Хӏажие их цӏакъ бокьула. Кидаго гӏадин, исанаги хӏалакун вукӏана гьев, ихдада дандчӏвай гьабизе. Тӏабигӏат цӏилъиялдаго цадахъ цӏилъула гьесул пикрабиги, ихалъ санайил цадахъ бачӏуна тохтурасул хӏалтӏизе бугеб шавкъалда куркьбал гъолеб цо балъгояб къуватги. Амма Хӏажида жеги лъалеб букӏинчӏо ихалъ исана щубалъул бакӏалда саву бачӏине бугеблъи. Ва гьеб савуялъ кватӏичӏого гӏумру чӏурхӏизе хӏаракат бахъизе букӏин.
Къвалакь хвелгун щвараб
ихдалил бакънал
Ва гьале доб рекӏелъ ругънал лъураб ихдалил байбихьи. Апрелалъул байбихьуда коронавирусалъ гьабураб гучаб гьужумалъ рихха-хочизаруна ихалъухъ чӏалгӏарал тохтурасул пикраби. Ургъизе заман букӏинчӏо — къойидаса къойиде цӏикӏкӏунел унтаразул угьи-зигараги, жал хвасар гьарейилан ахӏи балеб гьезул гьариги, ихдалил пашманал сариналги – гьеб кинабго тӏухьилъун бегун букӏана тохтурасул пикрабазулъ. Унтуе къуркьизе, гьелъукьа къезе заман букӏинчӏо. Гьасде кӏудияб хьулгун балагьун чӏун букӏана савуялъ хъахӏ гьабураб гӏумру.
Хӏажи Идрисов хӏалтӏулев вуго республикаялъул урологиялъулаб централъул анестизиологиялъул ва реанимациялъул отделалъул заведующийлъун. Тахшаралъул киналго больницабаздего гӏадин, урологиялъулаб централъги апрелалъул байбихьудасанго къабул гьаруна унтарал. Гьенир рукӏарал унтарал цогидал хас гьарун гьезие рихьизарурал батӏи-батӏиял больницабазул отделениязде рикьана.
Рекӏелъ гъваридаб пашманлъигун бицана дие гьеб къоялъги Хӏажица дол къоязул къварилъиялъул хӏакъалъулъ. Гьевги вихьизе гьесулгун лъай-хъвайги гьабизе дун щвана урологиялъулаб централде.
Лъала ва бичӏчӏула ихалъеги бигьаго букӏинчӏеблъи, цадахъ вахӏшияб унтигун бачӏине. Гьеб бачӏана гӏодилаго, жиндирго хӏайранал саринал бакӏаб магӏуялъги хисулаго. Щибаб къоялъул гьоркьоса къотӏиго гьечӏел къваридал лахӏзатал жакъа цереса унел гьечӏо тохтурасда. Кидаха цебеса инеб жидер гӏумру хвасар гьабеян ахӏи балел унтаразул сипат. Гьел рукӏана Хӏажи Идрисовасул гӏумруялъулги хӏалтӏулги бищунго захӏматал къоял. Тӏоцересел къояз гӏолел рукӏинчӏо больницаялда кислородалъул аппаратал. Цо-цо унтараз гьел, жидедасаго захӏматал рихьидал, жидедасагоги рахъун, гьезухъе кьолел рукӏана. Цо-цоязин абуни, цӏакъго цӏакъ унтуца хӏал гьабидал, цогидаздасаги рахъун, жидехъего тӏалаб гьабулел рукӏана. Хӏисаб гьабеха – кинаб хӏал букӏун батилеб тохтурзабазул. Щивав унтарасе бицине кколеб гьесие данде кколеб мацӏги, бицунелъухъ гӏенеккизе сабру тӏагӏарал унтаралги, унтаразул зигараялъ лъолел ругъналги…
Амма цо кинабалиго бигьалъи бачӏунеб букӏана Хӏажил рекӏелъе унтаразул цоцаздехун бугеб адаб бихьидалги, гьезул гӏага-божараз гьабулеб кумекалъ хӏайран гьавидалги, кумекалъулаб квер бегьизе хӏадур ругел дагъистаниял рихьидалги.
