Цӏалуда, хӏалтӏуда, рокъоб, къватӏиб ва цогидалги бакӏазда бокьарав чияс, гӏилла букӏа—букӏунге, рекӏелъ рекъолареб рагӏиги абун, къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тӏехьалъул автор ал—Къараница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракӏ бекизе биччагейила ва дуда лъайила гьес абураб рагӏиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабураблъи.
Щиб жоха кколеб талихӏ? Гьеб суалалъе щивав чияс кьела жиндирго гӏакълу—лъаялда борцун, пикруялда рекъезабун жаваб. Амма хӏакъаб жо буго Аллагьасде бугеб божиялда ва ракьалда бекьараб лъикӏлъиялда жаниб букӏин талихӏалъул кӏул. Гьеб кӏуладаса битӏун пайда босарасда жакъа дунялалдаги метер ахираталдаги хвасарлъиги батила. Бетӏергьанасукьа хӏинкъиялъулъ жидеда талихӏ бихьулелги руго, хӏакъикъаталдаги жидер ракӏазда нур барал, абадияб рукъалъе гӏоло дунялалъул чӏаголъиялдаса пайда босизе лъарал гӏадамал.
Аллагьасукьа кин хӏинкъилел абун ибну Масгӏудида цӏехедал, гьес абун буго: «Аллагьасе мутӏигӏлъун, ай Гьесие хилиплъичӏого. Нигӏматазе шукру гьабун, ай гьезде капурлъичӏого. Аллагь рехсон, ай Гьев кӏоченчӏого», —ян. Гьединго гьес абулеб букӏун буго: «Аллагьасукьа хӏинкъиялъ инсан хвасар гьавула захӏмалъи—къварилъабаздаса, ризкъиялъул рагьабиги гьесие рагьула ракӏалдаго гьечӏеб рахъалдасан», —абун.
Аллагьасукьа хӏинкъи ккола жинда хадуб гӏодобегӏанлъи гьечӏеб тӏадегӏанлъи. Муъминчиясда тӏадаб буго жив вижарав Халикъасукьа нечезеги, хӏинкъизеги, хӏарамалдаса рикӏкӏалъизеги. Хӏарамалдаса рикӏкӏалъарав Аллагьас хӏалалаб кьун бечедги талихӏги гьавула. Дагьаб хӏалалаб лъикӏабги бугелъулха, Бетӏергьанасдаса машгъул гьабулеб, гӏемералдаса.
Талихӏалъул дарманал
Талихӏалъул кӏул дурго кверщаликье ккезе бокьун батани, тӏалаб гьабе пайдаяб гӏелму, гӏемер цӏалдей ва дур рекӏелъ рукӏун ккун букӏараб пашманлъиялъ мун рехун тела. Гӏелмуги лъайги буго къимат гьабун бажарулареб бечелъи. Жагьиллъиялдаса кӏудияб язихълъиги, хъаркӏаслъиги, бецӏлъиги гьечӏо. Гӏелму ккола канлъи, лъавукълъи — бецӏлъи. Лъайги тӏалаб гьабизе ккола кӏиябго рукъалъе хӏажатаб. Цохӏого-цо динияб гӏелмуги лъазабун чӏани, дунявияб магӏишат нахъе ккелин абулелги камуларо. Гьединазда бичӏчӏизелъунги батила, Хӏасанул Басрияс абун буго: «Дица Къуръаналда, 90 бакӏалда, цӏалана Аллагь жиндир махлукъаталъе ризкъи кьезе гъоркье чӏарав вугин абун. Цо бакӏалда батана шайтӏаналъ хӏинкъи кьолеб бугин нужее нуж мискинлъулин абунги. Нилъ щаклъулел руго Садикъасул, ай битӏараб бицунев Аллагьасул 90 нухалъ абураб рагӏиялда, цо нухалъ нилъер тушманалъ абуралдаги божун», — ян.
Гӏелму лъазабиги лъай тӏалаб гьабиги буго щивав бусурбанчиясда тӏадаб борч. Гӏелму бугелъулха нилъ канлъуде рачунеб нух, жагьиллъиялъин абуни, рачуна бецӏлъуде. Бусурбаби кидаго рукӏана церетӏурал, лъай бугел, гӏелмуялда тӏадчӏараллъун. Амма гьаб заманалдайин абуни, ай бусурбабаздехун рокьукълъи загьир гьабулезул гьаракь борхалъараб мехалда, цо- цо «гӏалимзабаз» хӏаракат бахъула исламалъул нух ккурал лъавукъал ва щибго жо бажаруларел чагӏи рукӏараблъи ва ругеблъи бихьизабизе. Хӏакъикъатин абуни тӏубанго гӏаксияб букӏин, гьайгьай, хӏакъаб буго ва гьеб гьедин бугеблъи бусурбаби рихараздаги лъала. Амма лъаниги, гьезул мурад батӏияб бугелъул, гьединаз хӏаракат бахъула хъахӏаб чӏегӏераблъун бихьизабизе.
