24-абилеб июлалда Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалда данделъун рукӏана магӏарул шагӏирзабиги, хъвадарухъабиги, республикалъулаб «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабиги. Гьенив гӏахьаллъана магӏарулазул Миллияб автономиялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовги. Дандеруссиналъул аслияб мурад букӏана цадахъ рекъон рахьдал мацӏ ва адабият цебетӏеялъе гьабулеб хӏалтӏулъ жигарчилъи бихьизаби.
Данделъи рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас. Гьес шагӏирзабигун хъвадарухъабазе ва журналистазе гьарана магӏарул газеталъул гӏаммаб ишалъе гьабулеб хӏултӏуе цебетӏейги икъбалги.
— Жакъа нилъ данделъиялъе буго цо гӏилла — магӏарул мацӏги, адабиятги, маданиятги цӏунизе гьабулеб хӏалтӏи дагьалъги чӏаго гьабизе ккеялъул бицине. Гьеб гьанжелъизегӏанги гьабуна нилъеца. Гьанжеялдаса нахъеги хӏаракат бахъизе ккола.
Жакъа цӏакъго гӏемерлъун руго чӏобогоял кучӏдузул цӏурал щибго кунчӏи гъорлъ гьечӏел ва хӏатта магӏарул махӏцин жидедаса чӏваларел тӏахьал. Гъалатӏазул бицинего бицинарин. Гьел ритӏизаризе кьолелго ратиларо. Жалго бетӏергьанал басмаханабазеги ургъел щибха, тӏахьазда гъалатӏал ругониги, гьечӏониги. Гьединал тӏахьалги тӏахьазда ругел кучӏдузги кинаб бугониги тарбия кьоларо гӏун бачӏунеб бугеб гӏелалъе.
Гьединлъидал лъикӏаб букӏинаан, газеталъул гьурмазда цӏалдолезда ратизе классиказулги жакъасел унго-унгоял шагӏирзаби-хъвадарухъабазулги асарал. Гьел дагьал гьечӏо нилъер. Биччанте гӏолилазда лъазе ва бихьизе магӏарул адабияталъул бечелъиялъулги гучалъулги кьалбал гъваридал рукӏин, — ан абуна гьес.
Газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Гӏумахан Гӏумахановасги бицана газеталъ гьабулеб бугеб хӏалтӏулги гьелда цере чӏарал кӏвар бугел масъалабазулги хӏакъалъулъ.
— Газеталъул аслияв цӏалдолев вуго магӏарул росулъ. Нижер бухьен кидаго букӏана росабазулгун ва гӏадамазулгун. Бокьун буго гьеб дагьабги щула гьабизе. Гьеб мурадалъе гӏоло цо-цо магӏарул районазда тун руго газеталъул хасал мухбирзаби. Гьезул чӏагояб хӏалтӏул кумекалдалъун ракӏалда буго бухьен дагьабги щула гьабизе. Магӏарухълъидалха бугеб миллияб маданияталъулги, адабияталъулги, мацӏалъулги гъансито.
Гьединго газеталъ кӏвар кьолеб буго жидерго хасал мацӏал ругел магӏарул районазул фольклоралдеги. Гьеб бахъулеб буго газеталда.
Газеталда цӏияб жолъун ккола шагӏирзаби-юбиляразул ва классиказул асаразе микь-микь ва ункъ-ункъ гьумер кьейги. Гьелъ кумек гьабизе буго магӏарул мацӏалъул учительзабазеги, — ян кӏалъана Гӏ. Гӏумаханов.
Газеталъ гьабулеб бугеб хӏалтӏул бицана газеталъул лъай кьеялъул отделалъул редактор Кавсарат Сулеймановалъги.
