Дагьал церегӏан къоязда «Коммерсант» газеталъ лъазабуна «Черновик» газеталъул бетӏергьанлъун вукӏарав Хӏажимурад Камалов чӏваялъул гӏайиб РФялъул Цӏех-рехалъул комитеталъ гӏунтӏизабунин ДРялъул вице-премьерлъун вукӏарав Шамил Гӏисаевасде.
Гьединалго гӏайибал гӏунтӏизарулел руго жеги лъабгоясдеги – Мурад Шугӏайбовасде, Мухӏамад Хазамовасде ва Мухӏамад Абихӏасановасде.
Дагьалъ цебегӏан судалъ Шамил Гӏисаевасда тӏад чӏезабуна Гъуниб «Орлиное гнездо» абураб хӏухьбахъиялъулаб бакӏ къачӏазе республикаялъул бюджеталдаса биччараб гӏарац бикъун букӏиналъул гӏайиб.
«Хӏакъикъаталъе» кьолеб интервьюялда Хӏажимурадил гьитӏинав вац Магьди-Мухӏамад Камаловас бицана жив рази гьечӏин Шамил Гӏисаевасде цӏияб гӏайиб гӏунтӏизабулеб букӏиналдаса.
— Магьди-Мухӏамад, Шамил Гӏисаевас чӏвачӏин жиндир вацилан дуца «Черновикалда» хъвараб макъалаялда гъоркь цо цӏалдолес тараб комментарий такрар гьабила дицаги. «Орхан Жемалилги Максим Шевченколги квербакъиялдалъун гьанжелъагӏан нужер газеталъ билълъанхъизабулеб букӏараб гьеб версия, гьанже рахъун хисиялъул магӏна щиб?»
— Дица байбихьудаго абулеб букӏана Орханидаги Максимидаги гӏайибал чӏвазе гӏедегӏугеян. Амма гьезда битӏараблъун бихьун батила цо-цо цогидазул, масала, Гӏали Камаловасул пикру. Гьеб тасдикъ гьабулеб цониги далил яги хӏужа рехсолебги гьечӏо. Дица абуни лъазабуна гьеб гӏайиб жидеде гӏунтӏизабурав щивав чи Хӏажимурад чӏвараб къоялъ кив ва щиб гьабулев вукӏаравали.
Гьабщинаб заманалда жаниб хӏисаб гьабуна Хӏажимурадилгун гьоркьорлъаби хварал гӏадамазулги. Дида бичӏчӏана цӏех-рех мекъи нухдасан араблъи. Гьеб чӏвай-хъвей тӏад чӏезабурал Абихӏасановги Хазамовги, масала, руго тӏубан рагӏи данде кколарел, тушманлъиялда рукӏарал чагӏи. Хазамовасул лъади Наидаги Хӏажимурадил гӏагарай гӏадан ккола. Гӏисаевасул тӏадкъаялги гьев кӏиясго киданиги тӏуразарулароан.
Абихӏасанов Мухӏамадица 2009 соналда талавур гьабун букӏана Гӏисаевасул база. Гьеб гьесда жиндагоги лъалаан. «Рохьилазулгун» жиндир лъикӏаб гьоркьоблъи бугинги абун, божизавун вукӏана Абихӏасановас Шамил. Амма гьеб гьедин букӏинчӏо.
Хасго гьелде щвелалде флешкаги щун букӏана Шамилихъе. Доб мехалда бизнесменазухъе, депутатазухъе, бечедал гӏадамазухъе рехулел рукӏиндалха гьел. Гьеб флешкаялдехун Абихӏасановасул хурхен букӏинги лъалаго кьелаандай Гӏисаевас гьесие гьединаб тохаб тӏадкъай – Хӏажимурад чӏвазе?
Хӏажимурадица «Черновикалда» Шамил Гӏисаев какарал макъалабиги рахъун, гьесул карьера хвезабунин, гьедин чӏванин дос Хӏажимурадилан чӏезабулеб буго цо-цояз. Гьесул хӏакъалъулъ гурони хъвачӏогойищ бугеб нижер газеталда? Гьел киназулгойищ карьера хвезабураб? Мухӏамадгӏали Мухӏамадов, Сагӏид Амиров ва цогидалги какулел рукӏанагури.
— Гьеб ишалъулъ хас гьабун Гӏисаев щайха рехсезе лъугьарав?
— Гьеб буго цебегоялдаса нахъе сугъулдерида жаниб баккараб дагӏба-рагӏиялда бараб жо. Гьеб кьалги байбихьана министр Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьиров чӏван хадуб.
