Экологазул гьаракь лъиданиги рагӏулеб гьечӏо
Каспий ралъдалъе щибаб соналъ чвахулеб чорокаб лъел къадар хӏаталдаса ун гӏемерлъун бугин ахӏи бахъинабуна гьал къоязда РФялъул «Росприроднадзоралъул» нухмалъулей Светлана Родионовалъ. Санайил 850 миллион кубометр чорокаб лъел чвахулеб буго ралъдалъе. Гьелда гьоркьоса 80 миллион кубометр лъел ккола бацӏцӏад гьабичӏеб. Хутӏараб — рагӏа-ракьанде щун бацӏцӏалъичӏеб.
Ралъад соналдаса соналде чороклъулеб букӏиналъул баян гьабун, Светлана Родионовалъ кагътал хъван руго СКФОялда вугев президентасул вакил Юрий Чайкахъеги, РФялъул ралел бакӏазулгун ЖКХялъул министр Владимир Якушевасухъеги ва ДРялъул нухмалъулев Владимир Васильевасухъеги.
«Каспий ралъдал лъим чороклъулеб букӏин, ДРялъул экологиял гӏунгутӏабазда гьоркьоб аслияб бакӏ кколеб балагьлъун буго. Бищун гӏемер гьеб чорок гьабулеб буго ЖКХялъул объектаз, щайгурелъул, ралъдал рагӏалда ран ругел гӏемертӏалаял минабазул гӏемерисезда хӏажатханалъул хъублъи чвахулел рогӏралги, чорокаб лъим жанисан унел рахъалги гьезецин гьечӏо, ругелги руго заман баялъ басралъарал, церего хисизе мех щварал», — ин хъван буго «Росприроднадзоралъул» нухмалъулелъ хъвараб кагътида.
Тӏаса бахъизе я тӏаде жубазе калам гьечӏеб хӏакъикъат бугин С. Родионовалъ борхараб суалин бицана «Хӏакъикъаталъе» Махӏачхъалаялдаса эколог Мухӏамад Шихшабековас.
— Каспий ралъдал чорокаб лъим унтараб, ссудулеб ругъунлъун лъугьаралдаса чанго сон буго. Щибаб соналъ борхула гьеб суал, амма кагътидаса гӏумруялде бахъунеб гьечӏо. Чан нухалъ нижеца ахӏи бахъинабураб Каспий ралъдалъе чвахулеб хъублъи къотӏизабейин, ралъад чороклъиялда цадахъ тӏиритӏулел унтабиги гӏемерлъулел ругин абун. Щибго хӏасил кколеб гьечӏо. Жакъа хӏукуматалда цебе хӏалтӏулеб буго экологиялъул жаваб кьолеб идараги, гьелъул нухмалъулевги, хӏалтӏухъабиги. Амма лъиенигийищха ургъел кколареб нилъеда сверухъ бугеб тӏабигӏат чороклъулеб букӏиналъул?! Ургъел бугеб батани, щайха нухал ратуларел, шартӏал гӏуцӏуларел экология хвасар гьабизе? Гьаваги, лъимги, ракьги чара гьечӏого хӏажатаб, тӏабигӏияб нигӏмат ккола инсанасул гӏумру чӏаго букӏине, — ян бицана эколог М. Шихшабековас.
Гьал къоязда информалатаз къватӏибе кьуна, республикаялъул «Роспотребнадзоралъул» хъулухъалъ изну кьуни, Каспийскиялъул пляжалда гӏадамал чвердезеян. Цебеккун гьебго идараялъ гьукъа-къаял лъазарун рукӏана гӏадамазе гьениб чвердезе. Гӏилла – добго, ай ралъад чорокго букӏин. Гьанже гьукъа-къаял нахъе нахъе рахъулаго, «Роспотребнадзоралъ» мухӏкан гьабичӏо ралъдалъ ругел заралиял жалазул къадар, гӏадамал чвердезе бегьулеб хӏалалдаса цӏикӏкӏунищ ругел яги дагьищ ругелила.
Каспий ралъдалъ чвердезе бегьуларин абураб ахӏи бахъинабула щибаб санайил «Роспотребнадзоралъ», амма гӏадамал чвердечӏого цониги соналъги чӏоларо. Дагьаб цебегӏанги, полициялъул хӏалтӏухъабаз нахъе гъолел чвердезе бокьаразул къукъа бихьидал, ракӏалде ккун букӏана, исана жидерго мурадал рагӏалде рахъинаричӏого тезе ракӏалда бихьуларин «Роспотребнадзоралдаян». Амма, щаяли, какичури хехго биххана гьезул.
Гьаб анкьалда Каспий ралъдалъ чвердезе унезде хитӏаб гьабуна республикаялъул муфтияталъул председатель Шамил Гӏалихановасги. Гьес бицана халкъалъул гӏарзал цӏикӏкӏунел ругин чвердезе рачӏунезул тӏадагьаб ретӏа-къаялда хурхун. Нилъехъе рачӏунел гьалбадерида цере нилъго намуслъизаричӏого гьари бугин, ралъдахъе чвердезе унаго, цӏакъго тӏаса борчӏараб хӏалалда рукӏунгейин кӏалъана Ш. Гӏалиханов.