Каспи ралъдал рагӏалда бугеб «Журавли» абураб гӏелмиябгун сахлъи цӏуниялъул комплексалда рагьана пандемиялъул заманалда бищун унти цӏикӏкӏарал бакӏазда хӏалтӏарал тохтурзабазе реабилитация гьабулеб центр. Чӏобого 500 чи къабул гьавизе вуго гьенив.
7 июлалда центр рагьулеб къоялъ гьенире рачӏун рукӏана республикаялъул хӏукуматалъул тӏоцевесев вице-премьер Анатолий Карибовги, сахлъи цӏуниялъул министр Жамалудин Хӏажиибрагьимовги, цогидалги.
Реабилитациялъул централъ тӏоцере тӏаде къабул гьарурал тохтурзабазе баркалаялъул калам гьабуна А. Карибовас.
«Бищун захӏматаб заманалда, рухӏалда барахщичӏого, нуж рукӏана унтул кор боркьараб бакӏалда гъеж гурун хӏалтӏулел. Гьеб кӏудияб бахӏарчилъи буго хӏакъикъаталдаги. Бокьараб лахӏзаталда гӏумруялъе зарал ккезе букӏинги лъалаго, нуж нахъе къай гьечӏого хӏалтӏана. Баркала киназего», — ян абуна Карибовас.
Гьес, гьединго, кӏудияб баркала загьир гьабуна «Журавли» комплексалъул бетӏергьан Мухӏамад Мухӏамадовасеги.
Гьединаб центр рагьизе ракӏалде ккараб куцалъул ва гьенир тохтурзабазе гьабулеб кумекалъул хӏакъалъулъ гьадин бицана гьес «Хӏакъикъаталъе»:
«Битӏун бицани, гьединаб центр рагьизе ниж гьесизарурай гӏадан ккана эбел. Жийгоги 45 соналъ медсестралъун хӏалтӏулей йикӏарай гьелда лъидасаго цӏакъ бичӏчӏана пандемиялъул заманалда гӏадамазе бугеб захӏмалъи. Унтуца рецун ралел гӏадамазул хӏакъикъат лъарабго гьелда чӏун букӏараб къо. «Кин йигей, эбел, мун, щиб кумек дуе гьабилеб?» — ан нижеца, лъималаз гьикъидал, гьелъ кидаго абулаан: «Дие щибниги гьабичӏониги кӏваричӏо, холел ругел гӏадамазе гьабе кумек», — илан.
Щибаб нухалъ гьедин эбелалъ абидал: «Валлагь гьабилаха, эбел, щай гьабулареб», — абун ургъана дун ва дандбана гӏагарлъиялда, гьудулзабазда. Гьез киназго рахъ ккведал, рагьана нижеца гьаб центрги.
Эбелалда нижеца жибго центр рагьизегӏан гьеб хӏадурулеб бугилан бицун букӏинчӏо. Сон-церекъад бицана гьелда гьелъул хӏакъалъулъ. Гьей йохараб куц щибха! Битӏараб бицани, нужеца гьеб гӏадахъ босиларилан хӏинкъун, жийго гьесунцин йикӏанин нужеда гьединаб бакӏ щай рагьуларебилан абизе. Нужго рекӏеда ратун ругин гьелъиейинги абун, гӏурхъи букӏинчӏо гьелъул рохалие», — ян бицана Мухӏамадица.
Реабилитациялъул централде къабул гьарулел руго цохӏо республикаялдаса гурелги, Россиялъул шагьаразда пандемиялъул заманалда хӏалтӏулел рукӏарал тохтурзабиги.
Цо сменаялда 60 чи гурони къабул гьавизе рес букӏунеб гьечӏо. Амма щивго нахъчӏвазеги гьечӏин абуна Мухӏамадица.
Гьедин цохӏо тохтурзаби гурелги къабул гьарулел руго гьез, мисалалъе, пандемиялъул заманалда унтул хӏакъикъат лъазабурал чагӏи, хӏатта журналисталгицин.