Тавбуялъулъ – талихӏ
Талихӏавлъун вукӏине бокьани, тӏадчӏей гьабе тавбуялда, гӏасилъуге Аллагьасде. Аллагь лъаларезул гӏумру-яшав букӏуна, тӏад берцинаб хъал бугин кканиги, жаниса турараб ва махӏцараб. Тӏадегӏанав Аллагьас нилъее рахӏматлъун кьуразул цояб ккола тавбу. Тавбуялде хӏажалъуларев чиги вукӏунаро. Нилъ киналго гьитӏинабниги кӏудиябниги мунагьазукье ккола, аварагзабиги малаикзабиги гурого мунагьаздаса цӏунаралги гьечӏо. Щиб бугониги гьабилалде, тавбу гьабун черх къачӏазе ккола, хӏалтӏи гьабилалде, алат хӏадур гьабулебго гӏадин. Тавбу гьабун черх къачӏачӏони, гьабураб гӏамалалъул пайда кколаро. Тавбуги гьабичӏого, мунагьаз цӏураб хъубаб черх Аллагьасда цебеги чӏун, щиб бугониги жо гьаризеги нечезе ккеларищ? Тавбу къабуллъизе ккани, чара гьечӏого лъабго жоги къваригӏуна: гьарун арал мунагьаздаса пашманлъи, тӏокӏалъ гьел мунагьазде вуссунгутӏи, мунагь гьабичӏого тезеян къасд гьаби. Къуръаналда абулеб буго (магӏна): «Нужеца Аллагьасе тавбу гьабе, нужеего талихӏ щвезе», — абун.
Талихӏавлъун вукӏине бокьани, гӏемер цӏале Къуръан, пикру гьабе гьениб хъван бугелъул, ракӏги мацӏги машгъул гьабе Аллагь рехсеялда тӏад. Къуръан ккола нилъее битӏараб нух бихьизабулеб нур. Гьелда нахъвилълъарав гӏададаги холаро. Анас асхӏабасдаса бачӏараб хӏадисалда буго: «Хӏакълъунго, жинда жаниб Къуръан цӏалулеб рокъоре малаикзаби рачӏуна, шайтӏаби рикӏкӏалъула, лъикӏлъи гӏемерлъула, квешлъи дагьлъула, агьлу-хъизамалде гӏатӏилъи, бечелъи рещтӏуна», — абун. Дарукъутӏнияс бицараб цогидаб хӏадисалда буго: «Нужеца Къуръан гӏемер цӏале нужерго рокъоб. Къуръан цӏалулареб рокъоб лъикӏлъи дагьлъула, квешлъи гӏемерлъула, мискинлъи тӏаде бачӏуна», — ян.
Сон, жакъа ва метер
Къасимех щвезегӏан чӏаго хутӏун ватани, ракӏчӏун вукӏунге радаллъагӏанги чӏаго хутӏизе ватиялда. Радалги чӏаго ватани, божуге къасиялдехунги гьебго хӏалалда вукӏине бегьулеблъиялда. Мун гӏумру гьабун вуго жакъа, ай гьабсагӏат. Араб нахъбуссунаро, букӏинесеб кинаб букӏинебали лъаларо. Гьединлъидал къимат гьабе жакъасеб къоялъул. Гӏумру гьабе, жакъа дунялалде виччарав ва жакъаго ахираталдеги ине вугев чияс гӏадин. Гьабулебщинабги гьабе, ахирисеб нухалъ гьабулеб бугеб гӏадин. Как базе лъугьиндал, гьеб ахирисеб букӏин лъалеб бугони, киндай инсанас гьеб базе букӏараб? Гьайгьай, тӏокӏаб гьечӏебгӏан цӏакъ Аллагьасе мутӏигӏлъун, хӏинкъун, чвахулаго магӏугун. Щайха гьедин баларого бугеб щибаб как, хӏакъикъаталдаги гьеб бан лъугӏизегӏанцин, чӏаго хутӏизе ругищали нилъеда лъаларелъул.
