Десантниказул аскар бижараб къолъун рикӏкӏуна 1930 соналъул кӏиабилеб август. Гьеб къоялда Москваялъул рагъулаб округалъул Гьаваялдаса роржунел къуватазул букӏана парашютгун самолеталдаса кӏанцӏулев 12 чи. Гьезул хӏалбихьи пайдаяблъунги рикӏкӏун, пикру ккана ВДВ гӏуцӏизе. Гьезда абулаан «Вася—дацил аскариланги» —гӏемерал соназ ВДВялъул нухмалъулевлъун вукӏана Василий Маргелов.

Гъизилюрталда кӏодо гьабуна ВДВялъул 90-сонилаб байрам. Гьелда гӏахьаллъана Афгъанистаналда рагъулаб борч тӏубазабурал десантникал-ветераналги, шагьаралъул администрациялъул вакилзабиги, гьалбалги. Гьез тӏугьдул лъуна рагъул ветераназул хӏурматалда бараб памятникалда цере.

Афгъанистаналда хъулухъ тӏубалаго хварав Муса Мусаевасул васасе «ВДВялъул 90 сон» абураб медаль кьуна «Афгъанистаналъул ветераназул ва локалиял рагъул гӏахьалчагӏазул Гъизилюрталъул совет» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул председатель Александр Лежненкоца.

Гьенисан автоколонна къокъана «Парнасалдехун». Гьенирги тӏоритӏана байрамалъул тадбирал. Афгъаналъул рагъул гӏахьалчи Хӏасан Ибрагьимовас бицана ВДВялъул тарихалъул хӏакъалъулъ. Насрудин Ибрагьимовас ахӏана «Офицеры» абураб машгьураб кечӏ. ВДВялъул ветераназе кьуна юбилеялъулал медалал.