ДРялъул премьер—министр Артем Здуновас тӏобитӏана видеоконференциялда бицана 2020—2021 цӏалул соналде хӏадурлъиялъул хӏакъалъулъ.
Аслияб кӏалъай гьабуна ДРялъул лъай кьеялъул министр Уммупазил Гӏумаровалъ. «Дагъистаналда цӏалул соналде хӏадурлъулеб буго лъай кьеялъул 2440 идара. Щибалъ хӏадурулеб буго цӏалул соналде хӏадурлъиялъул хӏакъалъулъ акт. Гьелда бан федералияб базаялда хъвалел руго киналго баянал. 17 августалде киналго школазул халгьабун бахъинабизе буго. Цо-цо муниципалитетазда руго Роспотребнадзоралъул тӏалабал тӏуразаризе бажарунгутӏиялъул рахъалъ масъалаби», — ян бицана гьелъ. Масъалаби тӏурачӏел муниципалитетазда гьоркьор министралъ рехсана Болъихъ, Хунзахъ, Гъарабудагъкент, Гумбет ва Лъаратӏа районал.
Бицана цӏиял объектал рагьиялъул хӏакъалъулъги. Каспийскалда рагьулеб буго 280 лъимадуе бакӏ бугеб лъималазул ах, рагьулеб буго 2294 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб ичӏго школаги. Гьелде тӏадеги, исана жеги рагьизе буго 9074 бакӏ бугеб 33 школаги 58 лъималазул ахги.
У. Гӏумаровалъ хасаб кӏвар буссинабуна коронавирусалъул заманалда школазулгун лъималазул ахазул хӏалтӏул хаслъиялдеги. 20 августалда букӏине буго республикаялъул учительзабазул Августалъулаб данделъи ва гьениб жеги мухӏканго бицине буго лъай кьеялъул масъалабазул хӏакъалъулъин абуна министралъ.
1-4 классазул цӏалдохъаби кваназаризе руго школалдаго. Гьелде биччан буго 629 миллионгун 600 азарго гъурущ. Амма гӏемер масъалаби руго богорукъал гӏуцӏиялъул рахъалъин бицана У. Гӏумаровалъ.
Байбихьул школалъул цӏалдохъаби кваназариялъулги эпидемиялде данде къеркьеялъул мурадалда гьарулел тадбиразулги хӏакъалъулъ бицана Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев Николай Павловас. Гьесул баяназда рекъон, киналниги школазда гьоркьоса санитариял нормаби цӏунун руго 604 школалда ва 121 школалда гьечӏо богорукъ; 483 школалъул богорукъ буго, амма гьел рекъонкколаро чӏезарурал тӏалабазде. «624 школалъул богорокъор 1-4 классазул цӏалдохъаби кваназаризе хӏажалъула 70 азарго гӏодор чӏолеб бакӏ, нилъерин абуни, буго 58 азарго. Цӏалдохъабазул гӏаммаб къадар бахуна 198 азаргоялде. Хӏисабалде босизе ккола цоги хӏужа: лъимал кваназаризе ккола тӏоцебесеб лъабго переменаялъул заманалда. Руго цогидал масъалабиги», — ян бицана Н. Павловас.
Тахшагьаралъул школазда бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицана Махӏачхъалаялъул мэр Салман Дадаевас: «Цо-цо школазда жеги хутӏун руго гӏунгутӏаби. Гьезул цоги нухалда халгьабизе ахӏизе руго Роспотребнадзоралъул хӏалтӏухъаби. №№10, 49 ва 41 школазул администрациязе гьарун руго кьварарал бадирчӏваял – гьабсагӏаталда гӏунгутӏаби тӏагӏинариялъе хӏаракат гьабулеб буго гьенибги», — ян.
Данделъиялъул ахиралда Артем Здуновас лъазабуна санитариял нормабазда рекъон цӏали гӏуцӏизе хӏажатал алатал – маскаби, квердаххелал, кверазде речӏчӏизабулел спреял ва гь.ц. – чӏезариялъе ресал ратиялда тӏад ургъизе кколин абун.