Грециялъул философ Сократил руго судиясе, мугӏалимасе ва тохтурасе Бетӏергьанас гьунар кьолин цогидаздаса тӏокӏ гьарун абун. Гьединги батила, медицинаялъул хӏалтӏухъанас кибго цо хасаб, цогидаздаса дагьаб тӏокӏборчӏараб бакӏ ккола. Гӏиллаго гьечӏого букӏинищха гьел махщалилазе дагьалго гӏатӏидал ресалги нухалги кьун ругел, гьел лъидасаго мустахӏикъал руго рецц—бакъалъегун цӏаруе. Гьеб нилъеда иргадулаб нухалъги бихьана, исана сон байбихьаралдаса нахъе коронавирусалде данде лъазабураб рагъулаб фронталъул битӏахъегоял гӏахьалчагӏи-медицинаялъул хӏалтӏухъабаз бихьизабураб къохӏехьеялъулъ. Китаялда баккараб гьелъ тӏираби щвезаричӏеб бакӏ дунялалда хутӏун батиларо. Нилъеда гьеб бихьана цохӏо телевизор—интернеталдасан гуреб, щивасул рагьде—рокъобе бачӏунги. Хутӏун батиларо районалда рокъосел унтичӏеб хъизан, кигӏанго бокьичӏониги, камичӏо Аллагьасул къадаралде щваралги. Аллагьасул талихӏалъ, республикаялъул цо—цо шагьарал—районазда гӏадин, нижехъ гӏемер чи хвечӏо, бугониги, хвалил кьогӏлъигун рухӏалил бухӏи цо—цо хъизамазда хъинтӏана.

Аллагьасул хӏукму гьечӏеб щибго гьечӏо, амма Бетӏергьанасги гӏамал гьабейин абун бугелъулха… Гьабичӏо гӏамал, тӏоцебе дица, хадуб цогидаз ва нилъеда бихьана лъугьа-тараб, сверухълъиялда ккараб. Жакъа бокьун гьечӏо бадибчӏвай гьабизе унтаразе, гьелъул гӏаксалда, кӏванагӏан кӏудияб рецц-бакъ гьабизе бокьун буго райбольницаялъул хӏалтӏухъабазе, бетӏерав тохтурасдаса бахъараб гӏадатияй санитаркаялде щвезегӏан.

Къаси-къад балагьичӏого, хӏалтӏана тохтурзабигун медсестраби ва санитаркаби. Дун ячӏиналде, больницаялъул хас гьарурал отделениязда вукӏана гӏаммаб куцалъ 45-50 чи. Аллагьасе рецц, кислородалъ хӏебтӏарал гьезда гъорлъ вукӏинчӏо ва тӏубараб моцӏалъ гьелде хӏажатав унтаравги ккечӏо, гьелъул гӏаксалда, сахлъун нахъ риччалезул къадар къойидасан къойиде цӏикӏкӏунеб букӏана. Амма щиб хӏал дун гьение ккелалде цо анцӏго-анцӏила щуго къоялъги букӏарабали бицунеб букӏана отделениялъул жанахӏалъур щибаб палатаялъул нуцӏил кӏалтӏа эхетарал кислородалъул баллоназ. Баркала Ахӏяд Хӏасбулаевич, Ризван Мухӏамадович, Ахӏмад Ахӏмадович, Мухӏамад Гӏисматулаевич ва Ильяс Юсупович, нужеда аскӏор эхетарал медсестраби Узлипат, Патӏиматал (Хӏайбулаева, Гъазиева, Мухӏамадова), Загьра, Мадинатал (Бадрудиновагун Зиявдинова), Сойбат, Басират, Париза, Оксана, лаборантка Саида, санитаркаби Патӏимат, Шагьрузат, Гӏайшат, Аминат, коронавирусалъул бищун захӏматаб тӏоцебесеб кьаби нужеда тӏаде ккарал жакъасел къоязул багьадурзаби, бахӏарзал. Кида кӏоченел нужеда ругьун гьечӏел тӏадкъарал цӏоробераз би баккиледухъ хъасарал нужер мегӏерал ва чӏегӏер гьарурал гьурмал, анлъгоги, микьгоги, анцӏила кӏигоги сагӏаталъ хисизе, тӏаса рахъизе рес гьечӏел вабаалъул унтабаздаса цӏуни мурадалда ретӏарал санагӏат гьечӏел комбинезонал, кӏиго-лъабго размералъ кӏудиял рукӏиналъ рехъерхъулел рукӏарал резинадул калошал, «хвасар гьаре ниж», — илан чара бухӏун жидеца абулел унтаразул берал, ракӏал гъанцӏулеб гьезул чорхол хӏал, зигарди, угьди, чӏей гьечӏого, конвеералда гӏадин, жанирегун къватӏире раччулелго раччулел кислородалъул бакӏал баллоназул дваргъи-хъуй.

