ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Анатолий Карибовас тӏобитӏараб Эпидемиязде данде къеркьолеб комиссиялъул данделъиялда бицана чехь-бакьазул рахунел унтабазул хӏакъалъулъ.
Роспотребнадзоралъул регионалияб хъулухъалъулги ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъулги баяназда рекъон, 2020 соналъул анлъго моцӏида жаниб бакьазул рахунел унтабаз унтана гӏадамазул 13,3 %. Цебесеб соналде дандеккун, гьел унтабазул къадар дагьлъана 52,3 проценталъ.
Унтарал дагьлъиялъе гӏиллалъун махщелчагӏаз рехсолеб буго коронавирусалде дандечӏеялъул мурадалда гӏуцӏарал тадбирал. Амма, Потребителазул ихтиярал цӏуниялъул ва инсанасул сахаватаб гӏумру гӏуцӏиялъул рахъалъ Федералияб хъулухъалъул ДРялда бугеб Управлениялъул нухмалъулев Николай Павловасул баяназда рекъон, буго бакьазул рахунел унтабазул ахӏвал-хӏал хӏалуцараб 14 муниципалитет. Гьезда гьоркьор рехсана Гъизляр, Хасавюрт, Махӏачхъала шагьарал ва Хъумторхъала, Тарумовка, Карабудахкент, Каякент районал. Гӏемерисел бакӏазда гӏиллалъун ккола лъикӏаб даражаялъул гьекъолеб лъим гьечӏолъи ва ралъдал рагӏаллъабаздагун пляжазда чороклъи букӏин.
Унтарал гӏадамазда гьоркьоса бищун гӏемер руго 17 сон бачӏел лъимал (75,6№), гьезда гьоркьосаги 49% ккола кӏиго лъагӏел бачӏел лъимал. «Флекснерил шигеллаялъ (унти ккезабулеб бактерия – ред.) дизентерия ккезабурал гӏадамазул къадар бахана 76,1 проценталде. Гьелъ нугӏлъи гьабула унти лъедасан бахунеб букӏиналъе. Хӏажат буго рогӏразухъан чвахулеб лъел халгьабизе, хасго унтарал гӏемер ругел бакӏазда», — ян бицана Н. Павловас.
Эпидемиялъул цӏех-рех гьабулаго загьирлъана: исана июлалъул къого къоялда жаниб унти бахиналъе гӏиллабазул 16 процент ккола ралъдал ва рукъзабахъе бачараб гьекъолеб лъим. Май моцӏалда букӏана 7,2%. Дербент, Гъизляр, Буйнакск, Избербаш ва Каспийск шагьаразул гӏадамазул рукъзабахъе лъим бачӏуна радал-бакъанида, ай пулунал сагӏтазул заманалда. Гьелъги цӏикӏкӏинабула лъим чороклъиялъул ва гьелдалъун бакьазул унти ккезабиялъул хӏинкъи.
ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул ишал тӏуралей Татьяна Беляевалъ абуна Хасавюрт ва Гъизляр шагьарал ругин бакьазул унтаби рахиналъул рахъалъ цебесеб кьерда.
Гьенибги аслияб гӏилла буго чорокаб лъим хӏалтӏизаби. Камуларо кванил нигӏматал цӏуниялъулъ хашлъи теялдалъун унтиялъул хӏужабиги.
Ралъдал лъим чороклъиялъе гӏиллаги рехсана данделъиялда: канализациялъул ва цӏадал ралеб заманалда къватӏаздаса чвахулел лъаразул лъим гъорлъе бачӏин.
Лъел инфраструктура къачӏаялъул рахъалъ гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана ДРялъул Бакӏал раялъулгун ЖКХялъул министерствоялъул управлениялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Супигӏумар Аслановас. Гьесул баяназда рекъон, республикаялъул инвестициязулаб программаялда рекъон, ункъо млрд гъурщихъ базе буго 102 лъел объект. Гьедигӏанасебго гӏарац бачӏине буго «Бацӏцӏадаб лъим» абураб федералияб программаялда рекъонги (гьеб проекталъе бихьизабун буго анлъго лъагӏел). 61 объект балеб буго исана, лъагӏалил ахиралде хӏалтӏизе байбихьизе ккола 29 объект. Республикаялъул нухмалъиялъул берзукь буго Дербенталдаги, Махӏачхъалаялдаги, Каспийскалдаги ралел ругел лъим бацӏцӏад гьабиялъул объектал.