Махӏачхъалаялда, Ленинил майданалде щварай дир тохлъукьего берречӏчӏана Цӏадаса Хӏамзатие бараб памятникалда хьолбохъ скамейкаялда гӏодор чӏарал харабазда. Гӏемераб мехалда гьезухъ ялагьун, палгъан хутӏана – рагъарулелго гьечӏоан. Дун хӏинкъадго, бигьа гьаюн аскӏое ана. Ва гьале дида цере – Дагъистаналъул халкъиял шагӏирзаби Абутӏалиб Гъапуров ва Сулейман Стальский. Гьезул чӏагоял сипатал рихьидал, магӏугицин бачӏана йохиялъ. Гьал гьоболлухъ рачӏун руго цоги халкъияв шагӏирасухъе – Цӏадаса Хӏамзатихъе. Гьуинго гара-чӏварулел ругел гьезухъ гӏенеккун, хӏайранлъун хутӏана дун. Лъабго гӏакъил, лъабго шагӏир, Дагъистаналъул адабияталъул кӏудияб кваркьидал канал хӏулаби. Гьале дов Расулица «Дир Дагъистаналда» гьоркьоса къотӏичӏого рехсолев Абутӏалиб, Сулейманги вачун, щун вуго Хӏамзатихъе. Гьезда аскӏой гӏодой чӏарай дихъе рачӏунел рукӏана гӏажаибго берцинал пикрабиги. Гьездаго гьоркьоб букӏана гьадинаб суалги – лъицадай гьал шагӏирзабазда кӏиабилеб рухӏ «гъураб?» —илан абураб. Дица цӏех—рех гьабуна. Гьев ватана Россиялъул мустахӏикъав художник, Дагъистаналъул халкъияв художник, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъул лауреат Гӏали Мухӏамадов. Ва нижеца гьев редакциялде ахӏана, Дагъистаналъул маданияталда жинцаго толеб бугеб иргадулаб гвангъараб талихӏаб лъалкӏалъухъе «гьоболлухъ».
Магӏаруллъи! Унго, дур берцинлъи. Доба борхалъуда хъахӏилзодихъ, батӏи-батӏиял накъищалги рахъулаго, церехун роржун унел накӏкӏазухъе цӏаруцӏунел дур мугӏрузда тӏавапги гьабун, цӏидасанги ракьалда рещтӏана Гӏалил анищал. Цӏумазул улкайилан жинда абулеб Цӏумада районалъул Гьигьалъ росулъа гӏолиласул талихӏалъул лъалкӏаз жидерго канлъи кьуна рикӏкӏада Швейцариялдаги. Кунчӏана дунялалдаго машгьурав гугарухъан Гӏали Гӏалиевасул къисматалъул цӏва. ФИЛалъул президент Рафаэль Мартанеттил квербакъиялдалъун, Гӏалил жигарчилъиялдалъун Дагъистаналъул спорталъул тарихалъул тӏамач кунчӏана Лазанни шагьаралда – машгьурав речӏчӏухъан Гӏали Гӏалиевасе рагьараб памятникалъул авторги ккола Гӏали Мухӏамадов. Абизе бегьула Гӏалил цӏваялъги жиндирго масъала тӏубанилан. Гьев ракьалде вачӏунелъул, цадахъ рещтӏараб гьелъги тӏасабищун буго цӏумазул борхалъи. Гьелъул борхалъиялда пахруго ва чӏухӏадго парпалеб буго жакъа гӏагараб ракьалдеги гьитӏинаб ватӏаналдеги бугеб Гӏалил кӏудияб рокьи.
Цо лахӏзаталъги нахъехун регилин Гӏали Мухӏамадовасул гӏумруялъул тӏохьол тӏанчал. Гьанир нилъеда ратила, талихӏалъул куркьбалги гъун, роржине риччарал анищазул рогьелги, магӏарул росдал махӏги, гӏадатиял магӏарулазул яхӏалъул чӏухӏиги, мугӏрул чӏужугӏаданалъул намусалъул борхалъиги. Дагъистаналда бакӏ гӏечӏел магӏаруласул къасдал роржана Чачаналде, Ингушетиялде, Швейцариялде, гьайгьай, гӏагараб росулъ цӏумалъул сипаталда бараб памятникалъул тӏогьиб свериги бахъун. Цӏум – гьеб ккола борхалъиялъулги, тӏадегӏанлъиялъулги, гьелдаго цадахъ гӏадатлъиялъулги гӏаламат. Гьеле гьединаб тӏадегӏанаб буго Гӏалил къисматги. Гьесул къисматалъул бакъуе гӏумру кьолеб буго лъабго аслияб чӏоралъ, гьеб бечӏазе толеб гьечӏо Гӏалил гӏумруялда талихӏалъул накъищаз баарал лъабго хӏасраталъ. Гьеб хӏасраталъулги буго лъабго кечӏ. Щибалъул жиндирго сарин, жиндирго роржен. Гьезда цӏаралги руго Мухӏамад, Шамил ва Тимур. Инсул гӏумруялъул дарсаз кӏудияб дунялалде нухарегӏарал гьел сонги, жакъаги, метерги ва даималъего рукӏине руго гьесул мугъ чӏвалеб кьурулъунги, гьесул гӏумруялъул кьодул щулиял ссакӏаллъунги. Киса-кирего – эменгун цадахъ. Гьезулги хатӏ буго инсул хӏалтӏабазулъ. Гьеле доб мугӏрузда бижараб, гӏодоблъиялда тӏегьараб унго-унгояб тарбиялъул хӏасил. Талихӏалъул мугьру чӏвараб Гӏалилги лъималазулги берккеялда хӏинкъараб къисматалъул лъалкӏазухъ жакъаги гьоболлъухъ йиго дун Гӏалигун цадахъ. Рухӏдаллъулей йиго дун гьесул гӏумруялдаги гьес хадусел гӏелазе толеб бугеб рухӏияб бечелъиялдаги. Гьединаб буго Гӏали Мухӏамадовасул гӏумруялъул чӏвабзаз бачунеб къисматалъул сарин.