27 соналъ цебе дица Тӏадмагъилъа Къурбанов Тажудинил къисматалъул хӏакъалъулъ хъвараб макъала бахъун букӏана «Известия» газеталда, «Партизанасул къисмат» абураб бетӏералда гъоркь (№ 237, 25 август 1987 с.). Гьелдаса хадур Тажудинихъе ва дихъе рачӏине байбихьана гӏемерал кагътал. Гьезда гьоркьоб букӏана Украиналъул Херсон областалъул Геническ шагьаралдаса А. Б. Лубенскиясул кагъатги. Гьес хъвалеб букӏана граждан рагъул соназда живги вукӏанила Дагъистаналда вагъулев. А. Б. Лубенскияс жиндирго макъала бахъун буго «Приазовская правда» газеталдаги… Хӏакъикъаталдаги, гӏажаибаб къисматалъул инсан вукӏана Тажудин. Гьев гьавуна Лологъонилъ, амма гьесул гӏумру ана Тӏадмагъилъ. Гьенив мадрасалда цӏалана, лъадиги гьениса ячана, магӏишатги гьениб гьабуна. Дагъистаналда граждан рагъ унеб заманалда гьесул букӏана 17 сон.
Пачаясул заманалда къо бухӏараб, ракъараб, язихълъиялда рукӏана магӏарулал. Гӏахьвалалин абуни магӏарулазда гьоркьорги язихъаб бетӏербахъиялда рукӏана. Хуриса бачӏараб хӏалухъин 3-4 моцӏалъе гурони гӏолароан. Бетӏербахъиялде хьвадизе кколаан Цӏоралде, Чачаналъе, гӏатӏиракьалде. Хӏалтӏизе унаан магӏарул росабалъеги рикӏкӏадал шагьараздеги. Гьениса щолеб мухьги цӏакъго мукъсанаб букӏунаан.
1914 соналда Гӏахьвахъа 60 чи ана пачаясул армиялде мухьдахъ рагъизе. Гьел рукӏана «Гӏалхулаб дивизиялда» рекӏаразул эскадроналда. Рагъана австро-венгриялъул фронталда ва революция бергьун хадуб росабалъе тӏад руссана. Гьезие рагъулаб гуребги, революциялъулаб лъадариги щун букӏана.
Дагъистаналда граждан рагъ байбихьидал, Гӏахьвахъ участкаялда, Шамхал Салихӏовасул бетӏерлъиялда, партизаназул отрядалде лъугьана Тажудинги. Михъида хӏур чӏвачӏев гьесул гӏелалъул гӏолохъабиги отрядалда дагьал рукӏинчӏо. Багьавудин Жамбулаев, Гӏисалмухӏамад Шамхалов, Халид Чӏахиев, Гъайирбег Дибиров, Хӏаид Махиев ва цогидалги. Тажудинил командирлъун вукӏана Турач Гӏамиров, хадув гьев лъукъидал — Хӏажимухӏамад Эхунов.
1920 соналда Шамхалил ва Муслим Атаевасул отрядаз Цӏунтӏе чабхъен гьабуна. Имам Нажмудинги Хъайтмаз Гӏалихановги Гуржиялъе тӏурун ун кодоре щвечӏо. Гьеб сапаралъ Хушетире разведкаялъ ритӏарал Изаноса Гӏамирханги Тажудинги гъачагъаз сверун ккуна. Рагъана патронал лъугӏизегӏан. Хьул букӏана тӏаде кумек бачӏиналда, амма гьеб щвечӏо. Гӏамирхан гьенив чӏвана, Тажудин асирлъуде ккана. Хадусеб къоялъ партизаназ гьев эркен гьавуна. Кидероса наиб Жабул Мухӏамадовги гьесул васги асир гьарун, партизанал тӏад руссана.
