Нухазул къурбаназул пашманаб сияхӏ

Авариял гӏемерлъулел руго къо бахъанагӏан. Машина цоцалъ тункичӏебниги, чиясе къварилъи ккечӏебги къо гьечӏо республикаялда. Цохӏо гьаб араб анкьалда жаниб ичӏго чи хун, 35-яв лъукъун больницаялде ккун вуго.

Ракӏгъанцӏизабулеб авария ккана 25 июлалъул кватӏараб сардилъ Хасавюрт районалда. 46 сон барав чияс бачунеб машина, нухлул гӏорхъиги хвезабун дандречӏчӏана 25 барав чияс бачунеб цогидаб машинаялда. Амма иш гьелда къокълъичӏо, гьевго талихӏкъос речӏчӏана аскӏосан унеб букӏараб цоги автомобилалда. Гӏайиб ккарав 46 сон баравги, гьесда цадахъ вукӏаравги, гьел речӏчӏараб машина бачунев 25 сон баравги гьесулго гьалмагъги лъабабилеб машинаялда жанив вукӏарав чиги гьеб бакӏалдаго хвана. Жеги щугоги чи захӏматаб хӏалалда больницаялде хъамуна. Щуго жаназа. Щуго захӏматго лъукъарал…

Цересел къояздаги, цо мехтарас машинаялъ мерхьун рехана къватӏал лъухьулей йикӏарай цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадан. Гьей гъаримги бакӏалдаго хвана. Гьанже гьев чӏухӏухъан 12 моцӏалъ туснахъ гьавун вуго суд гьабулеб къо щвезегӏан.

Мехтарал гӏоркьилаз гӏумруялдаса ратӏа гьаруразул сияхӏ гьитӏинаб гьечӏо. Исана маялда «цӏани магӏарде рахарав» цо лотияс бачунеб машина речӏчӏана цогиялда. Гьеб бакӏалдаго хвана гьелъул шоферги мехтарасул машинаялда жанир рукӏарал кӏигоялги. Гьанже гьев судалда цеве эхетизе вуго.

Гьединго 27 июлалда Сергохъала районалда «Утамыш-Кичи- Гамри» шагьарнухда ккараб автоавариялда хвана цо чи. 32 сон барав гӏолохъанчиясухъа машина речӏчӏана 60 сонил ригьалда вугев чиясда, гьев гьеб бакӏалдаго къадаралде щвана.

Араб гьатӏан къоялъ, Гъаякент районалда ккараб ДТПялдаги гӏумруялдаса ватӏалъана цо ва лъукъана лъабго чи.

Лъагӏалил байбихьудаса жакъа къоялде щвезегӏан республикаялда ккун буго 625-ялдасаги цӏикӏкӏун ДТП, 140-ялдаса цӏикӏкӏун чи хун вуго, лъукъун больницаялде ккаразул къадар бахана 850-ялде.

Рулалда нахъа ругел гӏолохъаби гьаглъун руго. Гӏарцуца ратаниги, чӏухӏиялъ батаниги, гӏаракъиялъ ратаниги. Гьединаб сурат нужедаги щибаб къоялъ гӏадин бихьулеб батила. Цӏорода кьурди гьабулей ясалъ гӏадин, чӏараб бакӏалда жиндаго тӏад сверизабула машина, квешал гьаркьалги рахъинарун, хӏуртӏа босизе сверухълъиги гьабун. Живгоги вукӏуна хъала бахъизе щвараб гӏадин вохун. Цо цӏекӏал, гӏадан жойиде гьавуларел гьаркьалги рахъинарула.

Квешаб гьаракьги бахъинабун кутакаб хелъиялда хъамун уна машина федералиял шагьранухдасан. Гьуридул хехлъиялда уна хъамун, кире гьел гӏедегӏулел, кида гьеб ццулъараб уммат кантӏулеб?

РФялъул нухазда хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул хъулухъалъул республикаялда бугеб бутӏаялъул нухмалъулев Александр Шалагин, араб соналъ кӏиго нухалъниги дандчӏвана Динияб идараялъул вакилзабигун. Нухазда гъалмагъир гьабулел гӏолохъабазде вагӏза-насихӏаталъул хабар бицун гьел кантӏизареян гьаригун. Муфти Ахӏмад-хӏажи афандиясги (къ.с), доб соналъ муфтияталъул председательлъун Гӏабдула-хӏажи Салимовасги абун букӏана доб мехалъ, мажгитазда имамзабазги, гьединго нижецаги гьеб тема гьоркьоб къотӏизе толарин, гьелдаса хадубги вагӏза-насихӏаталъул калам цӏикӏкӏинабизе бугин.

Амма насихӏаталъухъ гӏинтӏамулеб гӏелищха бугеб рулазда нахъа.