Лъикӏаб хӏалтӏи-иш гьабулелъулги, гьеб гьабизе ккола, ахирисеб нухалъ гьабулеб бугеб гӏадин. Аралъул пикру гьабун ракӏ къварилъизе биччаге, кигӏан къварилъахъданиги, гьеб буго нахъбуссунареб гӏумру. Хӏинкъунги вукӏунге бачӏине- бачӏинареб лъалареб букӏинеселдаса. Жакъаго гьабе гьабизе кӏолебщинаб, рес бугебщинаб. Метералде тӏамун тезе ккани, мун метерлъагӏан чӏаго хутӏиялда ракӏчӏунищ вугев? Щибаб лахӏзат хӏалтӏизабе жакъасеб къо гӏадада инчӏого букӏиналъе, гьабизе рес букӏараб лъикӏлъи метер гьабизе щвечӏого хутӏизеги бегьулин. Жакъа бугелдаса разиго вукӏа, дуда лъаларелъулха дургоги духъ кодоб бугеб боцӏулги метер щиб ккелебали. Жакъа талихӏавлъун ватани, мун хӏакъикъаталдаги талихӏав чи вуго. Сон яги церекъад талихӏавлъун вукӏанин ракӏалде кколеб батани ва кигӏан кӏудияб талихӏалъ дуда къвал бан букӏун батаниги, гьеб буго дудаса араб жо. Метерисеб талихӏ балагьулев ватани, гьебги буго гӏададисеб хӏалтӏи. Метерисеб къо я бачӏина я бачӏинаро. Гьединлъидал хӏаркат бахъе жакъаго талихӏавлъун вукӏине. Хӏалтӏе ва диналдаго цадахъ магӏишатги гьабе, дунялалдаги ахираталдаги Аллагь разилъуледухъ.
Чӏобогояб хиял
Цо-цо чагӏи рукӏуна, талихӏ бикьулелъул, жал гьоркьор тун ругин гаргадилел. Гьоркьов щивго тун вукӏунаро, гӏумруялдехун гьабулеб бербалагьи букӏуна щивасул батӏи- батӏияб. Гьедин хиял гьабиги ккола гьесул жиндирго гӏайиб. Гьелъие гӏайибияллъун цогидал гӏадамал кколаро. Гьебги буго инсанас букӏине кколедухъ гӏумрудул къимат гьабунгутӏи ва гьабизе лъангутӏи. Гьединал чагӏаз гӏемер абула цо пуланаб жо щвани, жидедаса талихӏал чагӏи рукӏинего ратиларилан. Мина бугони, машинаги босани, хӏалтӏиги щвани, машгьурлъиги бачӏани, рикӏкӏине бегьилаха талихӏавлъунин абулелги камуларо. Гьедин пикру гьабулел релълъинаризе бегьула, къечалъги холаго, салул авлахъалдасан унелъул, мираж бихьидал, гьеб лъим бугиланги ккун, гьелда хадув унев сапарчиясда. Гьев уневго-унев вукӏуна миражалда хадув ва ахиралда, иццухъеги щвечӏого, къечон хола. Гьединал чагӏазда бичӏчӏуларо инсанасул анищазе гӏурхъиго букӏунареблъи. Мина базе, босизе анищ бугев мурадалде щвани, гьеб параялъ гьесулъ загьирлъула цогидаб анищ ва гьес живго рикӏкӏуна талихӏалъ рехун таравлъун. Гьедин букӏуна хвезегӏан. Гьединал чагӏазул талихӏкъин буго бугелъул къимат гьабизе лъангутӏиялъулъ. Гьел кидаго пикрабалъ рукӏуна жидерго гьечӏеб жо балагьулел. Гьединазда лъаларо Бетӏергьанас жидее кьуралдаса разиго рукӏине, гьелдаса рохизе, гьелъул къимат гьабизе. Дагьабниги гӏакълу бугев чияс киданиги абизе гьечӏо цо пуланаб жо щвараб мехалда, вукӏине вугин жив талихӏавлъунин. Бугелда разилъи, Бетӏергьанасе рецц гьаби — гьеле талихӏав чиясул хасият. Щукру гьабуни, жеги цӏикӏкӏинабулинги абун бугелъул, Бетӏергьанас цӏикӏкӏинабула ва гьединав чи жеги талихӏавлъунги лъугьуна. Талихӏ буго щивав чиясул рекӏелъ, амма киназдаго гуро гьеб бихьулеб ва кинавго чияс гуро гьеб балагьизе къасдги гьабулеб.