— Цебегоялдаса нахъе газеталъ тӏоритӏулел руго цӏалдохъабазда гьоркьор батӏи-батӏиял темабазда конкурсал. Исана, масала, тӏобитӏана «Рагъул соназул лъимал» абураб конкурс. Гьелъул хӏасилалги гьарулел руго. Гьединал къецаз лъималазул гъира базабула миллияб маданиятги, адабиятги, гӏадатал- гӏамалалги лъазаризе. Конкурсал тӏоритӏизе байбихьараб заманалда, бергьарал цӏалдохъабазе сайгъатал росизе кумек гьабулаан районазул бутӏруз. Гьедин, кӏиго соналъ сайгъатал росизе кумек гьабун букӏана Хунзахъ районалъ. Лъикӏаб букӏинаан гьеб гӏадат цӏигьабуни, — ян бицана гьелъ.
Гьединго данделъиялда бицана росабазулгун бугеб бухьеналъул хӏакъалъулъги. Масала, газеталъул редакциялде гӏемер рачӏуна росабалъа гӏадамал, рачӏине санагӏалъи ккечӏел кӏалъала. Бицуна жидерго гӏузрабазул. Нижецаги хӏаракат бахъула гьезул щивасул къваригӏел тӏубазе. Щибаб газеталъул цо- цогӏаги гьумералда бицинчӏого толаро магӏарул росабазул бугеб ахӏвал-хӏалалъулги магӏарулазулги. Хъвадарухъабазулги рес буго жидерго асарал журналазда рахъизе, тӏахьал риччазе. Цӏалдолесул гьединаб рес букӏунаро. Гьединлъидал гьев вохула, жиндирго макъала газеталда батани.
Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул магӏарул секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Патахӏовас кӏвар кьуна гьадинаб хӏужаялде. Масала, хъвадарухъаби-классиказул премиязе гӏоло тӏоритӏулел тадбиразда жигараб гӏахьаллъи гьабизе гьезул ракьцоял-районалъул бутӏрузги. Лъикӏаб букӏинаан гьезги, бергьаразе шапакъатал кьолелъулги, гьенибги лъикӏабго гӏахьаллъи гьабизе. Масала, «Хӏакъикъат» газеталъ гьабсагӏаталда лъазабун буго Мухӏамад Шамхаловасул премиялъе конкурс. Щай бегьилареб гьениб гӏахьаллъизе Цӏумада районалъул администрацияги!?
Гьединго Мухӏамадица бицана соналдаса соналде гӏодобе кколеб бугеб подпискаялъул хӏакъалъулъги:
— Нилъеца, магӏарул мацӏалда риччалел «Гьудуллъи» ва «Лачен» журналазги «Хӏакъикъат» газеталъги гьабулеб буго цохӏо хӏалтӏи. Гьеб хӏалтӏул хӏасил ккезе ккани, кидаго цадахъги рукӏине ккола нилъ. Гьединлъидал лъикӏабги букӏинаан, подпискаялъул заманалдаги, тадбирал цадахъ тӏоритӏани. Щай бегьуларел цадахъ гьоболлъухъ рилълъине магӏарул росабалъе, гӏодоблъиялда ругел магӏарулал ругел районазде. Гьеб мехалда рес букӏина подписка цӏикӏкӏинеги, — ян абуна гьес.
Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Къурбанмухӏамад Мухӏамадовасги баркала загьир гьабуна «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабазе.
— Газета кидаго букӏана щибаб магӏарул рокъобе щолеб божараб гьудуллъунги гьоболлъунги. Гьенисан лъалаан магӏарулазда ждерго тарихги маданиятги. Гьеб цӏалулаан гъираялда. Амма ахирал соназ гьеб хъвалезул къадар дагьлъулеб буго. Киналго социалиял гьиназде руссун руго. Бихьулеб буго газеталъулъ лъугьунел ругел лъикӏал хис-басиялги, — абуна гьес.
Данделъиялде рачӏараз цоги нухалда хӏалтӏулъ чӏахӏиял хӏасилалги бергьенлъабиги гьарана газеталъул хӏалтӏухъабазе.