Гьелъул хӏакъалъулъ лъалеб жо букӏун гьечӏо Хӏажимурад чӏварал чагӏазда, дир хӏисабалда. Гьединлъидал, гьез цин хӏалбихьана гьеб иш «Черновикалъул» бетӏерай редакторлъун йикӏарай Надира Гӏисаевалдаги Соликамскиялда туснахъалда вукӏарав гьелъул росасдаги тӏаде рехизе.
Амма хадуб жалго сугъулдерида гьоркьор дандеккунгутӏиял рукӏин лъайдал, гьеб версия чӏезе тана доз, интернеталдаса аудиоялги нахъе рацӏцӏана (Надиралгун Хӏажимурадил кӏалъай – авт.). Гьедин, сугъул лъугьана жидерго чагӏи гӏайибияллъун гьаризе.
Дица абулеб гьечӏо дол туснахъалда лъурал гӏолохъаби мунагьго гьечӏел чагӏи ругилан. Шугӏайбовасдасанги букӏана сверухъ ругезе хӏинкъи. Гӏабдулмалик Ахӏмадилов («Хӏакъикъат» газеталъул жавабияв секретарь, чӏвана 2009 соналда – авт.) чӏваялъул хӏакъ Абихӏасановасда тӏад бугинги рикӏкӏуна дица. Гӏабдулмаликидаса рецӏел босизе Абихӏасановасе бокьиялъ туснахъалде ккарав чи вуго Шугӏайбов.
Гьенив гьоркьовги Гӏисаев вукӏинчӏо. Кӏалбиччанкъоялъ росдал гӏолохъабазда цебе мажгиталда Гӏабдулмаликица жинда абураб рагӏи квеш букӏун рецӏел босизе къваригӏана Абихӏасановасе.
Палхӏасил, щиб гьабунги Гӏисаев жанив тӏамизе къваригӏун буго цо-цо чагӏазе. Амма гьесдехунги дол цояздехунги тӏадкӏалъаял ратани, чӏезабе гьезда тӏад гӏайибалги, гьабе тамихӏги. Амма жидерго хасал мурадазе гӏоло дир вацасул хвел багьанадуй ккоге!
— Щайха Гӏисаев гьезда рихарав? Бечедав вукӏунищ?
— Сугъулдерида тӏасан Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьировасухъе хъвараб цо справка букӏинчӏищ, Шамил Гӏисаевасул пишалъун рикӏкӏунеб буго гьеб росулъ (рохьилаздехун бухьен бугилан, гьединго вагьабияллъун кколилан гьабураб сугъулдерил сияхӏ – авт.).
Бичӏчӏа, дун Гӏисаев ритӏухъ гьавизе къваригӏарав чи гуро. Амма дие тӏекъаб жо бокьун гьечӏо. Гьеб справкаги гьес хъвачӏо. Нагагьлъун Сагӏид Амиров гӏадал чагӏаз гьеб хъван букӏун батани, жидерго хӏур гьабизе бегьулилан хӏинкъун, щибниги гьабуларев Гӏисаевасда тӏад чӏезабизе къваригӏун буго гьезие гьеб. Справкаялда кутакалда инжитаб куцалда хъван буго цо чиясул хӏакъалъулъ. Гьединлъидал, гьесги цӏакъго хӏаракат бахъулеб буго Гӏисаевасде гьеб рехизе.
— Сугъралъа лъабго журналист чӏвана – Хӏажи Гӏабашилов, Гӏабдулмалик Ахӏмадилов, Хӏажимурад Камалов. Гьезул щибалъулъги Шамил Гӏисаевасул цӏар рагӏулаан…
— Гьаб ахираб ичӏабго соналда жаниб дирго щаклъи кканщинав чи кив вукӏаравали лъазабуна дица минут минуталде данде ккезабун. Масала, живго чӏвазе кӏиго сагӏат хутӏидал, Хӏажи Гӏабашилов Шамил Гӏисаевасул кабинеталъуса ун вуго кьабизабун нуцӏагун. Гьениб гьезул хъачӏаб кӏалъай ккун буго. Гьанже хӏисаб гьабеха, чӏвазе къваригӏарав чи гьединищ къватӏиве виччалев? Гуро, Гӏисаевасул букӏинчӏо гьединаб къуват. 2008 соналдаса нахъе жиндирго гӏарац бикъулев вукӏарав Абихӏасановасдацин рагӏи абичӏо гьес.
— Хӏажимурад Гӏисаевас чӏвачӏилан дуца гьабулеб лъазаби цӏех-рехчагӏаз кин къабул гьабураб?
