Инсанияталъул тарихалда цӏаралги хутӏарал, лъалкӏалги тарал гӏадамазул гӏелмиябги, гӏакълиябги, жамгӏиябги, политикиябги хӏаркатчилъи киналго заманабазе гӏахьалаб букӏунин абун буго цо гӏакъилас. Гьел рагӏаби рачӏуна ракӏалде анцӏ-анцӏ соназ Дагъистаналъулги гьелъул халкъалъулги къисматалъул жавабчилъи тӏаде ккаразул цояв, гьездасанги ахирисеб ункъо соналъ республикаялъе бетӏерлъиги гьабурав, исана гӏумруялъул 80 сон тӏубалев, политикиявги, жамгӏиявги, гӏелмиявги хӏаракатчи Мухӏу Гӏалиевасул пикру гьабулаго. Чияс рарал соназул бицунарин, гьесул хӏакъалъулъ бицине жо бугониян абуниги, рарал соназул борхалъудасан балагьулеб гӏадаб буго нилъер гӏадамас нахъа тараб нухалъухъ. Гьеб нухин абуни М. Гӏалиевасул гӏезегӏан бечедаб, лъугьа-бахъинал гӏемераб, бицинеги борцинеги жо гьарзаяб букӏараблъи лъала киназдаго. КПССалъул обкомалъулги Дагъистаналъул Верховный Советалъулги ахирисев нухмалъулев, республикаялъул Халкъияб Собраниялъул тӏоцевесев председатель, Дагъистаналъул тӏоцевесев президент. Гьеб чанго хӏужаялъ цӏакъ гӏемераб жоялъул бицуна. Тарихги кӏудияб, къисматалги ракӏалги бечедал гӏадамаздалъунги рагӏараб магӏарул гьитӏинабго Тӏануси росулъа цоги гӏелцоязулго гӏадин гӏадатго байбихьараб гьесул къисматалъе къачӏан батана кӏудияб роржен – Дагъистаналъул политикиябги, жамгӏиябги, гӏелмиябги гӏумруялда бищунго тӏадегӏанаб бакӏ, республикаялдаги гьеб бахун къватӏибехунги гьеб киналдаго рекъараб машгьурлъиги цӏарги.
1.
Политикиялгун жамгӏиял хъулухъазул борхалъуде вахине Мухӏу Гӏалиевас гьитӏинго анищ гьабулеб букӏарабищали лъаларо, амма гӏелмуялде гьесул рокьи букӏараблъиялъул бицуна Избербашалъул тӏоцебесеб школа гӏарцул медалалда ва ДГУялъул тарихалъулгун филологиялъул факультет багӏараб дипломалда лъугӏизабиялъги. Хадубги гьебго вузалъул аспирантураялдаги цӏалун, философиялъул гӏелмабазул кандидатлъиялъул диссертация 28 сон балалде цӏуниялъги.
Гӏуцӏарухъанлъиялъул махщел Мухӏу Гьиматовичасулъ тӏатун батизе бегьула Цӏумада районалъул Гъоркьа Гьаквариб росдал школалда хӏалтӏулаго. Гьенисан ана живго цӏалараб университеталъул комсомолазул гӏуцӏиялъул секретарлъун. М. Гӏалиевасда ракӏалде гьечӏеб жолъун букӏана аспирантураялдаса хадуб Махӏачхъала шагьаралъул комсомолалъул комитеталъул тӏоцевесев секретарьлъун вищи. Гьеб букӏанин абизе бегьула гьесул политикиябги жамгӏиябги гӏуцӏарухъанлъиялъул нухде тӏамураб тӏоцебесеб гали. 1972 соналда М. Гӏалиев вищана Махӏачхъала шагьаралъул партиялъул цӏигӏуцӏараб Советский рай- комалъул тӏоцевесев секретарьлъун.
