Исана цӏалул сон гӏадатияб гуреб къагӏидаялда лъугӏаралъул, ракӏалде кколаан цӏалдохъабаздаги учительзабаздаги гьоркьор налъабиги рукӏинарин. Ахираб кӏиго-лъабго моцӏида жаниб школалде цӏалдохъаби хьвадулел рукӏинчӏелъул, партабиги хъарсун ратиларин, «выпускной вечер» гьабизе рес букӏинчӏелъул, эбел-инсул чванта чӏехьечӏого хутӏун батилин ракӏалде кколаан. Байбихьул классал яги школа лъугӏарал цӏалдохъабазул эбел-инсухъа «рекӏее бокьун» сайгъатал гьаризеги гӏарац бакӏарулеб гӏадат исанагӏаги кӏочон телин хьул букӏана.
Амма унти-балагь тӏаса инегӏанцин чӏечӏого, цо-цо школазул учительзабаз байбихьана кабинетал къачӏазе гӏарац бакӏаризе. Гьанже телефоназдасан гӏарац рехун тӏубазе бигьаго бугелъул гьеб суалги. Ункъабилел, ичӏабилел ва 11-абилел классазул цӏалдохъабазул учительзабазги «баркала кьезе» кколелщиназул сияхӏал рехула классалъул цӏалул бицунел Вотсапалъул къокъабазде. Щивасе кьолеб «баркалаялъулги» жидерго чӏезабураб багьа букӏуна. «Баркала» загьир гьабизе бокьичӏездаги ракӏалде щвезабула хадубккунги гьезул лъимал школазде хьвадизе рукӏин. Школалъул хӏажалъабазеян абун гӏарац бакӏаризе лъугьарал учительзабазда ракӏалде щолародай гьеб иш законалъ гьукъараб букӏин? Гьелъухъ кинаб тамихӏ бихьизабун бугебали лъалародай? Гьелдаса рорчӏаниги Аллагьасул диваналдаса жал рорчӏизе бакӏ гьечӏеблъиялде кантӏулародай?!
Лъимал цӏализари учузаб иш гуро
Школазда гӏарац бакӏариялъул бицун редакциялде кӏалъан ячӏана ункъабилеб ва ичӏабилеб классал лъугӏарал цӏалдохъабазул эбел Гӏайшат. Гьелъие бокьичӏо жиндирго лъимал цӏалулеб школалъул номер яги директорасул цӏар рехсезеги.
— Нижеда цӏалул лъагӏалил байбихьудаго лъазабун букӏана выпускной классалъ лъималазе ихтилат-кепги гьабизе, сураталги рахъизе ва школалъе «баркалаги кьезе» 6000-7000 гъурущ бакӏарулин абун. Директорасе «сайгъаталъе» бихьизабураб багьа – ункъабилеб классалъул цӏалдохъабазухъа — 10000 гъурущ, завучасе – 5000 гъурущ, классалъе нухмалъулесе – 5000 гъурущ, цогидал предметазул учительзабазул цо-цоясе — 2000 гъурущ. Гьебги кьезе кколаан тӏубараб классалъго гӏарацги бакӏарун. Ункъабилел классалин абуни цо школалда анцӏгогӏаги рукӏине рес буго. Ичӏабилеб ва 11-абилеб классазул цӏалдохъабазеян абуни школа лъугӏи дагьабги хираго чӏола.
Нижер классалда ресукъал хъизамаздаса лъимал цӏалулел рукӏинги хӏисабалде босун, гӏарац дагь- дагьккун бакӏаризе хӏукму гьабун букӏана. Учителасе сайгъатал, лъималазе байрамал, хъаравуласе, уборщицаялъе мухь кьезеян абун гӏарацги бакӏарулаан нижехъа. Рикӏкӏадаса лъай кьеялъул къагӏида хӏалтӏизабулелъул ракӏалдего кколароан классалда ремонт гьабизеги нижехъа гӏарац бакӏарилин. Жиндирго чвантинисайищ нужер лъимал цӏалулел рукӏараб класс къачӏазе кколебилан учительницаялъ абидалги гӏемерисез, кигӏан бокьичӏониги, бакӏарана гӏарац. Гьале гьанжеги директорасеги цогидазеги гӏарац бакӏаризе руго тӏамулел. Исана гӏемерисел гӏолохъанал хъизамал хӏалтӏи гьечӏого рокъор хутӏиги хӏисабалде босун, директорас щибаб классалдаса 5000 гъурущ гурони тӏалаб гьабулеб гьечӏин ругьел бачӏана Вотсапалъул къокъаялде. Бихьулищха гьел нижеда гурхӏун ругеб куц? Гӏарац бакӏаризе нижеца инкар гьабидал, учительницаялъ бадибчӏваял гьарураб лъазабиги битӏун бачӏана эбел-инсул комитеталъухъе, — ян бицана Гӏайшатица.
