Тӏоцебе Дагъистаналде исламалъул байрахъ бачӏарав чи ккола Салман бину Рабигӏатил Багьили. Гьев вачӏана, ислам тӏибитӏизабулаго, Дербенталде щвезегӏан. Гьелдаса хадуб гӏемерлъана гӏарабаз Дагъистаналде гьарулел гъазаватал.

Гӏабасилазул халиплъиялъул заманалда Дербент шагьар лъугьун букӏана битӏахъе гӏелмияб центрлъун. Гьарун-Рашидил заманалда гьевги вачӏун вукӏана цо нухалда гьениве, жиндирго лъималгун цадахъ. Гьенир гӏемерал машгьурал гӏалимзабиги рукӏана.

Нилъеда лъалев тӏоцевесев машгьурав гӏалимчи вукӏана Гъумекиса Гӏали (Кӏудияв Гӏали). Дагъистаналда машгьураб «Мухтасар» тӏехьги гьесде гӏунтӏизабула. Гьев вукӏун вуго Ибнухӏажар Гьайтамиясул заманалъул чи. Хӏежалда гьел дандчӏванги руго. Гьесда хадув машгьурав гӏалимчи вукӏана Гӏободаса Шагӏбан. Гьесда хадув ваккана Къудукьа Мусалав. Гӏелму тӏалаб гьабун, гьев хӏижазалъул ракьалде ана доб заманалда дунялалдаго машгьурав Салихӏил Ямани абулев гӏалимчиясухъе, 6-7 соналдаса ватӏаналдеги тӏад вуссун гӏелму тӏибитӏизабуна. Гьелдаса хадуб Дагъистаналда рахъана кутакал гӏалимзаби.

Батӏаго бицен гьабизе бокьун буго 19-20-абилел гӏасрабазда вукӏарав кӏиго гӏалимчиясул хӏакъалъулъ: Хӏоцоса Доногъонол Мухӏамадил васал Гӏабдулатӏипилги Нажмудинилги.

Босеха Гӏабдулатӏипил, авараг веццун хъвараб, «Талагӏлагӏа» назму. Алкъадарияс жиндие (тахмис) гьабураб, гӏараб мацӏалда хъвараб ва гӏажамияталъул кинабгӏаги махӏ жиндилъ гьечӏеб. Босеха Нажмудинил «Азгьаруравиягь» — Авараг (с.гӏ.в.) веццун гӏараб мацӏалда хъвараб, гӏарабазул улкабиго гӏажаиблъизарулеб. Гьел назмаби руго, Дагъистаналда лъица щиб гӏараб мацӏалда хъван батаниги, тӏолго дунялалъулго чӏумазулъ маржанал. Дица гуро гьезие гьединаб къимат кьолеб бугеб, гьеб кьолеб буго тарихалъулги гӏелмуялъулги ритӏухълъи цӏунулел чагӏаз.

Руго гьезул гӏараб мацӏалда цӏакъго пасихӏал жеги назмаби. Гьеб буго Дагъистаналда инкъилабалда цебесеб заманалда букӏараб диналъеги, адабияталъеги, гӏараб хъвай-хъвагӏаялъеги, цересел умумузул кӏалзул хазинаялъеги, биялъ белъун хъвараб нилъер тарихалъеги нугӏлъун бугеб хӏужа. Гьайгьай, маданияталъеги адабияталъеги нугӏлъи гьабулел хӏужаби гӏемерал руго, рукӏунги ратила, амма гьезул гӏемерисел гъанкъизаруна, тӏагӏинаруна, рухӏана.

Гъазимухӏамад имамасул, Хӏамзат имамасул ва 25 соналъ халат бахъараб Шамилил къеркьеялъги гьелъие нугӏлъи гьабула, нилъер тарих меседил хӏарпаз хъвазе ре- къараб букӏиналъе. Амма жакъаги камуларо гьелде рагӏад рехизабулел, хӏакъикъаталда канлъиялде рагӏад рехизе ресго гьечӏеблъиги бичӏчӏуларого.

Щалха рукӏарал Доногъонол Мухӏамадил васал? Цояв дунялалъул миллатго гьабичӏев, жиндие кколеб инсул бутӏаялдасаги инкар гьабурав, жиндир гӏумру гӏелмуялъе вакъпу гьабурав, дунялалъул политикаялде гъорлъе лъугьинчӏев, пачаясул изну гьечӏого хӏежалде анин абун, ватӏаналдаса къватӏивеги витӏун, 39 сонил ригьалда чияр ракьалда хварав гӏелмудал ралъад Гӏабдулатӏип.

Гьесул гьитӏинав вац Нажмудин – бечедав, боцӏи-малги, гӏелмуги бугев, динияб гӏелмуялъе гӏарабазул гӏалимзабаздаса нахъе кколарев чи вукӏана. Гӏарабазул цересел машгьурал шагӏирзабазул шигӏрабаздаса ратӏарахъизе лъалареб хӏалалъ жиделъ гӏажамияталъул махӏ гьечӏел гӏараб шигӏраби хъвалев шагӏирги гӏалимги, цӏияб политикаялде дандечӏарав политик, хӏукуматалъ халкъалъул тушманлъун рикӏкӏарав ва 1925 соналда Ростовалда, «тройкаялъ» чӏвазе хӏукмуги гьабун, чӏварав чи.

Гьединаб буго гьаб дунялги дунялалъул гӏумруги хисардулеб, цоялъ цояб гьересиги гьабулеб жо. Хисулареб жо цохӏо Къуръанги хӏадисги буго. Аралъул хӏисаб гьабуни, ни- лъер лъикӏалщинал гӏалимзабиги, бажари бугел чагӏиги цоял чӏван, цоял гъурбаталде ритӏун, хвана. Аллагьас цӏунаги гьанжеги цӏидасан гьебго кӏкӏалахъе гӏумруялъул гьоко гириялдаса.

Щивха ворчӏарав репрессиялъул кӏичӏикьа? Нажмудинида данде рукӏарал, батӏи-батӏияб багьанаги батун, цоял чӏван, цоял ватӏаналдаса къватӏире ритӏун, тӏагӏинаруна. Гӏалихӏажи Гӏахъушияв ахиралда хӏукуматалъ къадру-къиматалда цӏунун вукӏарав, кӏиго соналъ жиндирго рокъов туснахъ гьавун хадув хвана 1930 соналда, 83 сонил ригьалда. Гьесул рукъалъул агьлу- хъизан Гъиргъизиялде битӏана. Гьесул наслудал чагӏи гьабсагӏатги руго гьенир.