— Щокъроб къараб ракьа вуго дун гьезие. Ахирги дихъ цо щибалиго батанилан (ярагъ, наркотикал – авт.) дун хӏинкъизавизе хӏалал рихьизецин бегьула гьез.
— Гьанже рахъун щай цӏех-рехчагӏаз Гӏисаевасде гьединаб гӏайиб гӏунтӏизабураб?
— Тӏад тургьбиги ххун, хъачагъал гӏадин Москваялде рачун инчӏищха доб мехалда хӏукуматалъул нухмалъулевги хутӏарал вакилзабиги. Ракӏалда букӏараб куцалда гьезда гӏайиб тӏадчӏезабизе бажарулеб гьечӏеб къагӏидаха. Шамил Гӏисаевасеги шартӏ хӏисабалда туснахъ бихьизабуна гьез хӏукуматалъул вакилзабаз гӏарац бикъулеб букӏин цӏех-рехчагӏазда лъазабичӏогойилан.
Гьанже цӏех-рехчагӏазда ракӏалде щун буго Гӏисаевасда сугъулдерил ццим букӏинги.
Амма гьениб цо хӏалихьатаб пишаги хӏалтӏизабуна. Хазамов Мухӏамадил лъадуца кьуна жиндирго росасде данде баянал.
Хӏилла-макруялда ва чи чӏвазе къасд гьабиялда хурхарал гӏайибалги тӏад чӏезарун, микьго сонгун бащдабги кьун туснахъалда йикӏана гьей. Гьереси-инвалидлъи гьабизе гӏарац бакӏарун букӏун буго гьелъ гӏадамазухъа.
Кватӏичӏого судияс хӏукму хисизабуна — хӏисабалде босана гьелъул гьитӏинаб лъабго лъимер букӏин. Гьезул бищун гьитӏиналъ 18 сон байдал хал гьабизегӏан туснахъалъуса къватӏиеги йиччана.
Гьелда хадурго гьелъ кьуна росасда тӏасан гьересиял баяналги – чӏвай-хъвей ккараб сордоялъ сардилъ вачӏанила гьев рокъове, цинги хал ккун букӏанила (телевизоралдасан рицунел) цӏиял харбазда хадуб.
Хӏакъикъаталда абуни, гьеб сордоялъ лъимерги биххун, гьелда аскӏоса вагъарун гьечӏоан Мухӏамад Хазамов, гьезда цадахъ гьенив вукӏарав гьесул вацгӏалас кьурал баянал руго гьел. Амма гьенивго вукӏарав чӏужуялъул вацас абулеб буго Мухӏамад рокъов вукӏинчӏилан. Гьединал баянал кьуралъухъ гьей эркенлъуда тана. Гьебги гьелъ гьабуна жиндир росасул цоги чӏужу йикӏин лъайдал. Изоляторалда йигеб мехалда лъан буго гьелда гьеб.
Гьединго гьадаб чӏвай-хъвей ккараб параялда Шугӏайбовги «Одноклассниказда» жанив жиндирго имгӏаласухъе хъвадарулев вукӏун вуго.
Хазамов Мухӏамадихъе щай хьвадулев чи мунилан рази гьечӏого Шугӏайбовасда гаргадулев вукӏарав Абихӏасановги кин гьел кӏиялгогун цадахъ гьеб ишалде гьоркьове лъугьине кколев вукӏарав?
Абихӏасановасда ццим бахъарал Гӏисаевазул чагӏиги руго Абихӏасановас чӏванин дур вацилан дида абулел. Амма гьел руго дир къварилъиялдаса пайда босулел чагӏи. Къваригӏун батани, жидецаго гьабе гьесие тамихӏ.
— Хӏажимурадилги Шамилилги гьоркьорлъаби кинал рукӏарал?
— Гьедигӏан лъикӏал рукӏинчӏо, амма тушманлъиги букӏинчӏоха гьезда гьоркьоб. Гӏисаевазул эбел унтараб мехалда тӏоцеве Хӏажимурад ана гьелъие би кьезе. Амма гьелъухъ-долъухъ балагьичӏого, «Немецкая деревня» проекталъе гӏоло Шамилие гӏезегӏан бадирчӏваял гьаруна «Черновикалъ». Гьелдаса лъабго сон индал чӏвана Хӏажимурад. Чӏвазе къваригӏараб мехалда гьелщинал соназищ балагьун чӏолел? Дица бегана чанго соналъул подшивка. Амма чи чӏвазе тӏамулел гӏадал макъалаби гьенир ратичӏо.
Тӏоцебего дир щаклъи ккарав чи Шамил Гӏисаев гурев, Сагӏид Амиров вукӏана. Амма гьесдехунги кинабгӏаги бухьен батичӏо дида.