(Цебесеб 25-аб. номералда)
«Гьечӏо дунялалда Кавказалъулгӏан берцинал гӏадамал. Нагагь ратани, гьелги нилъераздаса лъугьарал наслаби ратила». Гьадинал пикрабалъ йикӏана дун Турциялъул тахшагьаралда, дир гьудулзабазул рокъоре ракӏарарал магӏарулазул наслуялъухъги балагьун. Аваданал, чӏурканал, рагьарал гьурмазул, тарихияб ватӏан биларал нилъер миллатцоял!
Гьеб къоялъ ракӏалде щвана, церегӏанго соназ, рикӏкӏадаб магӏарул росулъ дицаго бараб гьоболлъи. Нилъехъе гьобол ячӏун йигин абун рукъалъул бетӏергьабаз гӏага-божаразухъе битӏулеб ругьел, дир хӏурматалда данделъарал руччабигун ясал, гьезул аваданлъи, хӏурмат.
Гӏажаиблъи, Дагъистаналдагицин лъугӏун унеб гьеб гӏадат, гӏасраби свераниги жеги цӏунун буго, чияр ракьалда гӏолел аваразул наслабазулъ. Нилъеда бичӏчӏизе захӏматаб гӏажаибаб хӏасрат, хӏурмат буго гьезул Дагъистаналдехун, чӏухӏигун цӏунун буго гьез ракӏазулъ умумузул ракьалде рокьи, рикӏкӏунебги буго жал магӏарулал ругин.
(Гьанир цӏидасанги ракӏалде щвезарила дун рещтӏараб рукъалъул хважаинзаби: Яшар — Анкараялда бугеб дагъистаниязул жамгӏияб гӏуцӏиялъул цевехъан, Турциялда ругел дагъистаниязул бухьен щулалъизабиялъе хӏаракат бахъулев, Ингишосагун Гӏандиса умумузул вас. Асият- гьесул лъади, Бакуялъул университеталда филологиялъул лъайги босун, гьенибго гӏелмияб хӏалтӏи цӏунарай Къабакъчолиса магӏарулай. Нилъер гӏемерисезда гьей лъала мацӏазул гӏалимчӏужу Асият Тӏинаева хӏисабалда).
Яшарил авалалда данделъаразул батӏа-батӏаго бицун хӏалкӏвеларо. Гьезда гьоркьоса бищунго цӏикӏкӏараб ригьалъул, Оксфордалъул университет лъугӏарай, гӏумруго мугӏалимлъиялда арай, лъабкъоялда анцӏилъе яхуней Шукран-адал бицен гьабун тела гьаб нухалъ.
Жамгӏиял гьиназги гьаруна гӏагар
Шукранилгун дир лъай-хъвай ккана 6-7 соналъ цебе Фейсбукалдасан. «Мун Патӏимат югищ? Дун Шукран югу. Дир эбелги магӏарулай, Патӏимат юкӏана» — бек-бекараб магӏарул мацӏалда ригь арай гӏаданалъул, цебеккун лъалареб букӏараб гьаракь рагӏана телефоналъуб. Щокъроб магӏу къараб гӏадин, хӏалкъан кӏалъалаан тӏоцее дида гьей. Хадурккун ниж латиналъул хӏарпал хӏалтӏизарун хъвадарулаан цоцазухъе. Анкьида жаниб цо нухалъниги ахӏунги бачӏунаан «Патӏимат, бегьулищ дун кӏалъазе духъе мех-мехалъ? Дир ракӏалъе лъикӏ буго мунгун кӏалъалаго», — янги абулаго.
