Цӏунтӏа районалда исламияб дин тӏибитӏизабизе байбихьидал, хутӏрахъдерица ва асахъдерица бищун ахиралда босана гьеб. Амма диналъул рахъалъ хутӏрахъдерил жамагӏаталъул гӏадамал рукӏана ва гьабсагӏаталдаги руго бищун церетӏураллъун. Гьединазул цояв ккола Хутӏрахъа Хӏамзатги.

Хӏамзат

Инсул тӏадчӏеялдалъун, Хӏамзат цӏалана Болъихъ, Гӏанди, Гъагъалъ, Гӏашали, Инхо, Шодрода, Ансалтӏа, Рахатӏа, Сугъралъ ва Хӏариколо росабалъ. Цо пуланаб къоялъ Болъихъе Дагъистаналъул ичӏго гӏалим вачӏана Хӏамзатил имтихӏан гьабизе. Хӏамзатида сверухъ горги гьабун, щивас кьуна батӏи-батӏияб суал. Хӏамзатица гьезул щибалъе жаваб кьуна, кодобе тӏехь босичӏого, Къуръан рагьичӏого. Бахӏсалъе рачӏарал гӏолохъабазе баянлъана Хӏамзат къуватав гӏалимчи вукӏин. Цинги гьес гьезда цӏехана, тӏокӏаб суал батичӏони, дир ругин нужее кьезе суалалилан. Воре, Хӏамзат, кьогеянги абун, хъващтӏан тӏадеги рахъун, сабурго къватӏире ана ва мугӏалимасда абуна: «Гьанжеги хахе гӏелму, Хӏамзат», — ан. Гьеб къоялдаса нахъе Хӏамзатие щун буго «Хахи» абураб тӏокӏцӏарги.

40 сон тӏубалеб мехалъ Хӏамзатил эбел-инсуца дагӏба балаан, чӏужу ячиналъул хӏакъалъулъ. Гьес эбелалда гьадин абула: «Эбел, мун гӏедегӏуге, ихдада баккула тӏегь, хасало тӏагӏуна, ясал камуларо», — ян. Гьес лъадилъун ячана 16 сон барай Хутӏрахъ росулъа Гъазимухӏамадил яс Хадижат ва гьезие гьавуна кӏиго вас.

Совет хӏукуматалъ диналде данде питна байбихьизегӏан, Хутӏрахъа Хахи-Хӏамзат тӏадчӏана гӏелму лъазабиялда. Хӏариколо мадрасалда цӏалулаго, 1924 соналдаса 1927 соналде щвезегӏан, Хӏамзатица мугӏалимлъи гьабуна 30-35 чиясе.

Ахир-къадги, щибго жоги рехун тун, жиндирго кули бугеб «Цӏобеснокь» абулеб бакӏалда нохъодаги вахчун, анкьго сон бана Хахи-Хӏамзатица, гӏибадат гьабулаго. Нохъода вукӏаго анкьго соналъ Хӏамзатица хъварал назмаби, гьарурал хъвай-хъвагӏаял ва диналъул таржамаби щвечӏо наслабазухъе щайин абуни, милициялъ сверунги ккун, досул кулиги нохъоги бухӏана, амма живго Хӏамзат милициялъул берзукьа тӏагӏана.

1937 соналда милициялъ кинабго халкъ ахӏула Шаури-Эчеда нух бахъулеб бакӏалде хӏалтӏизе. Гӏадамал ракӏарула мокъокъдерил Чӏекух майданалде. Гьениб 60 гӏалимчиясул цӏар ахӏула, гьезда гьоркьор: Хутӏрахъа Хахи- Хӏамзатил, Кидироса Пахрудинил ва Хъуприса Ахӏмад-Дибирил. Гьеб къоялъго Шаури туснахъ гьавуна 36 гӏалимчи. Анкьго сон ун хадуб, ай 1943 соналда Сталинград шагьаралда Хахи-Хӏамзат хванилан пашманаб хабар щола гӏагарлъиялъухъе.

Загьир

Хутӏрахъа Загьир Мусаев гьавуна 1952 соналда. Гьесул эмен Окиев Мусаги гьесул вацал Закаря ва Мухӏамадги рукӏана цӏаларал чагӏи. Закарял васал Мухӏамадкамилие ва Ражабие щвана щулияб гӏелму. Ражабин абуни ккола Россиялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ спорталъул мастер. Гьев хӏалтӏулев вуго Хутӏрахъ росдал школалъул директорлъун. Загьирил вац гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго Гъизляр районалъул Шаумян росдал имамлъун.

1979 соналда Кӏилъартӏа росдал школалда 10 классги лъугӏизабун, Загьир цӏализе лъугьана Ташкенталда бугеб исламияб институталде. 1983 соналда тӏадвуссана Дагъистаналде. Гьебго соналъ тӏамуна ДУМДалъул Северияб Кавказалда бугеб Бусурбабазул улкабазул халкъазда гьоркьосел бухьеназул отделалъул нухмалъулевлъун ва таржамачилъун. Гьеб хӏалтӏуда Загьир вукӏана 7-8 соналъ. 1991 соналда Загьир ана Тунисалъул пачалихъияб «Зейтун» университеталда цӏализе. 1994 соналда, гьебги лъугӏизабун, тӏад вуссана Дагъистаналде.

Хадубккун хӏалтӏана Динияб идараялда таржамачилъун. Цинги росуцояз Загьир вищула хутӏрахъдерица гӏумру гьабулеб Шаумян росдал мажгиталъул имамлъун. Гьенив хӏалтӏулаго, Загьирица росуцоязе бана цӏияб мажгит ва рагьана лъималазе мадраса. Загьирица имамлъи гьабуна 20 соналъ. 2014 соналда, Загьирил сахлъи загӏиплъиялда бан, имамлъун вищана гьесул вац.

Анкьцӏул хӏеж борхарав Загьирил рокъоб буго гӏелмиял тӏахьазул бечедаб библиотека. Щибаб рузманалдаса хадуб дагӏваталде гьенире ракӏарула цӏаларал гӏадамал.

Загьирил вуго ункъо вас. Кӏудияв вас Мухӏамадица лъугӏизабуна Астраханалда медакадемия, Москваялда интернатура ва гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго Москваялъул цо больницаялда терапевтлъун. Бищун гьитӏинав вас Мусаца лъугӏизабуна ДГУ ва хӏалтӏулев вуго Пенза шагьаралда ДЮСШялъул кикбоксингалъул тренерлъун. Муса ккола кикбоксингалъул рахъалъ Россиялъул кӏицӏул чемпион ва спорталъул мастер.