Нилъер гӏадамазул сахаватлъиялъул бицунаго, гьес ракӏалдещвезаруна «Инсан» фондалъ Рамазан моцӏалъ жидее, ай тохтурзабазе, кӏалбиччаялъе чӏезарун рукӏарал шартӏалги. Моцӏаца рокъоре ине рес ккечӏел тохтурзабазе гьеб букӏана кӏудияб кумек.
Унтаразде унти бищунго тӏаде къалеб рогьалил гӏужалъ, Хӏажил ракӏ гӏеккезе лъугьунаан – гьесда лъалаан унтараз гьаб нухалдаги жал хвасар гьарейилан хвалил квачӏалъукьайилан гьаризе букӏин. Ккун гъежгун, чӏезавулаан гьез тохтур. Биунеб ракӏгун валагьулаан гьев унтаразухъ гьел минутаз. Гьединаб букӏана гьел къояз щивав тохтурасулги унтаразулги кьогӏаб къиса.
Дагь-дагьккун рукӏалиде бачӏине лъугьана ахӏвал-хӏал. Унтарал сах гьариялъе шартӏалги чӏезурана, гьеб макруяб унти кин сах гьабилебали хадурги гъуна. Ккана гӏемерал камиялги. Бугониги, гьаб нухалдаги гӏумру бергьана. Централда хваралги цересаго унел гьечӏо Хӏажида. Унтун рокъов вугеб заманалдаги, гьев живго ругьунлъараб рогьалилъ ворчӏулаан ва вихха-хочун тӏаде вахъунаан. Гьесда бичӏчӏулебцин букӏинчӏо жив рокъов вукӏин. Исана мединститут лъугӏарав васги вукӏана Хӏажи Идрисовасул батӏи- батӏиял больницабазда волонтерлъи гьабулевги гьелдаго цадахъ унтарал сах гьарулевги. Гьелъги ракӏ бохизабула Хӏажил-хъахӏаб халгӏаталъе ритӏухъавлъун вукӏине вугев ирсилав гӏун вачӏунев вукӏиналъ. Гьеб ритӏухълъиги гьес ритӏухъ гьабуна тохтурлъиялде тӏамурал тӏоцересел галабаз.
Хӏажи Идрисовасулги гьесул отделениялъул тохтурзабиги мустахӏикъал руго бищунго тӏедегӏанаб рецц-бакъалъе, амма гьелъукьаги нечолев вукӏана Хӏажи. Гьебги ккола тохтурасул гӏадатлъи – кигӏанги тӏадегӏанлъиялда вугев жив гӏодовегӏан вихьи. Россиялъул президентасул указалдалъун Хӏажи Идрисовасе Н. Пироговасул орден.
Бокьулеб хӏалтӏуе кьурал сонал
Хӏажи Идрисов ккола Цӏумада районалъул Гьигьалъ росулъа. Гӏагараб росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде, мединституталде. Гьебги лъугӏизабун, Хӏажи ана Пермалде. Гьесие цӏакъ битӏккана Россиялда хӏалтӏизе иналъ. Гӏолохъанав хирургасе щвана кӏудияб хӏалбихьи.
1988 соналда тӏадвуссана гӏагараб Дагъистаналде. Хӏалтӏизе лъугьана республикаялъул клиникияб больницаялде (Централияб больницаялде). Гьелдаго цадахъ хӏалтӏана санавиациялдаги. Гӏемер щвезе ккана республикаялъул шагьаразде ва росабалъе, захӏматго унтарал хвасар гьаризе.
1993 соналда республикаялда рагьана урологиялъулб центр ва Хӏажиги ана гьенив хӏалтӏизе. Цо соналдасан гьениб рагьана реанимациялъул отделениеги. Ва гьелдаса нахъе Хӏажи Идрисовас нухмалъи гьабулеб буго гьелъие. Гьенибго буго операциял гьарулеб ункъо блокги. Лъеберго хӏалтӏухъанги вуго гьенив. Гьезда гьоркьов вуго анкьго тохтурги.
Хӏажи ккола тӏадегӏанаб категориялъул тохтурги. Буго гьесул Дагъистаналъул Сахлъи цӏуниялъул отличник абураб цӏарги. Амма гьеб киналъулго тӏогьиб байрахълъун парпалеб буго тохтурас хвасар гьабураб нус-нус гӏумруялъул баркала.