1979 соналъул июналда, Хунзахъ районалъул халкъияв судиявлъун хӏалтӏулев вукӏарав дихъе кӏалъан вачӏана республикаялъул прокурор М. Ибрагьимов ва лъазабуна метерго жиндихъе вачӏаян абун. Нахъисеб къоялда гьесухъе щведал прокурорас абуна Гъуниб районалъул прокурорлъун хӏалтӏизе витӏулев вугин дунан абун. Кӏиго къоялдаса дун щвана Гъуниве ва тӏоцебесеб нухалда дандчӏвана райкомалъул тӏоцевесев секретарь Гӏинчилов Хӏажигун.

Райкомасул кабинеталде лъугьаравго, диде данде вахъун вачӏана гьоркьохъеб ригьалъул, къартӏав ва аскариясул рилълъин хасиятав бихьинчи. Дир саламги буссинабун гӏодов чӏаян абуна. Дун вукӏана вихха-хочун – живго Сталин вугин кколаан дида цеве эхетун! Гьурмал сипатго букӏана Сталинилалда релълъун – михъал, ботӏрол кар, досулго гӏадинаб аскариясул партал, галифе- тӏажу ва кенчӏоледухъ рацӏцӏадго чӏезарурал солдатасул чакмаби…

Байбихьудасаго ниж хехго ричӏчӏана цоцада. Гьелдаса нахъе, батӏи- батӏиял хъулухъазда хӏалтӏаниги, кӏикъогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ цоцазул адабалда унеб буго нижер гьудуллъиялъул гӏумру. Хӏажи кидаго вукӏана жавабчилъи тӏокӏав нухмалъулевлъун. Гьединабго жавабчилъи тӏалаб гьабулаан гьес цогидал хӏалтӏухъабазухъаги. Гьесул жигаралдалъун ва нухмалъулесул бажариялдалъун дол соназда, районалъул киналго идарабазул хӏалтӏухъабиги гӏахьал гьарун, гӏуцӏун рукӏана хасал къокъаби. Гьел щолаан щибаб росулъе, халгьабулаан бакӏалъул нухмалъиялъул хӏалтӏул ва гьабулаан хӏажатаб кумек. Цӏакъ пайдаяб иш букӏана гьеб. Гьединаб хӏаракаталъул хӏасилалда Гъуниб районалъул цӏар чанцӏулго хъвана республикаялъул Хӏурматалъул хъорщода.

«1968 соналъул февралалдаса нахъе Хӏ. Гӏинчилов вуго Гъуниб районалъул нухмалъулезул цоявлъун. Район санайилго мустахӏикълъула КПССалъул Обкомалъулги республикаялъул Министразул советалъулги хьвадулеб Багӏараб байрахъалъе. Гьев жигаралда гӏахьаллъула районалъул жамгӏиябгун политикияб гӏумруялъулъ. Гӏадамазул къваригӏел тӏубазе хӏадурав вукӏиналъ, гьесул адаб гьабула районалда. Гьединлъидал нижеца гьев мустахӏикъавлъун рикӏкӏуна Ленинил орденалъе», — ян хъван буго дол соназда Обкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун вукӏарав М.-С. Гӏумахановас гъулбасараб архивалъул документалда.

1942 соналъул январалда Сугъралъ росдал ичӏабилеб классалда цӏалулев вукӏарав Хӏажи жиндиего бокьун ана Кӏудияб Ватӏанияб рагъде. Цин гьев витӏана Бакуялъул лъелазул училищеялда цӏализе. Гьеб лъугӏизабураб мехалда витӏана армиялде – 1356-абилеб дивизиялде. Гьебго соналда гӏахьаллъана Моздокалда, Малгабекалда, Абинскиялда фашисталгун ккарал рагъазулъ, вагъана Новороссийскиялъул, Туапсеялъул ва Крымалъул мухъаздаги.

1942 соналъул декабралда гьев лъукъана тӏоцебесеб нухалда. Щвана рагъулъ контузияги, цӏорон рукӏана хӏатӏикилщалги. Амма госпиталалда сахлъун хадувги Хӏажица кьаби щвезабуна тушманасде. Рагъулаб хъулухъалда гьев вукӏана 1946 соналъул июналде щвезегӏан. Рагъ лъугӏун хадуб гьев цӏалана Москваялда – Багӏараб армиялъул Рагъулабгун финансазул училищеялда ва тӏокӏлъиялда гьебги лъугӏизабун, гьесие щвана гвардиялъул подполковникасул цӏар.