Къойилго гӏадин мессенджералдасан кӏалъалаан гьей дихъе. Бицунаан жиндирго кӏудияй эбелалъул, имгӏалзабазул, Дагъистаналдехун гьезул букӏараб хӏасраталъул, Турциялда щущан бугеб гӏагарлъиялъул. Амма гьелда лъалеб гьечӏоан эбел Патӏиматил умумул Дагъистаналъул щиб росулъа рукӏаралали. «Дир эбелалъул эбел Шугӏайнатица абулаан Шамил имамасул тухумалъулгун жидер гӏагарлъи букӏанилан. Кӏодоэбелалъул гьеб бицен гьитӏинаб мехалдаса нахъе кӏоченчӏо дида. Магӏарул мацӏги дида кӏудияй эбелалдасан лъана. Эбелалъул вацаз рокъоб турк мацӏ бицине толароан нижеда. Амма дир лъималазда лъаларо нилъер мацӏ».
Шукраница бицана эмен ва рос туркал рукӏанилан. Амма гьелъ жийго магӏарулайлъун рикӏкӏуней йиго.
«Дургун лъай-хъвай ккаралдаса нахъе гӏемерал магӏарул рагӏаби ракӏалде щвана, саламатго кӏалъазе бажарулеб буго», — ян абулаан гьелъ дида. Дагъистан бихьизе ячӏаян гьоболлъухъ ахӏулей йикӏана дица гьей. Гьеб мехалъ Шукраница бицана жиндир захӏматаб унти бугин, мадар лъугьани ячӏинин.
«Мун цо эбелалъ гьаюрайгӏанги дир эбелалда релълъарай йиго, нилъер гӏагарлъи батичӏого рес гьечӏо. Чӏаго эбел йихьарай гӏадин йоххила дун мун йихьани», — ян абулаан шакърахунаго Шукраница. Гӏажаибаб хӏасрат букӏана гьелъул дун йихьизе. Хехго эбелалъул ками лъарай, хӏурматияб ригьалде рахарал гӏадамал къиматай диеги къойил рагӏулеб гьелъул гьаракь гӏагараблъун лъугьана. Нагагь дица жаваб кьечӏони, хъван битӏун батулаан: «Дир яс, мун кин юго? Лъикӏ юги? Дур ургъел буго дие, цо кӏалъай», — абун. Нилъеда баян кьун бажарулареб хинлъиялъ гӏагар гьарула нилъ гӏумруялда лъикӏал гӏадамалгун. Гьеб Аллагьасул хӏикмат батила. Шукранил ва цогидал гьудулзабазул ахӏиги къабул гьабун бухьараб сапарги букӏана гьеб.
Анкараялъул бакьулъ
аваразул годекӏан
Сордоялъ нухдаги рукӏун свакан ругониги, Анкараялде щвараб къоялъго ана ниж Шукранихъе. Гӏемераб мехалъ цоцахъ урхъарал эбел-ясалъул гӏадаб, рохелги магӏуги жубараб, кӏочонареб дандчӏвай букӏана гьеб. «Патӏимат, жакъа къо щвезегӏан дир лъабго яс йикӏана, жакъаялдаса нахъе ункъо ясалъул эбел йиго дун. Мун дир бищун кӏудияй яслъун лъазаюлей йиго дица. Турциялда гӏадат буго лъимал гьарураб мехалъ гӏагарлъиялъ гьезие месед сайгъат гьабулеб», — инги абун, жиндирго гарбидаса бахъун меседил рахас бана Шукраница дида. – Дирго ясаз гьаюраб къоялде сайгъатлъун кьун букӏана гьаб, дица бищунго кӏудияй дуе кьела.
Амма цо гӏунгутӏи букӏана Шукран-адал рокъоб нижер дандчӏваялъул — авар мацӏ чиярал цӏиял яцазда бичӏчӏулеб мацӏ бицине дидаго лъангутӏи.
Анкараялда рогьараб кӏиабилеб къоялъ Асиятил гъасда цӏакъ ракӏ гъураб горсвери лъугьана нижер.