Улкаялда цӏияб багъа-бачариялъе кьучӏ лъезе байбихьараб 1985 соналда КПССалъул Дагъистаналъул обкомалдаги ккана хиса-басиял. Гьеб мехалда обкомалъул бищунго аслияб ва жавабчилъи цӏикӏкӏараб гӏуцӏарухъанлъиялъулгун партиялъул отделалъе нухмалъи гьабизе тӏамуна Мухӏу Гӏалиев. 1990 соналда вищана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул тӏоцевесев секретарьлъунги КПССалъул ЦКялъул членлъунги. Гьеб букӏана кӏудияб пачалихъалъе нухмалъи гьабураб КПССалъул къисмат цӏадирабазда лъураб захӏматаб заман. Мухӏу Гӏалиевасда лъикӏ бичӏчӏулеб букӏана Горбачевасул кьучӏ гьечӏеб политикаялъ улка кибе бачунеб бугебали. Гьеб бихьула ЦКялъул пленумаздаги партиялъул ХХVIII съездалдаги гьес гьарурал кӏалъаяздасан. «Гьадинаб нухдасан пачалихъ бачунеб бугони, дуца пачалихъги биххула, партияги биххула, цӏад бан хадуб буртина ретӏарав чиясда релълъун мунги вукӏуна», — ян абуна Мухӏу Гьиматовичас жиндирго кӏалъаялда Горбачевасда. Гьедин ккезеги ккана.
2.
Гӏемеразда ракӏалде кколеб букӏана компартия биххиялда цадахъго Мухӏу Гӏалиевги Дагъистаналъул политикиябгун экономикияб гӏумруялда гьоркьоса анилан. Гьеб гьедин ккезе бокьаралги рукӏана. Ракӏалде щвезабизе бегьила 1991 соналъул октябралда Дагъистаналъул Верховный Советалъул председателасул заместительлъун Мухӏу вищулаго букӏараб ахӏвал- хӏалги, ХVI сессиялда гьес гьабураб кӏалъайги.
1993 соналъул ахиралда Россиялъул нухмалъиялъул гӏуцӏабазда ккарал хиса-басияздаса хадуб Дагъистаналдаги исполнительниябги законодательниябги властал цоцаздаса ратӏа гьаруна. Гӏуцӏана Пачалихъияб Совет ва бищана цӏияб парламент – Халкъияб Собрание. Жиб бищараб къоялдаса 11 соналъ гьелъие нухмалъи гьабуна Мухӏу Гӏалиевас. Гьесде тӏаде ккана кьучӏдасанго цӏияб парламенталъул хӏалтӏи гӏуцӏи, гӏумруялъул тӏалабаздаги улкаялъул законаздаги, щибаб къойил хисхисулеб ахӏвал- хӏалалдаги, киналго рахъалги хӏисабалде росун, гьелъул хӏаракатчилъи рекъезабизе.
Дагъистаналдаги дол ункъоялда анцӏабилел сонал захӏматал рукӏана. Гьеб гуребги, мадугьалихъ бугеб Чачан Республикаялда кӏиго нухалъ ккараб рагъалъги ахӏвал-хӏал захӏмалъизабун букӏана. Гӏадамазул гӏумру-яшав язихъаб хӏалалде ккун букӏана. Хадубги Карамахи, Чабанмахи… ва ахирги 1999 соналда ккарал рагъулал лъугьа-бахъинал. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ М. Гӏалиевас гьелъие кьолеб букӏараб къиматалъул бицунеб буго гьесул «В поисках согласия» абураб тӏехьалда рахъарал кӏалъаяздаги гьесулгун гьарурал гара-чӏварияздаги.
Парламенталъул бетӏерас 1999 соналда Дагъистаналда рагъулал лъугьа-бахъинал ккезегӏан чанго соналъ цебего Халкъияб Собраниялъул сессияздаги Махӏачхъалаялдаги, Москваялдаги, цоги бакӏаздаги кӏалъалаго бицунеб букӏана экстремизмалъул къуватазул республикаялъе бугеб хӏинкъиялъул, рихьизарулел рукӏана балагьалъ нилъер нуцӏида кӏутӏилелде гьеб нахъчӏвазе ругел нухалги ресалги. Амма гьел кӏалъаязул доб мехалъ кколеб хӏасил гьабичӏо. Хадубги киназдаго лъала, доб мехалда Оборонаялъул министрлъун вукӏарав И. Сергеевги гӏахьаллъун 1999 соналъул 12 августалда букӏараб Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъул данделъиялда Мухӏу Гьиматовичас гьабураб кӏалъаялдаса хадуб лъица щиб гьабулеб бугебали лъалареб куцалъ унеб букӏараб рагъул ахӏвал-хӏал хисараб куцги гьелъул хӏасилги.
