Вуз лъугӏарал студентазе дипломал кьеялъул гӏадатияб гуреб къагӏида тӏаса бищун буго ДГУялъул экологиялъул (Институт Экологии и Устойчивого Развития) факультеталъ.

Арал гӏодоркъояз студентал ракӏарун рукӏана Махӏачхъалаялда тӏаде балагьараб Таргъуялда гъоркье. «Хъиргъу» тукадаса рикӏкӏад гьечӏого, магӏардехун унеб рацӏцӏалъиялда рищни-къулги бакӏарана гьез. Гьезие хӏалае рахъине гьенире рачӏун рукӏана Махӏачхъалаялъул бесдал лъималазул рокъоса лъималги.

Нараттюбеялъул габурлъийин абулеб бакӏ ккола гьеб. Багӏараб Тӏехьалде росарал къанагӏатал тӏегь- хергун рухӏчӏаголъиги бугин гьенибилан бицана факультеталъул мугӏалимзабаз.

Палхӏасил, гьениб батараб рищни- къулги бакӏарун, дипломалги кьун хадуб гӏуцӏана тепсиги.

Гьенире гьоболлъухъе ахӏун рукӏана Олимпиялъул хӏаязул чемпион Хӏайдарбег Хӏайдарбеговги «Лезгинка» ансамблялъул директор Жамбулат Мухӏамадовги.

Жибго экологиялъул факультеталъул хӏалтӏуда хурхун, гьелъул декан Гӏалимурад Хӏажиевас «Хӏакъикъаталъе» бицана гьанже факультеталъул къимат борхулеб бугилан.

— Масала, коронавирусалдаса хадуб бичӏчӏулеб буго тӏабигӏаталда лъугьунел хаслъабазе къимат кьолел вирусологалги, экологалги, гьезда релълъаралги хӏажат рукӏин.

Амма вузазде лъугьунелъул географиялъул предмет тӏадаблъун гьабун гьечӏолъиялъ, ЕГЭ кьолезги гьеб предмет тӏаса бищулеб гьечӏо. Гьединлъидал цӏакъго дагьал гурони гьечӏо экологиялъул факультеталде лъугьунел гӏолилал.

Гьедин, тӏолабго республикаялдаго ЕГЭялда географиялъул экзамен тӏаса бищун буго 23 цӏалдохъанас. Амма гьезул 16-17-ясда гурони кӏвечӏо гьеб букӏине кколедухъ кьезе.

Нилъ рукӏуна нилъее ватӏан, Дагъистан бокьизе кколилан бицунел. Школаздагицин географиялде гьедин хашаб бербалагьи батани, кин нилъеца гӏун бачӏунеб гӏелалда нилъерго ракь бокьизабилеб? Нижеца школлъималазда гьоркьоб (9-11 классал) анкетирование тӏобитӏун букӏана. Гьезул жавабазда рекъон, нилъер гьанир рагӏула хъахӏал циялги, жирафалги, гьединалго цогидал хӏайваналги.

Гьездаги гӏайиб щиб, школазда географиялда тӏасан хӏучч цӏалеб бугони? Ихтияр щун букӏунилан, директорзабаз жидеего бокьарал предметазул сагӏтал дагьлъизарулел руго, — ян бицана Гӏ. Хӏажиевас.

Гьезул факультеталдаса къватӏире риччарал гӏолилал хӏалтӏулел руго Тӏабигӏиял бечелъабазул министерствоялда, Росприроднадзоралда. Хасго гьанже ракьазул суал хӏалуцун бугеб мехалдаги къваригӏунел руго экологиялъул специалистал (кадастралъул багьа-къадар чӏезабиялъе, картография гӏуцӏиялъе).

Туризм цебетӏезабизе кколин абураб суал цебе лъун буго республикаялда. Гьелъиеги махщелчагӏи хӏажалъула (масала, маршрутал чӏезаризе).

Гьединго, деканас бицухъе, гӏелмиял хӏалтӏаби цадахъ гьаризе Россиялдаса махщелцоялги рачӏунел руго гьезухъе. Масала, гьабсагӏаталда Хъумторхъала районалда руго Новосибирскиялдаса, Томскиялдаса рачӏарал экологал. Гьез цӏех-рех гьабулеб буго тӏабигӏаталда вирусал, гӏункӏкӏал кин тӏиритӏулелали.

Амма, кин букӏаниги, школазда 23 цӏалдохъанас гурони география кьолареб мехалда, жидее захӏмалъулеб бугин хӏалтӏи гӏуцӏизеян абуна Гӏалимурад Хӏажиевас. Курс гӏезе ккани, 60 чи восизе ккола цӏализе.