Тӏоцере ясал шагьаралде лъай босизеги гьес ритӏана. Гьесул руго 5 ясги цо васги.

Мухӏамад вукӏана лъикӏаб-квешаб дандбалев жамагӏатчи. Ккаралъуб маслихӏат гьабизеги ахӏулаан гьев. Росулъ бертин тӏобитӏулебщинахъе, тӏоцеве гьевги хъизан Муъминатги рахъунаан къелдерил кьурдул свери бахъизе.

Гьев вукӏана гӏолилазул насихӏатчиги. Гьесие кьун букӏана «ДРялъул мустахӏикъав насихӏатчи» абураб цӏарги. Гьесие цӏакъ рокьулароан гьереси бицунел чагӏи. Жинца киданиги гьереси бицинчӏиланги абулаан гьес.

Мухӏамадил 80 сон тӏубаялъул юбилей тӏобитӏулеб заманалда, гьесул цӏар кьуна Ругъелда росдал школалъе. Щибаб соналъ, ай гьев гьавураб 1 маялъул къоялъ тӏоритӏула Ахкубеговасул призалъе гӏоло спортивиял къецалги.

Гьесул хӏакъалъулъ бицен ккедал, мунагьал чураяв Суракъат Асиятиловас абун букӏана гьадин:

«Гӏакълуги, сабруги, аваданлъиги, гӏелмуги жиндилъ бессарав, берцинаб гӏамалалъул, гӏакъилаб каламалъул чи вуго Ахкубегов», — илан.

«Унго-унгояв мугӏалимас жиндирго лъаялда- лъун, хӏалбихьиялдалъун, рекӏел хинлъиялда- лъун инсанасул букӏинесеб гӏумруялъе битӏараб нух тӏаса бищизе квербакъи гьабула. Гьединав мугӏалимасе жиндасаго цӏикӏкӏун бокьула живго вижараб ракь, рокьи ккун малъула цӏалдохъабазда гӏумрудулги гӏелмуялъулги балъголъаби. Гьединав мугӏалимлъунги дица рикӏкӏуна Ахкубегов», — ан бицана Авар театралъул художествияв нухмалъулев Хӏайбула Гӏабдулгъапуровас. Шамил районалъул бетӏерлъун хӏалтӏарав Мухӏамад Мухӏамадзагьидовас абуна: «Дун вохаравги чӏухӏаравги вуго гьесда цадахъ хӏалтӏизе щвеялдаса. Гьес дида гӏемераб жоги малъана школа- лъул директорлъун гьевги ОНОялъул заведую- щий-лъун дунги хӏалтӏулеб мехалда. Нижее гьев кидаго вукӏана мисаллъун», — ан.

«Кьалбал гьечӏеб гъветӏги кьучӏ гьечӏеб минаги букӏунаро. Ругъелда росдал школалъул гъотӏол кьалбаллъунги Мухӏамад вуго, кьучӏги гьес щула гьабуна», — ян бицана росдал школалъул директорлъун ахирал соназда вукӏарав Мухӏамад Тӏайгибовас. Ахиралдаги, бокьун буго кочӏодалъунги цо чанго рагӏи абизе.

Гӏумру — рарал соназ гуро борцунеб,

Борцуна ракьалда тарал лъалкӏаца.

Лъимерищ, херавищ хал гьабуларо,

Халкъалъе пайдаяв ватаралдаса.

Дица дур гӏумрудул хӏисаб гьабидал,

Гьал мугӏрузул цояв вугин тола мун.

Таманал цӏорояз, роол бухӏияз

Рухӏго гьечӏониги речӏаларо гьел.

Гьитӏинго гӏелму-лъай гьуинлъарав мун,

Гӏагараб росдае мисаллъун чӏана.

Тӏоцебе институт лъугӏаравги мун,

Лъай-гӏелму босизе росу ахӏарав.

Бикъичӏо, хъамичӏо, хъулбиги рачӏо,

Хъахӏаб кагъатгӏанги вацӏцӏадго чӏана.

Тӏокӏкӏараб ицц гӏадаб тӏолго гӏумруялъ,

Гӏадан пашманлъулеб щибго гьабичӏо.

Гьитӏиназе эмен, кӏудиязе вац,

Кӏвечӏо мукӏурлъизе дуда саназе.

Ритӏухъал къасдазул къамартӏав инсан,

Мун гӏадиназдаса чӏухӏула гӏалам.

Дагьал церегӏан къоязда, 95 сонил ригьалда, Аллагьасул къадаралде щвана гьев лъикӏав инсан, ракьалда гъваридаб лъалкӏ тарав муъминчи. Аллагьас алжан насиб гьабун батаги гьесие.