Рагъул ветераназе бокьуларо дол захӏматал соназда ккарал лъугьа- бахъинал ракӏалде щвезаризе. Гьес абула, кидаго беразда цеве вукӏунин рагъулъ лъукъарав, бида вецӏцӏулев вукӏарав гьалмагъ ва кӏочонарила гьесул ахирисел рагӏаби: «Гьудул, дун холев вуго, амма холев вуго Ватӏаналъе гӏоло, Сталиние гӏоло!». «Дида гӏемер ракӏалде щола гьев солдат. Рагъана ниж, Ватӏаналъул тӏолалго солдатал, тушманасдаса киналъухъго рецӏел босизе кӏудияб гъирагун. Тушманасде бугеб ццидаца кьвагьизе къачӏан рукӏана киналго ва щивав солдатас ахӏулаан: «Рахъа гьужумалъе, церехун! Ватӏаналъе гӏоло! Сталиние гӏоло!» — ян. Дицаги гӏемер ахӏулаан гьел рагӏаби», — ян ракӏалде щвезабула Хӏажица.

Гьесда тӏад ретӏун кидаго букӏуна Сталинил заманалъул форма. Щай дуца гьеб тӏаса бахъуларебан гьикъараб мехалда, Гӏинчиловас кьуна гьадинаб жаваб: «Нижеца киназго ретӏунаан гьеб рагъдаса хадусел соназдаги. Гьеб буго дие цӏакъ хирияб форма. Цо данделъиялда М. Гӏумахановасги бадибчӏвай гьабуна дие форма сабаблъун. Дир жавабалдаса гьесда бичӏчӏана, дие гьеб хирияб бугеблъи – рагъул соназул ракӏалдещвей хӏисабалда», — ян. Гьеле гьеб аскариясул кителалда гьанжеги ран руго Хӏажие рагъулгун захӏматалъул фронтазда щварал киналго орденалгун медалал.

1948 соналда Хӏажи Гӏинчилов хӏалтӏулев вукӏана Лъаратӏа районалъул прокурорлъун. Гьесул хӏаракаталдалъун районалда бецӏизабуна пачалихъалъе гьабун батараб батӏи-батӏияб тайпаялъул зарал. Гьелъул мурадалда следователаз гӏуцӏараб хасаб халгьабиялъул хӏисабалда хъван буго «жидерго мулк цӏунизе багьа хириял алаталги рукъалъул хӏайваналги, магӏардасан рачун, щвезарун ратана Азарбайжан республикаялдаян». Гӏинчилов вахана чоде ва кӏиго анкьил болжалалда валагьана мадугьалихъ бугеб республикаялда вахчарулев вукӏарав къоло лъабавго чи. Милициялъул кумекалдалъун гьел щвезаруна районалде ва гьезда бецӏизабуна гьабураб зарал.

1985 соналда Гӏинчиловас хӏалтӏи тана. Ва байбихьана ветеранасул насихӏатчилъиялъулаб хӏаракат. Абизе бегьула гьеб букӏанин гӏолеб гӏелалъе моралияб тарбия кьеялъул рахъалъ рагьараб Хӏажил «лъабабилеб фронт». Гьеб ишалда вуго бахӏарчияв ветеран кӏикъогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ. Гьев дандчӏвала школазул ва колледжазул цӏалдохъабигун, вузазул студенталгун, захӏматчагӏигун. Гьес нухмалъи гьабула Росдал магӏишаталъул министерствоялъул ветераназул гӏуцӏиялъе.

Хӏажил патриотизмалъул хӏакъалъулъ бицуна Гъуниб росулъ «Хъахӏал къункъраби» абураб памятник баялъе гьабураб хӏаракаталъги. «Къватӏисел улкабаздаса тӏадвуссарав Расул Хӏамзатов гӏемер щолаан Гъуниве. Япониялдаса тӏадвуссарав гьев вачӏана районалде ва дирги гьесулги хабар ккана памятникалъул хӏакъалъулъ. Райкомалъул бюроялда гьабуна гьелъул хӏакъалъулъ хӏукму ва бана гьеб. Гьелъул скульптор вуго Чӏохъа Хӏажи Гъаниев.

Гьеб буго тӏолабго кӏудияб улкаялъул ватӏан цӏунулаго рагъда чӏварал бахӏарчиял васазул хӏурматалда бараб. Биччанте гьеб букӏине нилъер халкъалъул цере рукӏаралги жакъаселги наслабазул бухьеналъул нугӏлъун!» — ян ракӏалде щвезабуна ветеранас.

Памятник рагьана 1986 соналда. Диеги рес щвана гьеб рохалил байрамалда гӏахьаллъизе. Гьенир рукӏана памятникалъул ва кочӏол авторалги — Расул Хӏамзатовгун Ян Френкель.

Прокуратураялъул хӏалтӏухъаби- ветераназда гьоркьоса жакъа чӏаго вуго гӏицӏго Хӏажи Гӏинчилов. Дун гьевгун дандчӏван вукӏана Ватӏан цӏунулезул къоялда. Гьесулгун накъиталда вукӏаго, нижеца ракӏалде щвезабуна рагъул соназда гьарурал лъималазул гӏумру, хӏехьезе ккараб захӏмат. Бокьилаан жакъасел гӏолилазда гьелъул магӏна бичӏчӏизе ва нилъер тарихалъул адаб гьез гьебизе.