«Дида цӏакъ квеш букӏана эбел-инсуца нижер «къимат» гьабичӏолъи. Цӏакъ учузго чӏана гурищ нужее байбихьул классал. Нужеда кигӏанги лъикӏ лъалеб букӏана школагун къо- лъикӏ гьабиялъул «багьаги» кин гьеб тӏубазе кколебалиги. Сайгъаталъе бакӏаризе кколеб букӏараб гӏарцул къадаргицин гьаб заманалда нужее захӏмат букӏинин ккун дагьго абулеб букӏана. Нужеца кӏвар гьечӏого таниги дица теларо школалъул администрация. Дирго рахъалдасан гьабила сайгъатги. Дун хадуйккунги гьаб школалда хӏалтӏизе ккезе йиго, нужер лъималин абуни жеги цӏализе руго гьанир», — гьедин хъвалеб бугоан учительницаялъ Вотсапалъул къокъаялде.
Гӏарз бахъизе щай хӏинкъулел?
Гӏемерисел эбел-эмен рази гьечӏо школалда гӏарац бакӏариялдаса, амма учительницаялдаса нечон- хӏинкъун бакӏарулебги буго. Гӏарац бакӏаричӏони жидер лъимал къварид гьарилин яги гьезие кьолеб лъай мукъсанаб букӏинин ракӏалде кколеб буго улбузда. Цо-цоязул гӏарзал ругоан — лъабго моцӏалъ хӏалтӏиги гьечӏого рокъор хутӏарал жидехъа гӏарац тӏалаб гьабизе учительзаби нечоларищин абун. Гӏемерисел хӏалтӏулел руго базаразда яги квен гьабулел бакӏазда. Квеш ккараб жо буго Вотсапалъул къокъаялдаса къватӏирехун гӏарзагъине киналго хӏинкъулел рукӏин. Кире ун гӏарз бахъаниги кинабниги гӏайиб эбел- инсул комитеталдеги учительзабаздеги бачӏунеблъи лъалин жидедаян абула гьез.
Россиялъулго школазда батӏи- батӏиял хӏажатазе гӏарац бакӏари билълъанхъизабуна 90-абилел соназул байбихьудасанго. Доб заманалда школазе пачалихъалъ кумекги гьабуларого, эбел-инсуца гӏарац бакӏарун гуреб школалъе хӏажатаб тӏагӏел- алатги, хӏатта мелгицин босизе рес букӏинчӏо. Гьеб къагӏидаялде школалъул нухмалъулелги ругьунлъана. Гьанжейин абуни, интерактивиял доскабазде гӏунтӏун, къваригӏанщинаб къайи пачалихъалъ босулеб бугоницин гӏарац бакӏаризе багьанаби камулел гьечӏо.
Кинал рукӏаниги къваригӏелазе школалда гӏарац бакӏари законалде данде кколареб иш букӏин лъиего балъголъи гуро. Гьеб пишаялда ругел тӏадго ккуни, законалда рекъон бихьизабураб тамихӏги гьадинаб буго:
Ункъо соналъ туснахъ гьари.
Ункъо соналъ хӏалтӏизе тӏами.
Бащдаб лъагӏалиде щвезегӏан туснахъалда тӏами.
80000 гъурщиде щвезегӏан гӏакӏа бахъи.
2017 соналда РФялъул Жамгӏияб палатаялъ школазда гӏарац бакӏариялъул бицун ахӏизе бегьулеб «горячая линия» гӏуцӏун букӏана. Ункъо моцӏида жаниб аза-азар гӏарзал рачӏана школазда гӏарац бакӏариялда тӏаса. Дагъистаналдаги гӏарзал камичӏо. Школазул нухмалъулезда гьоркьоб дагьабго хӏинкъигицин бижун букӏана. Заман анагӏан цӏалдолезухъа гӏарац бакӏариялъе хӏинкъи гьечӏел къагӏидаби ургъизе байбихьана. Школалъул директорзабазги эбел-инсулаб собраниялдеги хьвадун нужехъа гӏарац бакӏаризе лъилгӏаги ихтияр гьечӏин лъазабулаан. Хадусеб собраниялдаян абуни, школалъул нухмалъулелги учительзабиги эбел-инсулаб комитеталъул кӏалдиса кӏалъалаан, ремонтал гьаризеги, хъаравуласегун уборщицаялъе кьезеги школазул гӏарац гьечӏин абун.
Кватӏичӏого байбихьила цӏалул сонги. Эбел-инсул данделъиялда цӏидасан цебе бахъила долго «налъабазул» сияхӏги. Кигӏан бокьичӏониги учителасулгун гьоркьоблъи хвеларедухъин абун гӏемерисез кьола гӏарацги. Ракӏ-ракӏалъе бокьун школалъе гӏарцудалъун кумек гьабизе бокьаразе гьеб законалъ гьукъунги гьечӏо. Цо-цо школазда кумек гьабун кьураб гӏарцул квитанциялцин хъвала. Квитанциял тӏалаб гьарулел ругони, эбел-инсул ракӏ чӏунгӏаги букӏина жидецаго кьураб гӏарац школалъул нухмалъиялъ кунеб гьечӏин абун.