Гуржияхъа гӏарацги ярагъги щун, Гӏанди гӏорккун эхеве вачӏунев имамасул боялде данде гьебго соналъул октябрь моцӏалъ отряд къватӏибе бахъана. Хъварщикӏкӏалги бахун, «Богухъ» магӏарда тӏад щулалъи ккун букӏана. Гъачагъазул къуват 3-4 нухалъ цӏикӏкӏараб бугониги ракӏчӏей букӏана Болъихъа кумек тӏаде гӏунтӏиялда. Хабар бачӏана Болъихъ хъала муридзабаз бахъанилан, гьениб букӏараб армияги вахӏшияб куцалда гъуранин, ярагъги имамасухъе щванилан. Багӏарал партизанал тушманасул горсверуде ккана. Захӏматаб масъала букӏана гьанже гьезда гьениса рорчӏине кӏвейги. Рагъал ккана гӏемерал, хасго Хъварщи кьодухъ. Гьенив лъукъана отрядалъе нухмалъулев вукӏарав Шамхал, кӏиябго рахъалъа чӏваралги рукӏана. Тушман нахъаса вичӏулев вукӏинчӏо, гъоркьчӏел гьабунги гӏемер батулаан. Агъвалиса, Кӏванадаса сверун отряд Гӏахьвахъе щвана. Шамхалица байбихьана цӏидасан рагъуе хӏадурлъизе. Отрядалде тӏадеги гӏолохъаби рачана. Ярагъалда хадур Шурагьире ритӏана Шарип Махӏачов, Царакгӏали Салихӏов ва Махӏач Гӏамиров. Тӏад руссун Лавашиса, Гъуниса рачӏунел рукӏарал гьел ругъеждерил магӏарда чӏвана ва ярагъгун гӏарац тушбабазухъе ккана.
Захӏматаб хӏал букӏана гьеб заманалда Гӏахьвахъ участкаялда. Муса Кундухов балъгого щвезавуна Хунзахъ хъаладухъе. Щибаб росулъ ва кулабазда гӏуцӏана щулалъаби. Нухазда аскӏорегӏан ругел минабазул тӏохазде баччана гамачӏ, партизанал ругьун гьаруна ханжар- хвалченгун рагъизе, гӏужихъабазе бакӏал хӏадур гьаруна, патираби ричун росизе сверухъ ругел росабалъе гӏадамал ритӏана. Партизаназе хӏинкъаби кьолел рукӏаниги, гъачагъазда Гӏахьвахъе рачӏине кӏвечӏо. Партизаналги рокъор кьерун чӏечӏо, гьез хасало сапарал рухьана Лъануре, Цӏекӏоре, Бакълъухъе, Занатӏе, Местӏерухъе. Гьезие щвана 60 чу, 100 туманкӏ-таманча, гӏемерал патронал.
Тажудиница гъираялда бицунаан 1921 соналъул 26 февралалда партизаназ Тӏукитӏе гьабураб сапаралъул хӏакъалъулъ. Росулъе нух букӏинчӏо цохӏо бакӏалдаса гурони. Гьенибги хъаравуллъи тӏамун букӏана. Разведкаялъ ритӏарал Сулейман Мутагӏилов, Ихъали Мухӏамадов ва цогидал гӏолохъаби хъаравуллъиялда рукӏарал кьижун ратарал гъачагъалги асир гьарун рачӏана. Туманкӏ кьвагьичӏого бахъана росу. Амма хадусеб къоялъ росу сверун ккуна азаргогӏанасев муридас. Гьезухъ букӏана гӏемераб ярагъ, Кӏаратӏаса гьенибе чӏечӏого балеб букӏана гӏарада. Росу сверухъ кьвагьи къотӏулебго букӏинчӏо, амма муридзабазда кӏвечӏо гьужумалъ рачӏине. Хадуб партизаназе кумекалъе Хунзахъа рекӏаразул эскадрон бачӏана. Гьеб къоялъ эркен гьаруна Местӏерухъ, Ингердахъ, Цӏолода, Тӏарадаинхело, Кӏаратӏа, Гӏарчо, Гӏанчихъ росаби. Хадур партизанал ана Болъихъ ва Цӏумада районазул росаби эркен гьаризе. Гьел лъугьа- бахъиназдаги жигараб гӏахьаллъи гьабуна Тажудиница. Граждан рагъ лъугӏун хадубги гӏахьвалазул партизанал гъачагъазда хадур Казбек районалде щвана. Гьенив чӏвана Тажудинил вацгӏал Гӏалидибир Мухӏамадов. Хадуб сапар бухьана Чачаналъе. Гьенив командирлъун вукӏана Гӏалиев Гӏабдурахӏман. Гьев захӏматго лъукъана. Партизаназ гьенив ккуна Цӏамутӏариялдаса Мусаги жеги 15-явги.