— Аваразул бихьинал, кир гӏуниги, къапарал рукӏунел ратила. Амма Дагъистаналда ва Азербайжаналда ругезда данде ккуни, Турциялда гӏурал магӏарул васал руччабазе хӏурматалъе цӏакъалха ругел, — ин абуна, елъулаго росас хӏадурарал кванил нигӏматалги остолалда тӏиритӏулаго Асиятица. — Дир махсаро гуро, Патӏимат, Яшар цӏакъав вуго квен гьабизе. Гьалбал цӏикӏкӏун ругони, гьес кидаго кумек гьабула дие.
Жалго цоцазда рихьиялдаса рохел, цохӏо шагьаралда гӏумру гьабун ругониги, цереккун лъаларезулгун цӏиял лъай-хъваял ккеялдаса разилъи загьир гьабулеб букӏана данделъараз. Байбихьуда лъарас лъараб бицун магӏарул мацӏалъ кӏалъалел рукӏана, хадуб хабар чваххана гьезие ругьунаб турк мацӏалда. «Дагъистан, имам Шамил, Муш, Ялова Гуней, Мараш». Гьал рагӏаби такрарлъиялъ бичӏчӏулеб букӏана гьезул щивас Дагъистаналдаса гочун рачӏарал жидерго умумузул, гьез чӏей гьабурал вилаятазул бицунеб букӏин. Гьениб дида ракӏалде щвана Яловаялда, Барласил рокъоб Жагьидица бицараб гьединабго ахӏвал-хӏал: «Цо чанго соналъ цеве Гъизилюрталде щун вукӏана дун. Дие салам кьезе рачӏарал нилъерго гӏолохъаби рукӏана данделъун. Бицунеб мацӏги нилъерго букӏинарищха. Цо заманалдаса дида бичӏчӏулареб гӏурус мацӏ хъуризе лъугьана киналго. «Ле, гӏолохъаби, дунгиха гьанив вугев, дие нужер гӏурус мацӏ къваригӏун гьечӏоха, ле!» Гьеб мехалъ рекӏеда ратун, цӏидасан нилъерабго бицине журана. Гьедин билун унеб буго мацӏ гьанибги добаги батӏалъи гьечӏого».
Жагьидица гӏадин кьваризабичӏониги, Асиятицаги недегьго рекӏеда ратизарулаан жиндирго гьалбал мех-мехалъ.
Хӏалицаго йилълъанхъулей Шукран-ада кӏиабилеб къоялъги йихьизе дир хьул букӏинчӏо.
— Гьале, Патӏимат, дур цоги яц, — инги абун, тӏоцебесеб къоялъ дида йихьичӏей жиндирго кӏудияй ясалъулгун дир лъай-хъвай гьабулаго, Шукран-адаца абуна:
— Гьай цӏакъ рикӏкӏадаса ячӏун йиго дуда къочизе. Мунги жеги рикӏкӏадаб нухги тун ячӏун йигелъул дихъе.
Гьелъ киназдаго бицунеб букӏана сон лъазабунин дица Патӏимат дир кӏудияй яс йигин. Гьалъул эбелги рукъги Анкараялдаги бугин гьанжейилан.
-Жакъа магӏарулал данделъараб къо — дун цӏакъ йоххараб къо буго. Дур баракаталъ ракӏарана ниж. Гьадинал дандчӏваял Анкараялда гӏемер рукӏунароан цере, — ян абуна, горсвери буцӏцӏун гӏодор чӏедал, Шукран-адаца. — Дида бицен рагӏун букӏана Яшарица гьаниб кавказалъулазулгун бухьен щулалъиялъе гӏемер хӏаракат бахъулеб бугилан. Дир ракӏ рекъана гьев васасда. Цӏикӏкӏарал цереса индал, рикӏкӏалъулел руго нилъ. Дир гӏелалдагицин дагь-дагьккун кӏочонеб буго магӏарул мацӏ. Кӏалъазе чи щоларогогиха гьеб кӏочонеб бугеб. Гьанир нижер умумул хвана гӏащикъго Дагъистаналъулги бицунаго. Гьитӏинаб мехалъ нижеда цо хӏикматаб маргьудал улкалъун цебечӏолаан Дагъистан. Нижер гӏолохъанлъиялъул заманги захӏматаб букӏана, умумузул ракьалъулгун бухьен гьабизе нагагьги чиясе рес букӏинчӏо. Гьанже гӏорхъаби рагьун руго, интернеталъулги кӏудияб кумек буго, лъалеб буго Дагъистаналда бугеб ахӏал-хӏал. Рачӏине рес ккечӏониги, умумузул ракьалъул суратал, видео бихьизе рес буго. Гьединго, дагъистанияздаги лъалеб буго жидер би жубарал наслаби Турциялда рукӏин.