Гӏемераб жо хутӏила абадиялъго нужер ракӏазулъ: кинаб хӏинкъигун тӏоцебесеб къоялъ тӏоцебесеб дежурство гьабизе хас гьарурал отделениябазде арал, унтаразул чорхол хӏал бихьун, гьезда гурхӏиялъ чанги гӏолохъанай медсестраялъул букӏараб рекӏел хӏал, гьебго рихха-хочиялъ лъавудаса ине дагьалъ хутӏарал унтарал, 15-20 къоялъ хисизе чи гьечӏого цохӏо живго хӏалтӏарав Мухӏамад, 12-15 сагӏаталъ гӏодор чӏезе щвечӏого хӏалтӏарал Ахӏмадгун Ризван. Дагьабниги мадар ккарал рихьун, нужер букӏараб рохел, унтул хӏал бергьаразде тӏаде къулун ургъалил пикрабалъ рорчӏарал сардал, чӏей гьечӏого унтаразул гӏадлуялда рукӏарал санитаркаби. Кида гьеб кинабго кӏочонеб?! Букӏана щивасул рекӏелъ бахчараб хӏинкъиги, нижго унтиладай, хъизан-лъималазухъе тӏаде руссинадай абураб. Узухъда, гӏумру хирияб жо буго, амма нужеца цо секундалъги хӏал лъазе течӏо цадахъ хӏалтӏулездагун унтаразда ва нужерго смена лъугӏидал, хадусеб сменаялъулалгунги хӏалтӏулаан, гьезие кумек гьабулаго.

Бихьулареб унти гӏемер захӏматаб букӏиналда киналго разилъана, даруги бахун, катанги къан, нилъеда бихьун сахлъулеб ругъуналдаса. Гьедин ссудулел унтаразул ракӏазе ракӏ батулеб рагӏи абизеги, хвалил квачӏикь ругезе ясин цӏализеги, щивасухъе щвезеги, чанго нухалъ щуцӏулги анкьцӏулги цого унтарасухъе рекерун, хӏажалъи ккани, сагӏтаз гьединазда аскӏор рахъун чӏей — Аллагьас кӏодо гьареги нуж, кири- даража цӏикӏкӏинабеги, рахӏат-макьу кӏочон тун, гьабураб хъулухъалъухъ. Нужеда цо лахӏзаталъниги кӏочон течӏо унтаразда цебе бугеб нужерго борч, дур пиша-хӏукмуялда гьесул сахлъи ва гӏумру бараб букӏин, цебе чӏезабулеб букӏун батила сахлъун къватӏире унезул гьурмаздагун беразулъ бугеб рохалилгун талихӏалъул кунчӏи.

Хасаб баркала нужее гӏужда щвараб кумекалъ инсанасул гӏумру хвасарлъулеблъи рекӏелъан ине течӏел «кислородалъул удаман» Мухӏамад Гӏисаев, Мухӏамадзагьид, Хӏайбулагь ва Супян, унтаразул ахирисеб божилъи нужеда лъурал фельдшерал Гъазиявдибир, — ва дежурниял тохтурзаби Мухӏамад Мухӏамадкеримов, Мухӏамад Хӏабибов. Унтул байбихьуда нужеца лъураб диагнозалъул унтарав хадусел тадбиразде хӏадур гьавиялъулъ кӏвар кӏудияб буго сахгьариялъе. Гьелъ бихьизабула нужер махщалилаб цӏубай, гӏаданлъиялъул хасиятал ресси. Коронавирусалда хурхун лъазабураб карантиналъул заманалда, райбольницаялъул хӏалтӏул низам дагьабго хисаниги, гьеб низам кидаго гьедин букӏана. Хисичӏо гьеб карантиналъул заманалдаги участкаялъулай терапевт Мадинат Мухӏамадовалъегун медсестра Альбина Мухӏамадовалъе, рентгенологал Гъазидибириегун Патӏиматие. Къотӏи-чӏей гьечӏеб букӏана гьезул хӏалтӏи-къойил къогоги лъебергоги чи къабул гьавулаан гьез гьуърузул рентген бахъизе рачӏаразул, цӏикӏкӏун унтарал ритӏула больницаялде, дагьал мадар бугезе цогидалги тохтурзаби-специалисталг ахӏун, гьарулаан малъа-хъваял, бичӏчӏизабула кин-щиб гьабизе кколебали.

…Цебеккун абухъе, ккана дунги, коронавирусалъул къорикье. Кӏиго анкьалъ гуреб, моцӏалъ халалъана дагьабго цӏа-кан бахиялдаса байбихьараб дир унтулгун тохтурзаби Мухӏамад Яхӏяевас, Айкат Мухӏамадовалъ, реаниматологал Ахӏядгун Ильясица, медсестраби Узлипатица, лъабайго Патӏиматица, Загьраца, Мадинатица, Хадижатица, гьабулеб рагъ. Отделениялда чӏезабун букӏараб рацӏцӏалъиялъухъ баркала санитаркаби Патӏиматие, Шагьрузатие, Гӏайшатие, Хадижатие.