Росулъе вуссун хадув Тажудин ункъо соналъ росдал Советалъул исполкомалъул секретарьлъун хӏалтӏана, хадув вукӏана колхозалъул хурухъанлъиялъул бригадаялъул бригадирлъун, гӏачиязул фермаялъул заведующийлъун. Живго къватӏиса чи вугониги, гьесдехун тӏадмагъилъезул божилъи цӏикӏкӏараб букӏана. Гьес гьабулеб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубалаан. Гӏемерав вищана гьев депутатлъун, колхозалъул правлениялъул членлъун.
Тӏаде щвана рагъул сонал. Гьеб мехалде Тажудинил букӏана ункъо лъимер. Рагъ байбихьарабго, жив армиялда хъулухъ гьабизе ине хӏадурав вугин лъазабуна гьес. 1941 соналъул хаслихъе гьев ккана 29-абилеб гаубичнияб артполкалде. Тӏоцере гуржиязул Вазнан магӏарда ругьун гьаруна, хадуб 1942 соналъул январалда гьезул полк рехана Новороссийскиялде. Гьениб щвана багӏарав партизанасе унго-унгояб рагъулаб лъадари. Зама-заманалдаса немцазул самолетаз бомбаби рехулаан гӏарадачагӏазде тӏаде, чӏварал-лъукъарал гӏемерал рукӏана. Тажудиница хъулухъ гьабулеб полкалда гӏемерал магӏарулал, районцоял гӏолохъабиги рукӏана: Загъалав Мартаев, Гӏисахан Хӏасанов, Кӏаратӏаса Мухӏамад Хизриев, Хӏажиявдибир Къучӏуев, Гӏабдулбадихӏ Гъазимухӏамадов, Гӏабдула Гӏалигъазиев, Дибирхӏажияв Абулмуслимов, Гӏарчоса Жахӏбар Дибирхӏажиев, Гӏанчихъа Мухӏамад Будунов ва цогидалги. Церехун рачӏунел немцал чӏезаризе кӏвана ва гьеб кӏудияб бергьенлъи букӏана. Рагъда цохӏониги нухалъ лъукъичӏого ворчӏарав Тажудин захӏматго унтана ва госпиталалда моцӏал рана. 1942 соналъул хаслихъе комиссиялъ гьесул щокълъи чӏезабуна ва гьев рокъове витӏана. Рагъда бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ сонисев багӏарав партизанасе кьун букӏана Ватӏанияб рагъул орденги «За отвагу» медальги. Ичӏго медаль букӏана хадуб кьурабги.
Рокъовги лъагӏелалъ унтана Тажудин. Рагъ къотӏун букӏинчӏо гьев хъутаналде колхозалъул учетчиклъун хӏалтӏизе витӏулелъул. Хадур тӏурана колхозалъул правлениялъ тӏадкъарал батӏи-батӏиял ишалги.
Тажудин Къурбановас ва гьесул лъади Патӏиматица гӏезабуна ва гӏумрудул нухда лъуна анцӏго лъимер.
Доб мехалда (1987 с.) Тажудинилги Патӏиматилги наслуялъул гӏун букӏана 112 лъимер, гьанже гьезул къадар 150 чиясде бахун батила. Гьез гӏумру гьабулеб буго росулъ, Махӏачхъалаялда, Гъизилюрталда, Москваялда. Абизе бегьула гьел киналго эбел-инсул намус цӏунарал магӏарулал ругилан.
Тажудиние цӏикӏкӏараб пенсия щолароан, амма гьес щварабги росулъ ругел ресукъал гӏадамазе, бесдал хутӏарал лъималазе бикьулаан, жиндирго гӏарац харж гьабуна магӏардаса росулъе ва «Гӏумаш» колоде лъим бачине, росу рагӏалда бугеб къулгӏа-ицц къачӏазе, кумек гьабуна Лологъонилъе нухда «Мазай» абулеб бакӏалда кьо базе.
Гьесие цӏакъ бокьулаан росулъ ва гӏалахалда ругел нухал, кьоял къачӏазе. Кӏаратӏа жилдомалда аскӏоб бугеб къулгӏаги Тажудинил гӏарцухъ бараб буго.
…Бетӏералдаса тӏокӏкӏинчӏеб лъим хадуб тӏокӏкӏунарин аби буго магӏарулазул. Тажудин Къурбановасул наслуялъулго хал гьабуни, гьеб аби битӏарабги буго ва гьелъие мисаллъун кидаго гьев живго вукӏана. Гьес бахъараб жигар, гьесул гӏумруялъул мисал наслуго тӏокӏкӏинабизе гӏун буго.