Рехсечӏого гӏоларо дол соназда Халкъияб Собраниялъ къабул гьарурал законазул аслияздасанги аслиябин абизе бегьулеб, мугӏрузул районазе цӏакъго кӏвар бугеб «Гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулел ракьазул хӏакъалъулъ закон». Гьеб хӏадур гьабулаго гӏезегӏан заманги ана. Ахирги кӏвана закон къабул гьабизе. Мухӏу Гьиматовичас борхана депутатазул «неприкосновенностилан» абулеб, гьел щиб такъсир гьабуниги тамихӏалдаса цӏунулеб къагӏида хвезабиялъул ва такъсирал гьарурал гӏадамал депутаталлъун риччазе бегьуларин абураб суалги. Гьеб пикруялъул рахъги ккун, Халкъияб Собраниялъ гьединаб хӏукмуги гьабун букӏана. Амма Россиялъул законазде данде кколарилан гьеб хӏукму хадубккун хвезабуна.
Гьеб киналъулго хӏасилалда Дагъистаналъул Хлакъияб Собраниялъул председатель лъугьана Россиялъул регионазул парламентазул бутӏрузда гьоркьов бищунго рикӏкӏунездасан, къадру-къимат гьабулезул цоявлъун. Гьелъие нугӏлъи гьабула Мухӏу Гӏалиевасе 2004 соналда лъагӏалил спикер абураб цӏар кьун букӏараблъиялъги.
1996 соналдаса 2001 соналде щвезегӏан М. Гӏалиев вукӏана РФялъул Советалъул член, гьелъул Халкъазда гьоркьосел бухьеназул рахъалъ комитеталъул председателасул заместитель. «Россия — Европаялъул союз» парламентазул цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабиялъул бюроялъул член, Европаялъул Советалъул парламенталъул ассамблеялъул член (ПАСЕ), Чӏегӏераб ралъдал экономикияб цадахъ рекъон иш гьабиялъул Парламенталъул ассамблеялъул член (ПАЧЭС), Европаялъул бакӏалъулал ва регионалиял властазул конгрессалда РФялъул (КМРВЕ) вакил.
Чанго рагӏиялдалъун рехселин Мухӏу Гӏалиевасул гӏелмияб хӏаракатчилъиги. Гьев ккола философиял гӏелмбазул доктор, профессор, анцӏго тӏехьалъул ва анцӏ-анцӏ гӏелмиял макъалабазул автор. Гьесул хӏалтӏаби рахъана «Вопросы философии», «Философские исследования», «Вестник Российского философского общества», «Федерация» абурал журналазда ва цоги басмабазда. Мухӏу Гьиматовичасул биография ва гьесул хӏалтӏабазул аслиял пикраби рахъун руго «ХIХ-ХХ гӏасрабазул Россиялъул философал» абураб словаралда.
3.
Партиялъул хӏалтӏуда 20 ва парламенталда 28 соналъул хӏалбихьи букӏана Мухӏу Гӏалиевасул Дагъистаналъул тӏоцевесев президентлъун вищулеб мехалда. Цебеккун нилъер республикаялъе хасиятаблъун букӏинчӏеб президентасулаб нухмалъиялъул къагӏидаги кьучӏдасанго гӏуцӏизе ккана гьесде.
Мухӏу Гьиматовичас президентлъун вугел соназдаги гьелде щвезегӏанги хӏаракат бахъана хасал мурадал ругел, заманаялъул чвахиялъ лъалъан рухӏ речӏчӏарал гӏадамаздаса рикӏкӏад чӏезе, хӏасилал кинал кканиги, ритӏухъаб нух кквезе. Бикъуларев. Босуларев. Ритӏухъав. Гьел рагӏаби абулаан Мухӏу Гӏалиевасул цӏаралда цадахъ гьев лъалезги лъаларезги, гьев къабуллъулезги къабуллъуларезги. Къабуллъулез – чӏухӏигун, къабуллъуларез – цо гӏажаибаб разилъи гьечӏолъигун. Гьел хасиятазе ритӏухъавлъун хутӏана Мухӏу Гьиматович Гъоркьа Гьаквариб школалъул учительлъун хӏалтӏизе лъугьараб тӏоцебесеб къоялдаса байбихьун, Дагъистаналъул президентлъиялъул хӏалтӏул ахирисеб къоялде щвезегӏан.