Цидулгун гени кванаге
— Шукран-ада, гьанир ругел дагъистаниязде щиб бербалагьи букӏунеб турказул? — ин гьикъана дица гьелда.
— Цогидал миллатазда дандеккун, нилъ гьазие рокьула, хӏурмат гьабула. Гьазие курдал рокьуларо. Гьазда лъала Кавказалъул халкъа
зул ракӏазулъ къвакӏи, пахрулъи букӏунеблъи, хӏалихьатаб ишалда гьоркьоре нилъ лъугьунареблъи. Курдал цӏакъ гӏемерлъун руго гьанир, хӏалихьатаб жо гӏемер гьабула гьез.
— Патӏимат, дир яс, дуе суал кьезе бегьилищ? — ин абуна Шукран-адаца жиндирго жавабги гьоркьоб къотӏизабун. — Гӏурусаз къварид гьарулел ругищ дагъистаниял? Нужее хӏалтӏи, гӏумру-яшавалъе гӏураб мухь кьолищ гьез?
Кин жаваб гьабилебали лъаларого хутӏана дун байбихьуда. Нилъ гӏурусазул лагълъуда ругеб гӏадаб пикру дандчӏвана гьениб чангоязул. Хӏухьелккун дир жавабалъухъ балагьун рукӏана киналго данделъарал. Гӏурусазул кверщаликь гьечӏинги кин дагӏба балеб, ругинги кин тасдикъ гьабилеб?
— Хӏалтӏуларев кивго кваналарелъул, Шукран-ада, лъикӏ цӏаларав, кӏвахӏ тун магӏишат гьабурав чиясул яшав гӏемерго лъикӏ буго Дагъистаналда. Кваникъав, ратӏликъав, рукъзал гьечӏого къватӏив хутӏарав чиги вугин абизе кӏоларо. Нилъер гӏадамал цоцазе кумекалъе цӏакъал руго. Магӏарухъги росаби цӏилъулел руго, дин гьабизе, бокьараб лъай босизе квалквал гьечӏо, миллиял мацӏал цӏунун руго.
— Кин бугониги, Россия къуватаб улка буго. Бицунеб жоялъухъ балагьун гьев Путин рекӏее гӏуна дие. Рагӏуда данде ккараб гӏамал гьабулеб батаниха.
Турция Россиягун ракълида букӏин бугоан Шукранил мурад. Гьелъие рекӏее гӏолеб гьечӏоан Америкаялъул политика.
— Мунагьал чураяй дир кӏодоэбелалъ абулаан «Цидулгун гени кванаге, генул магъ щокъроб къала», — ян. Ци гӏадаб Америкагун рекъон хӏалтӏулеб бугони, чанги ракьа щокъроб къазе буго Турциялдаги.
Къо рукӏкӏунеб гӏужалъ биххана нижер годекӏан. Гьенир жидерго гьитӏичалгун рукӏана гӏолохъанал улбул, гӏумрудул завалалде рахарал руччаби, магӏарулазулгун би жубарал гъалгъаял, асатӏинал, кабардинал. Ниж ратӏалъулел рукӏана разиго, цӏидасан рихьизе къотӏи-къайги гьабулаго.