Машгьурав министр телеэкраназде тӏадвуссине вуго

2009 соналъул июналда, террористазул квердаса гӏумруялдаса ватӏалъарав, Республикаялъул Жанисел ишазул министрлъун вукӏарав Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьировасул хӏакъалъулъ кино бахъизе буго кватӏичӏого. Гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб букӏана гьал къоязда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тӏобитӏараб пресс—конференциялда. Москваялъул Горькиясул цӏаралда бугеб киностудиялъги, «Дагъистан» кинокомпаниялъги цоцалъ рекъон гьабулеб буго кинабго хӏалтӏи.

Фильмалъе сценарий хъвазе буго Дмитрий Резаевас. 2021 соналде киналго кинотеатразда бихьизе рес буго гьеб кино. Гьелъул режисер ккола Александр Щурихин. 25 соналъ цевеги щун вукӏун вуго гьев нилъер республикаялде, «Талисман Любви» абураб кино бахъулеб мехалъ. Гӏадилгерейил бихьинчиясулаб хасияталъги, гӏумруялда жаниб гьес живго кинав чи вукӏаравали вихьизавиялъги цӏакъ асар гьабун бугоан гьесие.

«Гӏадилгерей гӏадал бахӏарчиял, бергьараб хасияталъул гӏадамал гӏемерал рукӏунел ратиларо. Нижеца гӏемерав чиясда цӏех-рех гьабуна ва жеги гьабизеги буго киноялда жаниб гьесул образ рагӏа-ракьанде щун кьезе. Гьесул гӏага-божараз, цадахъ хъулухъ гьабулел рукӏараз, гьудул гьалмагъзабаз гӏемераб цӏияб, цебеккун нижеда гьесул хӏакъалъулъ рагӏун букӏинчӏеб чанги жо бицана. Узухъда нижеца гьеб кинабго киноялда жаниб лъела», — ян бицана Александр Щурихиница.

Сценарий хъвалаго жиндие аслияблъун бугин, гӏадан хӏисабалда кинав чи вукӏаравали бихьизабиян бицана пресс-конференциялда Дмитрий Резаевас.

«Блокбастер тайпаялъул фильмалда букӏунебщинаб жо гьенибги букӏине буго: вертолеталги, бронетехникаги, ОМОНги. Гьеб кинабго бихьизабизе буго гӏадатияб къагӏидаялъ, техникаялъул букӏине кколеб даражаялда рекъон. Амма дие аслияблъун буго Гӏадилгерей гьеб киноялда министр яги Россиялъул бахӏарчилъун гурев, инсан хӏисабалда кинав чи вукӏаравали бихьизаби. Телевизоралда щив вукӏаниги вихьизавулелъул, гьесул жанисеб тӏабигӏатги хасиятги добе нахъегӏан ккун батула. Амма Гӏадилгерей, киназго бицунеб гьесул кутакалда бахӏарчияб, хӏинкъи-къай лъалареб хасияталъухъ балагьичӏого, тӏоцебесеб иргаялда гӏаданлъун вукӏана. Жиндирго жанисеб рухӏияб дунялгун, рекӏел бухӏигун, киназдасаго бахчараб асарги букӏана гьесул, бокьарав чӏагояв чиясулго гӏадин. Гьеб кинабго рагьизе бокьун буго дие киноялда жаниб», — илан бицана сценаристас пресс-конференциялда.

«Ввысь» абураб кинокомпаниялъул генералияв директор Рушта Руштовасги абуна гьеб букӏине бугин цохӏо Дагъистаналдаги Россиялдаги гуребги, дунялалъул даражаялда бахъараб блокбастералъулаб фильмилан.

Москваялъул Горькиясул цӏаралда бугеб киностудиялъул цоялдаса цоял лъикӏал махщелчагӏиги гӏахьаллъун, лъикӏаб фильм бахъизе ракӏалда бугин жидедаян бицана, «Дагъистан» кинокомпаниялъул вакил Мухӏамад Гӏабдулкъадировас.

«Кӏиго сагӏаталъул халалъиги бугеб хронометражалъулаб кино букӏине буго гьеб. Узухъда Гӏадилгерей гӏадав чиясул хӏакъалулъ кӏиго сагӏаталда жаниб бицун лъугӏуларо, гьесул гӏумруялъул ахираб лъабго-ункъо соналда ккараб лъугьа-бахъинал рачине руго гьелъ жанире.

-Гьев кин къадаралде щваравали бицине бугищ гьениб?

«Буго. Бидулаз къорги гъун гьев гӏумруялдаса ватӏа гьавураб куцалъ саламатаб бакӏ кквезе буго киноялъул ахиралда. Гьединго гьев гӏахьаллъарал терроралъул актал ккарал бакӏазул, гьев хӏалтӏулев вукӏараб куцалъул бицине буго сюжеталда аслияб къагӏидаялъ.

Гьабсагӏаталда ниж хӏалтӏулел руго сценариялда тӏад. Цохӏо Россиялдаса гуребги, къватӏисел пачалихъаздаса актеразги гӏахьаллъи гьабизе рес буго гьениб».

-Жиндир хӏакъалъулъ художествияб фильм бахъиялъе хас гьабун Гӏадилгерей тӏасавищиялъе гӏилла кинаб ккараб?

«Имам Шамиль. Ахульго» абураб фильм къватӏибе бачӏун хадуб, гӏемерал заявкаби рукӏана нижехъе рачӏунел. Гӏемерал халкъазе бокьун буго жидерго миллияв бахӏарчилъун вахъарав чиясул хӏакъалъулъ гьединаб кино бахъизе. Хӏатта жидерго чиясда цӏар чӏвалеб букӏана Чачаназул, Ингушетиялъул гӏадамазги. Амма нижеца тӏаса вищана Гӏадилгерей. Гьелъие гьев мустахӏикъав вукӏун».