Гьал къоязда гӏумруялъул 60 сон тӏубалаан мунагьал чураяв журналист, хъвадарухъан, публицист Сабир Нурмухӏамадовас. Гьев къадаралде щвана ункъо соналъ цеве. Амма нахъе хутӏана Сабирица хӏадур гьарурал ва къватӏире риччарал Дагъистаналъул Кӏудиял Энциклопедиязул (БЭД) ункъо том, «Дагъистаналъул киналго росаби, шагьарал ва поселокал» абураб тӏехь, «Палестинаялъул маргьа – Интернет версия», «Намусалъул кодекс. Гӏумар Эрцалов», Северияб Кавказалъул регионалияб жамгӏиябгун политикияб «Кавказалъул гьумер» журналалъул 18 номер, «Хӏакъикъат», «Дагъистаналъул гӏолилал», «Вечерний Кизилюрт», «Новый век», «Дагъистаналъул панорама» газеталъул гьурмазда рахъарал гӏемерал макъалаби.
Сабир гьавуна 1960 соналда Хунзахъ районалъул Харахьи росулъ, тарихалъул, гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул учитель Гӏахьалчӏиса Нурмухӏамадов Мухӏамадил хъизамалда.
1980 соналда С. Нурмухӏамадовас лъугӏизабуна Дагъистаналъул политехникияб техникум, 1985 соналда — Одессаялъул М. В. Ломоносовасул цӏаралда бугеб кванил промышленносталъул технологияб институт.
1982 соналда Сабирица гӏахьаллъи гьабуна Одесса шагьаралда тӏобитӏараб гӏолохъанал хъвадарухъабазул данделъиялдаги. Гьениб машгьурал хъвадарухъабаз лъикӏаб къиматги кьуна гӏолохъанав авторасул асаразе.
25 сон барав инженер-технолог С. Нурмухӏамадовас захӏматалъулаб хӏаракатчилъи байбихьана Харьков областалъул нах гьабулеб заводалда комсомолалъул комитеталъул секретарасул хъулухъалдаса. Гьенивго хӏалтӏана конструкторлъун ва производственниябгун техникияб отделалъул начальниклъун.
Дагъистаналде тӏад вуссарав Нурмухӏамадов хӏалтӏана «Роспищепромавтоматика» ва «Минздравпроект» институтазда аслияв специалистлъун, отделалъул начальниклъун. Амма журналистикаялде ва хъвадарухъанасулаб махщалиде бугеб рокьиялъ Сабир вачӏана хӏалтӏизе Гъизилюрт шагьаралъул типографиялъул ва телевидениялъул директорлъун, республикаялъул «Хӏакъикъат», «Новое дело» газетазул мухбирлъун, «Дагъистаналъул гӏолилал» газеталъул бетӏерав редакторасул заместительлъун, «Вечерний Кизилюрт», «Новый век» ва «Дагъистаналъул панорама» басмабазул бетӏерав редакторлъун.
2007 соналдаса бахъараб гӏумруялъул ахириял къоязде щвезегӏан Сабир хӏалтӏана Северияб Кавказалъул регионалияб жамгӏиябгун политикияб «Кавказалъул гьумер» журналалъул бетӏерав редакторлъун. Гьел соназда журналист, публицист, хъвадарухъан С. Нурмухӏамадов гӏемер щвана Северияб Кавказалъул киналго республикабазде, Ростовалде, Турциялда ругел мугьажиразухъе. Сириялде ва сапаралда вукӏаго хъварал гӏемерал макъалаби, очеркал рахъана «Кавказалъул гьумер» журналалда.
Дие гӏумруялъулъ битӏккана – дун анкьго соналъ хӏалтӏана «Кавказалъул гьумер» журналалъул бетӏерав редакторасул заместительлъун, ай Сабирил нухмалъиялда гъоркь. Гьев вукӏана лъай бугев, гьабулеб хӏалтӏи рагӏа-ракьанде щун бичӏчӏулев редактор, махщел камилав журналист ва публицист.
С. Нурмухӏамадовасе кьун букӏана республикаялъулаб «Меседил цӏум» абураб премия. 1999 соналда республикаялда ккарал рагъулал лъугьа- бахъинал газетазда, журналазда рихьизариялъе гӏоло, гьесие кьуна ДРялъул Пачалихъияб Советалъул Хӏурматалъул грамота.
Жиндирго гьалмагъзабазда ва къаламцоязда цадахъ Сабирица къватӏире риччарал Энциклопедиязда рахъун руго гӏемерал гӏадамазул хӏакъалъулъ хъварал макъалаби. Гьелъул гьурмазда ратула учительзабиги, гӏалимзабиги, бахӏарчиял гӏадамалги, цӏар рагӏарал спортсменалги, политикалги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги, гӏакъилал нухмалъулелги. Гьел тӏахьазда бахъун буго Дагъистаналъул 1500 росу ва рехсон буго ункъазарго чиясул цӏар.
Гӏолеб гӏелалъе, педагогазе, журналистазе, гӏагараб ракьалъул тарих бокьулезе бечедаб ирс нахъе тана Сабир Нурмухӏамадовас.